МагъчIваялъе рес

Мельдониялъ Олимпиадаялъул нухде заз бана


Исана риидал Бразилиялъул Рио-де-Жанейро шагьаралда тIоритIизе ругел Олимпиялъул хIаяздаса тIолабго Россиялъул тIасабищараб команда махIрумлъизе рес бугин лъазабуна 18 маялда Халкъазда гьоркьосеб Олимпиялъул комитеталъул нухмалъулев Томас Бахица.

Гьедин ккезе рес бугин Россиялъул спортсменаз допинг хIалтIизабулеб букIин тIатани.

Гьелъие гIоло гIуцIун буго хасаб комиссия. Дагъистаналъул спорталъул церехъабаз абулеб буго гьединаб хIукму гьабуни цIакъ мекъаб жо букIине бугин гьебилан.

Мельдониялъ Олимпиадаялъул нухде заз бана
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:22 0:00
Интернет-мухъ

Томас Бахица гьединаб лъазаби гьабиялъе гIилла ккана 2014 соналда Сочиялда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда Россиялдаса ункъо спортсменас стероид абураб допинг хIалтIизабулеб букIараблъи тIатинаби. Гьанже тIолалго Россиялъул спорстменазул халгьабизе допингалда дандечIараб халкъазда гьоркьосеб агентствоялъ гIуцIулеб буго хасаб комиссия.

Гьелъул хIасилалда Россиялъул спортсменазул цIикIкIарасеб къадаралъ допинг хIалтIизабулеблъи тIатани тIубараб команда махIрумлъизе бугин Рио-де-Жанейроялда тIоритIизе ругел Олимпиялъул хIаяздасаян лъазабуна халкъазда гьоркьосеб олимпиадаялъул комитеталъул бетIерас.

Гьелда хурхун «Эркенлъи» радиоялъе комментарий кьуна эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Сажид Сажидовас. Сажид ккола цевеккун эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул ва дунялалъул чIел босарав спортсмен. 2004 соналда Грециялъул тахшагьар Афинаялда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда гьесие щун букIана мазгарул медаль. Халкъазда гьоркьосеб Олимпиадаялъул комитеталъ нагагь гьединаб хIукму гьабуни гьеб мекъаб хIукму букIине бугин абуна гьес.

Сажид Сажидов: «ЦохIо Россиялда гуребги цогидал пачалихъаздаги допинг хIалтIизабиялъул хIужаби ругеблъи дида лъала, амма хас гьабун нилъер пачалихъалда данде щай гьединаб тадбир ургъун бугебали бичIчIуларо. Батила гьенибги цо хIукму, ИншаАллагь кинабго ритIухъаб мухъде бачIинеб батила».

Допинг сабаблъун Дагъистаналдаса спортсмен халкъазда гьоркьосел къецаздаса махIрум гьавиялъул хIужа букIанищ цебеян гьикъидал, жинда лъалеб цониги гьединаб хIужа ккун букIинчIин абуна Сажид Сажидовас. Щайгурелъул гьелда хадуб кутакаб халкквейги букIунин, жалго спортменазги хIаракатги бахъулин гьелдаса цIуна-къан рукIине.

Амма кигIан цIунизе хIаракат бахъаниги бокьараб мехалъ тIатунеб бугелъул допинг хIалтIизаби. Мисалалъе, исана январалда мельдоний абураб допинг батун, Рио-де-Жанейроялъул Олимпиялъул хIаяздаса махIрумлъизе йикIиналъул хабар баккун букIана теннисистка Мария Шараповалда хурхунги. Гьелда бан гьадинаб пикру загьир гьабуна Сажид Сажидовас

Сажид Сажидов: «Мельдониялъул ккана гьадинаб жо. Жакъа къоялъги чIезабун гьечIо кигIан заманалъ гьелъул асар хутIулеб чиясул къаркъалаялдаяли. Мисалалъе, руго гъоркьиса декабралда гьеб хIалтIизабуралги, араб соналъ гьеб гьукъун букIинчIелъул. Чиясул къаркъалаялъул гIуцIи, гьеб хIалтIулеб низам батIи-батIияб букIине бегьулелъул. Цоясул анкьида жаниб ине бегьула гьеб чорхолъа, цогидасул бащдаб лъагIалиде гурони унаро. Нижер командаялда ругел спортсменаз гъоркьисалаго хIалтIизе гьабулароан гьеб.

Амма гIадамасде кинабниги къуват бачIинабулеб асар гьеб мельдониялъул гьечIо. Чиясул къаркъалаялде тIадецуй ккечIого букIине, цо чIара-хьараб хIал гьелъул букIунеб асар гьабун гурони, батIияб къуват гьелъ инсанасе кьоларо».

Кинаб букIаниги допингалдаса рацIцIадго ругел спортменал Олимпиялъул хIаяздаса махIрум гьариялде жал дандечIарал ругилан лъазабуна Халкъазда гьоркьосеб Олимпиадаялъул комитеталъ гьабураб лъазабиялда хурхун Россиялъул спорталъул министерлъиялъ. Допинг хIалтIизабиялда хурхун хасаб комиссиялъ тIобитIулеб халгьабиялъе кумек гьабизеги хIадурал ругин жалилан абулеб буго гьез. Амма чанго лъагIелалъ тIадчIун Олимпиадаялъул хIаязде ритIухъаб куцалда хIадурлъулел рукIарал спортсменазе гьенибе нух къазе лъугьиналда жал разиял гьечIин.

Халкъазда гьоркьосеб Олимпиялъул комитеталъ Россиялъул хIукуматалда хурхун гьабулеб провокация бугин гьеб кинабгоян абуна жиндирго пикру загьир гьабулаго Дагъистаналъул спорталъул министр хисулев ХIайдарбег ХIайдарбеговас.

ХIайдарбег ХIайдарбегов: «Допингалда хадуб халкквеялъул тадбир гьеб киназего гIаммаб тадбир ккола ва циндаго рахъун гуро гьелъул бицунеб. КIиго соналъ цебеккун лъазабула щиб спортсменас хIалтIизабизе бегьулеб ва щиб бегьуларебали. Гьединлъидал дида кколеб гьеб цо лъил бугониги политикияб заказ гIадаб жо бугин, ургъунго Россиялъул хIукуматалда данде гьабулеб. Лъабго-ункъо спортсмен сабаблъун тIубараб улкаялъул тIасабищараб командаялда хурхун хIукму къотIулеб жо букIунебищ?

Гугарухъанасул щиб гIайиб бугеб боксерас допинг халтIизабунилан, гьединго векерухъанас гьукъараб жо хIалтIизабунилан цадахъго боксерасеги тамихI гьаби битIунищ бугеб? Щивасул жиндирго нух буго спорталда ва гьелда рекъон хIадурлъула гьев къецазде. Гьел киналго журазаризе бегьуларо».

Допинг сабаблъун Россиялда ахIи-хIур бахъун букIана араб соналъул ноябрь моцIалдаги. Гьеб байбихьана Германиялъул ARD абураб каналалъ бихьизабураб фильмалдаса хадуб. Гьеб видеоялда бихьизабун буго Россиялъул тIасабищараб командаялъул екерухъан Юлия Степанова ва гьелъул рос, Россиялъул допингалда дандечIараб агентствоялъул вукIарав вакил Виталий Степановасги бицараб хабар.

Гьениб гьез ракIрагьун бицун рагIула, спорталда гьукъарал жал хIалтIизари Россиялда гIадатияб иш бугилан. Гьанже гьеб кинабго сабаблъун тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ Россиялъул тIасабищараб команда киналниги халкъазда гьоркьосел къецаздаса, гьединго исана Рио-де-Жанейро шагьаралда тIоритIизе ругел Олимпиадаялъул хIаяздасаги махIрум гьаризе бегьулин хъвалеб букIана информалатаз.

XS
SM
MD
LG