МагъчIваялъе рес

Кванхиса Рамазанил кIиабилеб хитIаб


Чачаналъул Кванхи росулъа магIарулав Рамазан Жалалдиновас кIиабилебги видеохитIаб гьабуна гьеб республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасде. Гьединго гIарза битIана Россиялъул генералияв прокурор Юрий Чайкахъе.

Кенхи росдал масъалабазе кIвар кьолеб гьечIин, магIарулал рукIиналъ гьезул росдаде мугъ рехун бугин бакIалъул нухмалъиялъ абураб магIна буго Жалалдиновасул гIарзаялъул. Чанго къоялъ цебе Жалалдиновас гьабураб гьединаб хитIабалдаса хадуб Рамзан Къадировас республикаялъул телевидениялдасан абуна Чачаналда гIумру гьабулев чигицин гурин гьев Жалалдинов.

please wait

No media source currently available

0:00 0:06:21 0:00
Интернет-мухъ

Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасда тIасан Россиялъул генералияв прокурор Юрий Чайкахъе тIоцебе битIараб гIарза гурин жинца гьебилан бицана ЭР-ялъе Кванхиса Рамазан Жалалдиновас. Гьев рази гьечIо Чачан Республикаялъул бетIерас жидер росдаде кIвар кьолеб гьечIолъиялда – Чачаналда рагъ лъугIаралдаса нахъе къачIачIого тун ругила риххун рачIунел ругел минабиги, нухалги.

Гьединго школалъул мугIалимзабазе харжал кватIизарулел ругила, кванхисезул чагIи хъулухъазде росулел гьечIила. Гьединаб магIнаялъул хитIаб Россиялъул президент Владимир Путинидеги гьабун букIана Жалалдиновас.

Гьелдаса хадуб Чачан Республикаялъул телевидениялдасан Рамзан Къадиров гьадин кIалъанилан бицунеб буго Рамазан Жалалдиновас.

Рамазан Жалалдинов: «Республикаялъул телевидениялдасан кIалъалаго гьес (Рамзан Къадировас – ЭР) абуна дун гIадал къватIахъ гьарурал чагIи республикаялдаса нахъе гъезе кколила. Дун киданиги дова вукIарав, гIумру гьабурав чиги гурила. Гъизляралдаса цо-цо чагIаз гIарацги кьун жиндир рахъалъан квешаб информация тIибитIизабизе виччарав чи вугила.

Цинги дица гIарза хъвана генералияв прокурорасухъе (Юрий Чайкахъе – ЭР), гьав чияс гьабулелъеги дица бицунелъеги къимат кьеян, гьединго дун гIайибияв ватани, туснахъалъувги лъейин, ватичIони, росулъе вуссине ихтиярги кьейилан».

Путиниде видеохитIаб гьабун хадуб «Дождь» каналалъул журналист Василий Полонский вачIун вукIана Кванхиве, амма гьениве щун цо сагIаталдасан гьес росу тезе ккун буго. Цинги полициялде ахIун вуго журналист росулъе щвезавурав таксист МухIамад Шариповги. Полициялде жеги нусго чи вачун анин абурал баянал рукIана. Амма инсанасул ихтиярал цIунулей, Чачаналдаса Хеда Саратовалъ абуна цохIо таксист гурони ахIичIин полициялде, гьевги, гьикъа-бакъи гьабун, къокъидаго нахъе виччанилан.

Полонскиясулги Шариповасулги хIакъалъулъ гьадинаб баян кьолеб буго ЭР-ялъе Рамазан Жалалдиновас.

Рамазан Жалалдинов: «Дунгун дандчIван хадув ана Полонский росулъе. Чачаназулъги гьалмагълъи бугелъул дир, дица гьезда гьарана гьадинан унев чи вугин гьев, гьесда хадуб халкквейилан. Гьедин дир гьалмагъзабаз нух ккун машинаби чIезарун рукIана журналистасда жадур. Цо заманалдасан дихъе ахIун бачIана нужеразул гуреб гIадаб лъабго машина анин добехун, нахъе вачейин гьев (Полонский – ЭР) росулъа.

Гьеб мехалда дица ахIана гьесухъе Дагъистаналде айилан. Гурин, вачIараб нухдасан инин живилан чIун вукIана гьев. Ворейин, дир васгун лъута гьениса Дагъистаналдеян абуна дица гьесда нахъойги. Гьедин ворчIун вуго дов доваса.

Гьениса ун бащдаб сагIаталдасан рачIун росулъегун, гьев валагьулев вукIун вуго доз (полициялъ – ЭР). Цинги журналист росулъа ин лъайдал, радал рачIун полициялде вачун ун вуго гьез Полонский росулъе щвезавурав таксист (МухIамад Шарипов – ЭР). Гьеб мехалда дица «Кавказский узелалде», «Новая газеталде», «Дождь» каналалде ахIана гьадинаб жо кканилан. Гьел кIалъан руго Хеда Саратовалде (инсанасул ихтиярал цIунулей – ЭР). Гьелдаса хадур полициялъулал рачIун руго дов Шариповасда хадур. Подвалалъув вукIун вуго гьев.

ТIаса лъугьайин, жал мекъи ккун рукIун ругилан, шоколадалъул плиткаги цебе лъун чайги тIун буго. Гьай гIадан (Хеда Саратова – ЭР) йигин мун цIехон ячIун, гьелъие бицейин жидеца дуда кинаб дандчIвай гьабурабали. ЛъикI бугин кинабго, жиндие щибгIаги къварилъиги гьечIилан досги абун бугоха (гьанже вахъун гьелда цебе кканщинаб жо бицуневищ вукIиневан)».

ЭР: «Интернеталда хъвалеб буго нусгогIан чи ун вукIанин Кванхиса полициялде вачун. Хеда Саратовалъ абулеб буго цохIо гьев Шарипов гурони вукIинчIилан».

Рамазан Жалалдинов: «Цин Шарипов вачун вукIана, хаду кIигоявги ана доз вачун. Гьеб мехалда гIадамал рагъарана. Видеоги буго гьелъул. Нижер доба интернет хIалтIуларого, жеги бажаричIо гьеб тIибитIизабун. Росу багъарана гьелдаса хадуб… Гьеб мехалда росдал гIадамалгун кIалъазе виччан вуго доз дов. Жив цоги росулъ вугин, жинда хадур рачIаян абун буго гьес гIадамазда. Гьенире индал, гьенив ватичIо гIадамазда дов. Цинги маркIачIуда нахъе виччан вачIана (радалго арав чи)».

ЭР: «Гъосие суалалищ кьолел рукIарал доз, гIакъубайищ?»

Рамазан Жалалдинов: «Подвалалъувеги рехун, хIинкъизарун суалал кьолел рукIанила дуца росулъе вачарав чи щивин, лъидасанин дуда гьев лъарав… Цинги Хеда Саратовалъ ахIунги бачIун, гьезул гьурмал кьер хисун рагIула».

Кванхиса чагIи магIарулал рукIиналъ нахъе цулел ругин, гьел хъулухъаздаги толел гьечIин Жалалдиновас бицунеб хабар гьереси гьабун букIана чанго къоялъ цебе Шарой мухъалъул нухмалъулев хисулей Лейла Муцаговалъ. Жидер мухъалъул хъулухъчагIазул 60 процент Кванхиса бугила.

Гьелъие гьадинаб баян буго Рамазан Жалалдиновасул.

Рамазан Жалалдинов: «Гьел хъулухъазда тарал чагIи дир гIагарал чагIи ккола. Цо хIарпгицин лъаларел гIадамал руго. Масала, магIарулазул культураялъул централда тарав чи вуго. Жанисан къачIан цохIо рукъ буго гьениб. Киданиги кивниги хIалтIарав чиги гуро гьев. Шарой мухъалъул бетIерасул боцIиги хьихьун вукIуна гьев. КIиабилев вуго гьеб мухъалъул бетIерасул кумекчиян. А-ги Б-ги щибалицин лъаларо гьесдаги. Гьеб киналъулго дов журналистасдаги бицана гурищ гIадамаз. I20-ниги чи вакIарун вукIун вуго доб къоялъ гьениве».

Рамазан Жалалдиновас балъго гьабулеб буго гьабсагIаталда жиндир чIей бугеб бакI.

XS
SM
MD
LG