МагъчIваялъе рес

КъватIисел "тушбабаз" жанисеб конституция хвезабизе тIамулел руго...


Гъурщил къимат хвей ва Россиялда тIад лъун ругел санкцияби кколин жакъа Россиялда данде гьабулеб бугеб гибридалъулаб рагъул хIасилалин лъазабулеб буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул бетIер Александр Бастрыкиница.

Цолъарал Америкаялъул Штатаз ва гьелда цадахъал улкабаз Россиялда ва жеги чанго улкаялда данде гибридалъулаб рагъ гьабулеб бугила ахираб анцIго соналда жаниб, амма гьаб заманаялъ гьеб цIакъго хIалакун бугин, гьединлъидал, хIажат бугин информациялъулаб рагъуе дандечIей гьабиялъул мурадалда цензура тIадбуссинаби ва экстремизмалда дане къеркьеялъул шартIал кьваризарийин баян гьабулеб буго Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул бетIер Александр Бастрыкиница «Коммерсантъ Власть» газеталда бахъараб макъалаялда.

Гьеб мурадалда Бастрыкинида хIажатаблъун бихьулеб буго Крымалда тIобитIараб халкъияб референдумалъул хIасилал уял гурин аби экстемизмлъун рикIкIи, терроризмалъулъ гIахьаллъи бугезул гIагаразе пачалихъалъул рахъалъ ругел социалиял мухьал ва цогидал субсидиял риччачIогон тей ва чиясул мал-мулк нахъе бахъи уголовияб тамихIалъул цо тайпалъун гьаби. Гьел шартIаз, Бастрыкинил пикруялда рекъон, хIасилал кьезе руго экстремизмалда данде къеркьеялъулъ.

Информациялъулаб рагъулъ дандечIей гьабиялъул мисаллъун гьес бачунеб буго Китай. Гьеб улкаялда тIубан, яги цо бутIа къватIисел пачалихъаз гIарац кьун хIалтIулел электрониял информ-сурсатал гьукъун руго.

Блогер Вели Мехтиевасул пикруялда, Китаялдаса мисал босиялде ахIулел ратани, тIоцебесеб иргаялда нилъеца мисал босизе бегьилаанила ришватал росулел хIакимчагIи чIвазе къотIиялъулъ.

Вели Мехтиев: «Китаялъул хIалбихьиял мисалалъе росулел ратанани, ришватал росулел хIакимчагIи чIвазе къотIиялъул хIалбихьи бегьилаан нилъер гьаниб хIалIизабизе. Амма дида ккола живго Бастрыкин гьелда данде вукIинаанин.

Дида бичIчIилаан, гьел жал цо депутатас рицун рукIарани, амма щай гьеб ЦIех-рехалъул комитеталъул бетIерасе популизм тIибитIизабун хIажат бугебали дида бичIчIуларо. Крымалда бан пикру загьир гьаби абунани, гьеб буго щибав чиясул ихтияр. Терроралъулал ва экстремистиял ишазде ахIулел гьечIони, гьеб бегьуларо гьединаблъун рикIкIине.

Нилъер тарихалда букIана заман, пикру гьукъараб, амма кигIан тIаде цуй гьабун, гьеб гьукъаниги, Совет хIукумат биххиялдаса гьелъ цIуничIо. РакIалде бачIунеб буго Черномырдинил рагIаби, «Нилъер улкаялда щиб гьабизе лъугьаниги, гьеб КПССалде сверула», -ян».

Блогерасул пикруялда, цензура жакъа букIин бихьулеб буго централиял каналалаздасан унел политикиял ва аналитикиял программабазухъ балагьани.

Крымалъул референдум къабул гьабунгутIи экстремизмалда бащад гьаби тIалаб гьабулеб бугин Бастрыкиница, амма гьеб кколин чиясе эркенго пикру загьир гьабизе гьукъи, гьебин абуни, Инсанасул ихтияр хвезаби бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе блогер Мурад МухIамадовас. Халкъазда гьоркьосеб даражаялда босанани, Россиялда мадугьалихъ ругел пачалихъаз рикIкIунарила референдумалъул хIасилал уяллъун, гьебго Китаялъги гьел рикIкIунарила.

Мурад МухIамадов: «Цониги нилъер мадугьалихъ ругел улкабаз, Россиялъ гьудулзабилъун рикIкIунел, рикIкIунаро гьеб референдумалъул хIасилал. Гьединлъидал, гьеб буго чIобогояб хабар. Улкаялда жаниб, цо лъица бугониги гьеб референдумалъул хIасилал къабул гьабулареб пикру загьир гьаби экстремизмлъун рикIкIунеб бугонини, гьеб ккола рагIул эркенлъи гьукъи. Информациялъул рагъалъе данлечIеялъул бицанани, гьеб жакъаго унеб буго, жеги къануналда щула гьабун гьечIониги.

Мисалалъе бачине бегьула РБК каналалъул нухмалъулев Прохоровасе хIинкъиял кьей. РБК бичун босулеб бугин абулебги букIана. Гьединал галабаздалъун лъикIаб бакIалде бачIунаро иш. РБКялъ кьола бищун ритIухъал экономикиял дандеросиял. Гьеб кинабго буго халкъалъухъе хIакъикъияб информация щвечIогон букIиналъе гьабулеб жо».

Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул бетIерас бицен гьабураб гIумруялде бахъинабизе кканани, Россиялъул жакъа къоялда бугеб Конституция хисизабун, цIидасан хъвазе кколин, гурого, гьеб улкаялъул конституциялда данде кколарин бицана «Эркенлъи» радиояллъе жамгIияв хIаркатчи ГIабдурашид СагIидовас. Крымалда тIобитIараб референдум къабул гьабунгутIи холокосталда данде кквезеги кинго бегьуларила.

ГIабдурашид СагIидов: «Бастрыкиница рехсаралщинал къагIидаби хIалтIизаризе кканани, хисизабизе ккола Конституция. Конституциялъ кьолеб буго щибав гражданинасе эркенлъи. Гьел киналго цIуна-къаялъул эркенлъаби нахъе рахъизе ккола киналго. Крымалда сордо-къоялда жаниб тIобитIараб референдумги, Холокост ва Эрмениязул геноцидалда бащаб гьабулеб буго, гьеб къабул гьабунгутIи цо-цо улкабазда экстремизмлъун рикIкIунилан абун. Амма геноцидги гьебги цо цIадирабазда лъезе бегьуларо.

Террористазул гIага-бажарал махIрум гьарие кколин социалиял мухьаздасанин абулеб буго, гьеб кколаха гьел хъизамалда сакъатав чи ватанани, гьесие пенсия къотIизабизе бугин абулеб жо. Амма кинха гьеб ритIухъаб букIинеб. Конституциялда данде кколарелщинал жал рехсана Бастрыкиница нухда рилълъанхъизаризе кколилан абун».

Цебеккун диваналъ хIукму къотIун гурого кинаб букIаниги сурсат экстремистияблъун рикIкIунеб букIунеб батичIони, гьанже Бастрыкиница тIалаб гьабулеб бугила бокьараб сурсат гьединаблъун рикIкIине, хадубккун диваналъ хал гьабизе битIун бугищ гьеб гьединаблъун рикIкIинали. Амма бокьарав чиясда лъалила, Бастрыкиница гьединаблъун рикIкIараб сурсат, гьечIилан чIезабулареблъи кинаб бугониги диваналъин тIаде жубана жамгIияв хIаракатчияс.

XS
SM
MD
LG