МагъчIваялъе рес

ЛъаратIа мухъалъулгун прокурорасулгун мажгитазул бахIс


ЛъаратIа мухъалъул имамзабазда тIасан 20 гIарза хIадурун буго гьеб мухъалъул прокуратураялъ.

Гьелъие данде кколеб гьечIо гьезул уставазда ругел пунктал. Масала, гьечIила мажгитазда щиб малъулеб бугебали хъвараб бакI.

Бихьизабун гьечIила мажгиталъул хъвай-хъвагIай гьабураб бакI, цIар. Гьединго ругила конституциялда данде кколарел жалги.

Гьеб ккола «диниял байрамал кIодо гьарулеб заманалда гIадлу чIезабизелъун гIадатиял гIадамаздасан дружинниказул къокъаби гIуцIизе мажгитазул бугеб ихтияр».

Цо-цояз гьеб хIужа хурхинабулеб буго республикаялъе нухмалъи гьабизе бащдаб лъагIалица цеве Рамазан ГIабдулатIипов вачIиналда.

Гьесда дандечIараз абулеб буго дагь-дагьккун диниял идарабазде гьужумал гьарулел ругин гьес.

Амма Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул пресс-секретарь МухIамадрасул ГIумаровасул пикру батIияб буго.

ЛъаратIа мухъалъул прокурорасе къваригIун бугин жив Рамазан ГIабдулатIиповасда берцин вихьизеян абулеб буго гьес.

Мажгитазул уставазда букIараб кIиго пунктги нахъе бахъун, гьелъул бакIалда тIаде кIиго пункт жубани гIолеб жо бугин гьеб, гьебщинаб ахIи-хIур гьабичIонигийин баян кьуна ЭР-ялъе МухIамадрасул ГIумаровас.

1999 соналда Дагъистаналда рагъ ккейдал, киналго мажгитазул хъвай-хъвагIай гьабун букIана. Гьедин къалмиде росарал мажгитазе ихтияр кьун букIана республикаялда хIинкъараб ахIвал-хIал букIинги хIисабалде босун халкъиял дружинниказул къокъаби гIуцIизе, нагагьлъун хIажалъи ккани, гьез борхизе букIине тIаде ккараб къо.

Къойилго гIадин республикаялда терактал кколел рукIун, шагьараздагун росабалъ къаси-къаси рорчIуда чIолел гIадатиял гIадамаздасан дружинниказул къокъаби гIуцIизе кколилан лъазабун букIана гьанжелъагIан Дагъистаналда президентлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовасги.

Амма гьев хъулухъалдаса индал, лъугIана гьеб хабарги. Гьеле гьел дружинниказда бараб пункт нахъе бахъизабулеб буго гьанже республикаялда ругел киналго мажгитазул уставаздаса.

Гьединго гьениб тIасан хIучч цIазе кколеб буго маслихIаталъул диванал гьаризе мажгитазе кьураб ихтияралдасаги. Амма умумузул заманалдасаго батараб гIадат хIисабалда Дагъистаналда гIезегIан чияс гIарз мажгиталъул дибирасде бахъула, хIукуматалъул диваназдасаги.

Мажгитаз кьолин жидер ракI рекъараб жавабин абураб пикру букIуна гьенире гIарзаби кьолел чагIазул.

ПалхIасил, маслихIаталъул диваназдасагун дружинниказул къокъаби гIуцIиялдаса инкар гьабун батун гьечIо ЛъаратIа мухъалъул цо-цо мажгитазда. Гьел хиса-басиял гьариялде жал гьединги чанго соналъ церего дагь-дагьккун рачIунел ругин бицана МухIамадрасулица, амма жинда бичIчIулареб жо бугила цо жо – гьанже Рамазан ГIабдулатIиповас республикаялда нухмалъи гьабизе байбихьидал гурони ЛъаратIа мухъалъул прокурорасда гьеб суал ракIалде щунгутIи.

МухIамадрасул ГIумаров: «Гьа, лъикI буго. Дица прокурорасда гьикъана гъоб мажгит бугин 1998 соналда хъвай-хъвагIай гьабураб. Гъолдаса нахъе кивин вукIарав мун гьелъул халги гьабичIого.

Щу-щу соналдасан гьаризе ккола гьез халгьабиял. Лъабгониги халгьаби гьоркьоб биччан буго гурищха гьес, гьедин батани.

Гъолдаса нахъе ана анцIидасаги цIикIкIун сонал, гьанже хIукуматалъулги къуват цIикIкIана, гьанже ракIалде щвана азда конституция. Гьелда рекъезабейила кинабго.

Рекъезабулеб бугоха нижецаги дагь-дагьккун, лъабгониги сон буго гьедин гьабулелдаса. Гьел хиса-басиял гьареян малъа-хъвай нижее республикаялъул прокурорас 2009 соналдаго гьарун рукIана.

Амма ЛъаратIа вугев прокурорасда гьеб жакъа гурони рагIун батичIони, нижеца щиб гьабилеб? Гьеб цо. КIиабизе, гьел уставал рукIалиде ккезари буго кутакалда чIамучIаб жо. КIиазарго мажгиталъул хъвай-хъвагIай гьабун кIиго миллионгIанасеб гъурущги кьезе кколеб буго пачалихъалъе магъало хIисабалда...».

МаслихIаталъул диваназдасагун дружинниказул къокъаби гIуцIиялдаса инкарги гьабизабун, гьелъул бакIалда мажгитазе ихтияр кьолеб буго Къуръаналъул кьучIал малъулеб мадраса рагьизе.
XS
SM
MD
LG