МагъчIваялъе рес

«Дун АхIулгохIалъул ахада тана»


Кавказалъул рагъул заманалда бищунго кIудияб тунка-гIуси ккараб, доб къоялдаса нахъе гIадамаз зиярат гьабулеб букIараб АхIулгохIалде нух къан бугоян лъазабулеб буго Гумбет мухъалъул ЧIиркъатIа росулъа мугIалим Ибрагьимов Ибрагьимица. Гьес бицана жив гьениве ун вукIанин, амма нухда кавабиги лъун нух къан батанин.

Жибго АхIулгохI кколеб буго ГIашилтIа росдал ракь, гьенибе унеб нухда кавабиги росдал дибирасул хIукмуялдалъун лъун руго. Ибрагьимица бицухъе, гIемерал гIадамазул рахIат хун буго гьеб хIужаялъ.

Ибрагьимов Ибрагьим: «Коммунистазул заманалда, гIадамал гьезие хIелхIедулеб мехалдаги, дун вукIана АхIулгохIалъул тарих балагьулев, гьелъул хIакъикъат лъазабулев. 1989 соналъ букIана АхIулгохIда ккараб рагъул 150 сон тIубай, амма Дагъистаналда цониги газеталъ я радиоялъ гьелъул хIакъалъулъ хъвачIо.

Дица дирго гIарцудалъун гьаруна маххул игIланал, тIад хъванагIараб, гIурус ва авар мацIалъги гьаб бакIалда кIудияб рагъ кканин ва гьеб цIунизе кколин ва сардилъ ун АхIулгохIде унеб нухда чIвана.

Хадусеб къоялъ цо ГIашилтIаса чияс гьел рахъун реххана. Замана букIана гьединаб. Дир рокъоса бихьулаан Унсоколо райкомалдаса рачIун гIадамаз АхIулгохIалъул мажгиталъул къайи бухIулеб кIкIуй. Доб мехалъги гIадамал балъго унаан зияраталде. Амма гьабсагIат гьал дибирзабазда гурони кIвечIо АхIулгохIде нух къазе.

Гьал дибирзаби руго гьекъолдухъаби гIадал чагIи. Доздаги лъаларо гьекъезе байбихьарабго гIорхъи чIезабизе. Гьазги цо жо гьукъизе байбихьани чIезе лъаларо.

Гьел хIукуматалъ риччан тун руго, гьезда жал чIезе кколеб бакI лъалеб гьечIо. Абулеб буго гьенибила муризабазул биял тIураб бакI бугин, гьеб бакI мерхьизе бегьуларин.

Гъов ГIашилтIа вугев дибирасул инсул тукен буго гъоба гъоркь, къватIисаги босун къайи лъабго багьаги тIаде лъун бичулеб, гьениб тIечIебищ би, даран-базаралда ругеб мехалда лъалеб гьечIищ гьезда гьениб муридзабаз би тIураблъи. Дида ракIалде ккола яхI-намус бугевщинав чияс гьезда абизе кколин гьеб бегьулароян».

Амма ГIашилтIа росдал дибир ХIусеница Эркенлъи радиоялъе бицана гьединаб хIукму гIешдерил росдаца гьабун гьечIин, Дагъистаналъул гIалимзабазул советалъ гьабун бугин, некIсияб тарихияб памятник чорок гьабичIого цIуниялъул мурадалда.

ХIусен: «АхIулгохIда зияраталъе рачIарал гIадамазе нижеца риидал заманаялъ босизе гьуинаб лъим букIана, как базе мажгитги буго. Доре тIаде рахунеб нухги нижеца къан буго, щайгурелъул рачIунел гIадамазул гIадлу гьабизе ккола.

Туристал рачIуна, студентал рачIуна, гьезда лъаларо АхIулгохIалъул къимат гьабизе, гьеб бакI адаб тун пасат гьабулеб букIана. Гьеб хIукмуги гьабун буго Дагъистаналъул хIакимзабаз, зиярат гьабизе бокьарал гIадамаз гъора гъоркь рукIун гьабуниги бегьила».

Гьединабго пикру загьир гьабуна Динияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица.

ГIумаров МухIамадрасул: «Нижеца чIван къотIун хIукму гьабичIо, гьеб гьабизе дандеги кколаро къануналда рекъон. ГIицIго нижеца малъана нилъер умумуца, гъазизабаз ва муридзабаз биял тIураб бакI мерхьизе бегьуларин, гьеб цIунизе кколин.

Гъоба гъоркь щай бегьулареб зиярат гьабизе, гьев чиясдаса анцIгогIан цIикIкIарал вализаби гъоркь зияратги гьабун нахъе ана. Кинниги жив дова тIаде вахъичIого чIеларин лъугьарав чи чIезавизеги кIоларо.

Доб замнаялъ вукIарав муридасул гIамалалъун нусго бутIаялъул цо бутIаги гIамал гьечIев чияс вачIинеги вачIун гьеб бакI мерхьизе бегьуларин абуна нижеца».
Юрист НурмухIамадов Мурадил пикруялда рекъон, къануналда рекъон гьенире гIадамал ине гьукъизе ихтияр гьечIин, гьеб АхIулгохI тарихияб памятник бугилан абурал кагътал ратани.

Гьеб цIунулеб къагIидаги чагIиги рукIин кколин, гIешдерил росдаца цIунизе кколарин гьеб.
XS
SM
MD
LG