МагъчIваялъе рес

Блоггеразул даптар. 24-30 Сентябрь


Blogs review
Blogs review

Гьаб анкьалда Дагъистаналъул блогосфераялда гьоркьор лъолел суалал рукIана батIи-батIиял. Гьезда кIудияб бакI кколеб буго диналда хурхарал суалаз.


Бищунго гIемер бицунеб букIана бусурбаби хIакъир гьарулеб киноялъул хIакъалъулъ ва хадубккун Youtube компаниялъ гьеб киноялъул трейлер сайталдаса хвезабизе инкар гьабиялъул хIакъалъулъ.

Блоггераз кIвар кьолеб буго бусурбабазда гьоркьоб youtube.com ва google.com сайтаздаса пайда босугеян гьабулеб пропагандаялде. Razikaalieva абураб цIаралда гъоркь хъвадарулей блоггералъ Facebook.com сайталда хъвалеб буго бусурбабазухъе гьединаб лъазабигун лъазариял рачIунел ругин ва гьеб ахIиялда хадур цо миллион бусурбаби ани, Google компаниялъе 210 млн доллар зарал ккезе бугин.

Амма блоггер Манышев Сергейица хъвалеб буго, alexa.com сайталда кьолеб дунялалъулго сайтазул рейтингалда ахираб заманалда кIиабилеб бакIалда букIараб google.com сайт тIоцебесеб бакIалде бахъанин ва бусурбабазда гьоркьоб гьабулеб пропагандаялъ кинабгIаги хIасил кьечIин.

Lex абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас жиндирго блогалда хъвалеб буго рехсараб видеороликалда хурхун ахIи-хIур бахъинаби ва сайтал гьукъи кколин мекъаблъун. Гьесул пикруялда рекъон рехсараб киноялъул аслияб мурадги гьеб букIанин, ай, бусурбабазда гьоркьоб ахIи-хIур бахъинаби ва гьелдалъун цебеккунго загIипаб киноялъе машгьурлъи тIалаб гьаби.

Гьединго блоггераз гIемер бицунеб букIана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ гьал къоязда хал гьабулеб, инсанасул динияб рахъ хIакъир гьаби гьукъараб къануналъул хIакъалъулъ.

Блоггераз хъвалеб буго рехсараб къанун щвалде щвечIеб бугилан ва гьеб къанун хвезабурав чи уголовияб жавабчилъиялде цIай кIудияб тамихI бугилан.
Блоггер Алина Эмировалъ жиндирго блогалда хъвалеб буго, гьеб къануналъ ихтияр кьезе бугин тIалъиялъе рокьуларел щиназда хадур лъугьине, гьел уголовияб тамихIалде цIазе.

Руго гьеб къануналъул рахъ ккун хъвадарулелги. Мисалалъе, gardasoff f абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев Ризваница рикIкIунеб буго инсанасул динияб рахъ хIакъир гьарулел хIужаби къойилго гIадин рихьизарулел ругин телевидениялдаса ва цоги информациялъул алатаздасан.

Кинаб бугониги бокьараб гьукъи квешго къабул гьарулел либералаз пачалихъ моралияб рахъалъ загIип гьабулеб бугин ва рехсараб, моралияб рахъ щула гьабулеб къанун жидедаго данде чIараблъун рикIкIунеб бугин гьезилан хъвалеб буго Сергейица.

Блоггер ва журналист Анохина Светланаца хъвалеб буго Россиялъул Конституциялъул 28 абилеб статьяялда данде кколеб гьечIин рехсараб къанун. 28 абилеб статьяялда хъвалеб буго щивав чиясул ихтияр бугин гьесул гIумруялда, жинсалда ва миллаталда балагьичIого жиндие бокьараб дин къабул гьабизе, ялъуни атеистлъун вукIине.

Дин гьабулел гIадамал цIунулеб хасаб къанун къабул гьабиялъ гьеб дин гьабуларел атеистазул ихтиярал хвезарулел ругин, пачалихъалда киналго гIадамазул ихтиярал ращад гьарулеб Конституциялъул аслияб принципалда данде кколеб гьечIо гьеб къанун абураб пикруялъул рахъ кколин жинца хъвалеб буго гьелъ.

Админстративияб жавабчилъи бугого тIаде уголовияб жавабчилъи щай чIезабулебилан хъвалеб буго timurov абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас.

Блоггер Гъаниев Аркадийица «Эркенлъи» радиоялъе бицана рехсараб къанун къабул гьабиги, бусурбаби хIакъир гьарулебилан рикIкIунеб кинофильмалда сверухъ ахIи-хIур бахъинабиги жинда мекъаблъун бихьулин.


Аркадий Гъаниев
Аркадий Гъаниев
Гъаниев Аркадий: «Дир хIисабалда, инсанасул динияб рахъ хIакъир гьабиялде данде чIараб къанун батIи-батIияб хIалалъ хъвазе бегьула гIадамазда. ЗахIматго букIине буго батIа бахъизе, унго-унголъун гIадан хIакъир гьавиги, гьадинго жиндирго пикру загьир гьабиги.

Гьеб пикру цо кинал ругониги гIадамазе рекIее гIолареблъун букIине бегьулелъул. Дун хIинкъула гьеб къануналъ гIайиб бугелги, гьечIелги, киналго тамихIалде цIаялдаса ва гьелдалъун инсанасе рагIуе эркенлъиялъе нух къаялдаса. ТамихIалде цIангутIизе ккани тIубанго диниял суалазда хъвачIого чIезе кколел руго.

Цойги рахъ буго гьаниб: диниял гурел гIадамазулги ихтиярал цIунизе ругищ? Ахираб заманалда цо-цо жал тIубанго диниялин рикIкIунел гIадамаз диниял гурел чагIи хIакъир гьариялъул хIужаби гIемерлъун руго. Цо-цо диниял вагIзаби жал хIакъир гьарулеллъун рикIкIине бегьула гIадамаз.

Гьеб бусурбаби хIакъир гьарулеб кинофильмалда хурхун дица абилаан, гьеб кинофильмалдасаги цIикIкIун Исламги, бусурбабиги хIакъир гьарулел руго цо-цо гIараб ва цоги исламиял пачилихъазда ругел, лъицаго чIезаризе кIоларел ва жидее бокьа-бокьараб гьабулел къокъабаз.

ГIисинал лъимал гIадин провокациялда хадур унел руго ва гIодоре риччазе кIолеб гьечIо. Гьединаб кинофильмалъе бищунго лъикIаб жаваб букIинаан кIварго гьабичIого тей».

Цойги блоггераз гIемер гьоркьоб лъураб суал букIана моцIрода СагIид-Афандиясул сурат бихьанилан тIиритIарал харбал. Интернеталда раккана моцIрол сураталги. Islamali цIаралда гъоркь хъвадарулев блоггерас хъвалеб буго исламалда гьединал хIужабазе бакI гьечIин, гIалимзабазги гьединал хIужабазе чIванкъотIараб баян кьолеб гьечIилан.

Гьесул пикруялда рекъон гьеб сураталъул хал гьабизе ккола мухIканго фотомонтаж гьабун бугищали. Блоггер Мартиросова Анжелаца хъвалеб буго гьеб сураталъулъ мегежги бугев, тIагъур къарач чи халлъи гурони, чIван къотIун гьеб СагIид-Афандиясул сурат бугилан жинда абизе кIоларин.

Амма гIадатияб халкъалъ гьеб гьедин чIезабулеб бугин ва гьел гIаксалда божизаризе лъидаго кIвеларин. Гьединал рукIана араб анкьалъ Дагъистаналъул блоггераз гьоркьор лъолел аслиял суалал.
XS
SM
MD
LG