МагъчIваялъе рес

Къадиров Рамзание иргадулаб «цIвабзазул цIад»


Грозныялда фейерверк
Грозныялда фейерверк
Чачаназул тахшагьаралда тIобитIун буго иргадулаб багьаяб концерт. Дунялалъул музыкалъул ва киноялъул иргадулал цIваби ахIун рукIана Къадиров Рамзанида гьавураб къо баркизе. Гьездаго гьоркьов вукIун вуго
актер Жерар Депардьеги.
Араб соналда гьединабго концерталде арал дунялалъул цIвабзада гIайиб гьабулеб букIана инсанасул ихтиярал цIунулез. Къадировасда гьез гIунтIизабулеб буго даимго инсанасул ихтиярал хвезарулеб режим республикаялда гIуцIиялъул гIайиб.
XS
SM
MD
LG