МагъчIваялъе рес

Биххун ине къачIараб шагьар


Makhachkala, illegal construction
Makhachkala, illegal construction

Дагъистаналъул шагьаразда ругел гIемертIалалял минабазул цIикIкIарасеб къадар биххун иналда хIинкъи бугеб къагIидаялда буго. Гьединаб баян загьир гьабуна гьал къоязда тIобитIараб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул шураялъул данделъиялда ралел бакIазул рахъалъ экспертаз. ГIаммаб куцалда гьеб киналъего гIайибияллъун рихьизарулел руго минаби ралел чагIи. Амма гьел тIуранго рази гьечIо гьеб пикруялда.

Ралел бакIазул рахъалъ махщелчагIазул пикруялда рекъон Дагъистан кIиабилеб бакIалда рагIула Россиялда регионазда гьоркьоб ракьбагъариялъул рахъалъ хIинкъи бугеб.

Президентасда цебе гIуцIараб ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул шураялъул данделъиялда гIатIидго борхулеб букIана гьеб суал гьал къоязда.

Экспертаз загьир гьарурал баяназда рекъон 70 процент, дагъистналда ругел рукъзал риххун иналда хIинкъи бугеб хIалалъ ругин абулеб буго гьез.

МахщелчагIазул пикруялда рекъон 8-9 балалъул ракьбагъари загьирлъизе бегьула республикаялъул бокьараб шагьаралда, амма цебеккун гьезул бугеб хIинкъи лъазабун бажарулел хасал алатал рагIуларо республикаялда, гьел росизе гIарацги рагIуларо.

АхIвал-хIал гьединго хIалуцинабун буго Дагъистаналда низам гьечIого ралел бакIазги, Минаби разе хIисабалде росарал ракьазул сейсмологиялъулаб хIал кинаб бугебали хасаб цIех-рех тIобитIулеб гьечIо.

ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул шураялъул данеделъиялда вукIарав Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIиповас абуна жакъа минаби ралел ругин цебе ккараб бакIалда, нагагьилан абун ракь багъарани аза-азар чияс нилъ гIайибияллъун гьаризе ругин ккараб къварилъиялъулъ.

Экспертаз абулеб буго ахираб 15 соналда ралел бакIал гIемерлъиялъул хIасилалда гIорхъолъарорчIарал ялъни ракIалда гьечIеб балагьалъул хIасилалда хвезе бегьулел гIадамазул къадар цIикIкIун бугин 5-6 чияс.

Амма цохIого цо минаби ралезул гIайиб гурин гьеб кинабгоян абулеб буго МахIачахъалаялдаса Абакар Абакаровас. Минаби ралезул вакиллъиялъул «Дагъистаналъул застройщикал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ккола гьев.

Дагъистаналда лъикIаб махщелалъул минаби ралел хIалтIухъаби рукIанин, амма гьел киналго Дагъистан тун къватIире анилан абулеб буго Абакарица. Гьедин ралел бакIазул рахъалъ министерлъиялъул нухмалъулесда жиндагоцин бичIчIуларин жиндирго хIалтIи рагIа-ракьанде шун.

Жакъа республикаялъул шагьаразда минаби ран ругин нагагьлъун ракьа багъарун ялъуни цогидаб балагьалде ккарав чи хвасар гьавизе рес кьолареб куцалъилан абулеб бугоан тIадехун ресхсараб данделъиялда.

Абакарица абулеб буго гьелъул бищун кIудияб гIайиб бугин республикаялъул тIалъиялда:

Абакар Абакаров: «ГьанжелъагIан шагьаралъул нухмалъулевлъун вукIана батIияв чи. Гьесин абуни цере лъолел рукIана жидирго къагIидаби, жиндирго рихьизариял.

Гьел къагIидабазда рекъон хIалтIизе кколел рукIана киналго махщелчагIи, гьездаго цадахъ ралел бакIалъул хIалтIухъабиги. Жакъа минаб ралев чиясел ракь лъицаниги чIобого кьоларо, гьезул багьа зодобе бахараб буго.

Гьелъ минаби ралесеги рес букIинчIо гьитIинабго ракьул бутIаялда цоцада цун гIадин кIиго мина эхетичIого.

Гьелъул хIасилалда лъугьараб ахIвал-хIал буго гьеб кинабго. Гьез гIайиб нижеде бугъизе хIаракат бахъулеб буго, амма бищунго кIудияб гIайибги такъсирги гьезда хадубин бугеб»

Нижеца цIех-рех гьабуна ракьбагъариялъул бищунго хIинкъи цIикIкIараб хIал Дагъистаналъул кинаб шагьаралда бугеб абураб суалалда тIасан. Гьелда хадуб халкквей республикаялъул ралел бакIазул рахъалъ министерлъиялъул жавабчилъиялда гъоркье унилан бицана «Эркенлъиялъе» ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялда.

Идараялъул нухмалъулев хисулев Мухтаров МухIамадица бицана цебе жидецаги халкквей тIобитIулаанин гьелда хадуб, 2007 соналдаса нахъе тIубанго рехсараб министерлъиялъ кьолин гьелъул жаваб:

Мухтаров МухIамад «Шагьарал раялъул рахъалъ бугеб кодексалда рекъон гьеб киналъго захIмат гьабулеб буго хвасар гьариялъул хIалтIаби. Нижеца гьеб суал борхула данделъаби тIоритIулеб мехалъги. Амма минаби разе изну кьола ралел бакIазул минстерлъиялъ, ран хадуб гьелъие къимат кьезе ккола пачалихъалъулаб экспертизалъ.

Къокъ гьабун абуни ралел бакIазул лъаялдаги, махщалидаги гIей гьабун гьезде базабун толеб буго кинабго хIалтIи гьез лъикI гьабилин, амма гьез гIемерал гъалатIал риччалел руго».

Ракь багъариялдаса цIуниялъул мурадалда хIалтIаби гьаризе Дагъистаналъе араб соналъ биччан букIун буго 28 миллион гъурущ.

Амма гьеб гIарац киналго церечIарал масъалаби тIуразе гIун гьечIо, тIадеги гIарац щвезе рес кьолеб федералияб программаялда гьоркьобе Дагъистанги унеб рагIуларо.
XS
SM
MD
LG