МагъчIваялъе рес

Афгъанистан таралдаса ана 25 сон


Мах1ачхъалаялда «афгъаналъулазулин» цIар тараб ахикь, 15Фев2014
Мах1ачхъалаялда «афгъаналъулазулин» цIар тараб ахикь, 15Фев2014

15 февралалда тIубана 25 сон Совет Союзалъул аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачаралдаса. Гьез гьениб бана ичIго сон. Дагъистаналдаса гьеб конфликталда гlахьаллъана 3000 чи гьезулги 140 –яв гьенив гIумруялдаса ватIалъана. Гьел ракIалде щвезаризе ва иргадулаб нухалда жидерго проблемабазул нухмалъиялда рагIизабизе МахIачхъалаялда афгъаналъулаз ахикье ракIарун рукIана гьеб рагъул гIахьалчагIи.

Шамат къоялда Мах1ачхъалаялда «афгъаналъулазулин» цIар тараб ахикье ракIарун рукIана советияб заманалда Афгъанистаналда букIараб рагъулъ гIахьаллъарал дагъистаниялги, бакIалъул хIакимзабиги, журналисталги, цогидалги.

25 соналъ тIатIала 15 февралалда Дагъистаналъул афгъаналъулал ракIарула МахIачхъалаялда бугеб «афгъаналъулазулин»абулеб ахикье.

Гьенир ракIалде щвезарула ичIго соналъ халат бахъараб рагъул гIахьалчагIи. Гьеб рагъулъ камуна 140 дагъистанияв, чIван хадув гьезул кIигояв мустахIикълъана Совет Союзалъул БахIарчи абураб цIаралъе. Жеги 800 дагъистаниясе щвана рагъул батIи-батIияб даражаялъул шапакъатал. Кинавниги лъабазариде гIунтIун дагъистанияв витIун вукIана гьениве.

Афгъанистаналда рагъ байбихьун тIоцересел соназго гьенире ритIарал рагъухъабазда гьоркьов вукIана ЧIарада мухъалъул ГIириб росулъа МухIамадов МухIамадги. Афгъанистаналде гьев витIун вуго Алманиялда хъулухъ гьабулев вукIаго.

МухIамадов МухIамад: «Алманиялда хасалил ругьунлъабазда рукIана ниж. Цинги ахIвал-хIал гьединаб бугилан ритIана Афгъанистаналде. ГIорхъоде щведал гIуцIана хасаб къокъаги. Гьенире ритIулел рукIин нахъа лъана, байбихьуда лъалеб букIинчIо. МугIрул рукIана дора, гьединлъидал бакIаб артиллерияги букIун, хадур ниж нахъе рачана дораса, ниж хисун лъелал къокъаби риччана. Гьедин Афгъанистаналда микьго моцI бана дица. ТIоцере гьенире жанире лъугьарал аскарал рукIана ниж. Гьелде щвезегIан партизанал рукIана дора. Муджагьидазулгун кьаби кколаанха. Жибго халкъ буго дозул цIакъ язихъаб, мискинаб, гурхIараб халкъ. Жанир чIолел рукъзал руго хIарщул, саманалъул гьарурал, тIад тIохалги гьечIел. ГIодоса эхедего рагъун ругьунаб жамагIат бугоха дозул. Цо рахъалъ, жидерго ракь цIунулел чагIи рукIанаха дол. ГIайиб букIинчIо гьезда. Гьезухъе кьолел баянал батIи-батIиял рукIиндал, гьединлъидал гьезда ниж жидер ракь бахъизе рачIарал чагIилъун рихьулел рукIана. Амма хадуб бичIчIанаха. Нижни гьел хвасар гьаризеян ун рукIана. Хадур ниж нахъе унелъулги рукIана дол кверал хьвагIулел «гIурусал, нахъе а, гIурусал, нахъе а!» ян».

Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рчаараб къолъун рикIкIунеб I5 февралалда «афгъаналъулазулин» абулеб ахикье рачIун рукIана бакIалъул хIакимзабиги. Щибаб нухалда гьез рагIи кьола «афгъаналъулазул» суалал роцIцIинаризе. Гьебго жо гьез исанаги бицанин абуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабулев Закаряев Камалудиница.

Закаряев Камалудин: «ГIумру унеб бугоха гьадин. Амма гьезде божун нижги чIун гьечIо… Гъолдаса нахъе кьолел гьечIо рукъзал. Дагьалъ цебе рагIун букIана нижее цо мина балеб бугилан. Гьанжеги нахъбахъунищ гьеб хIукму бугебали, лъаларо, цо хабар буго».

ЦIунтIа мухъалъул Кидироса Камилов МухIамадица Афгъанистаналда лъагIелги микьго моцIги бан буго. Гьениса тIадвуссун хадуб пачалихъалъ гьесие вукIа-вахъине яги хъизан хьихьизе киналгIаги шартIал чIезарун гьечIо. Гьес абулеб буго жиндир цIараладса пайдаги босун, гьереси документалги гьарун чияца ун батанин жиндие кколеб гIарац.

Камилов МухIамад: «ГьечIо, рукъги гьечIо, гIарацги гьечIо. ТIоцебего биччараб гIарацги бикъана».

ЭР: «Лъица бикъараб?»

Камилов МухIамад: «ХъулухъчагIазха, гьересиял документалги гьарун. ГьанжегIаги щвагиха 400 азаргогIаги гъурущ, Аллагьас кумекги гьабун. Нахъасан вахъине чи гьечIев чи махсароде кколев вуго. Пачалихъалъ биччараб гIарац кьоларо аз, гуккула. Гьеб кьола бечедав чиясе, яги гьезул гIагарлъиялъе. Дун гIадав чиясе кьоларо. Гьале 400 азарго яги 200 азарго гъурущгIаги кьолебани, цогидаб дихъа араб жо хIалал гьабун телаан. Гьебги кьолеб гьечIо. Дове (рагъде) ун гIакъуба бихьун гурони, дие гьенив вукIунилан щвараб хайирго гьечIо. ГIагарлъи-жо хъулухъазда ругел чагIазе рукъзал щвана. Дие щвечIо. ГIагарлъи хъулухъалда гьечIони, полициялъги ришватал росулел руго. ГIемераб бакIалде ана дун – полициялде, ФСБялде, прокуратураялде. Дихъа босун гурони, дие кумек гьабулев чи гьечIо гьенив. ГIемерисел хIарамаб гIарцухъ руго гьел гIумру гьабун».

ПалхIасил, Дагъистаналъул «афгъаналъулал» рази гьечIо пачалихъалъ жидедехун бихьизабулеб бугеб бербалагьиялдаса. Гьез абула хIакимзабазда жал 15 февралалда гурони ракIалде щоларин. Гьеб мехалдаги кьолин жидеца тIуразецин гьаруларел рагIаби. «Афгъаналъулазе» чара гьечIого хIажатал суалал ккола жанир чIезе рукъзалги сахлъи щула гьабизе къваригIинги.

XS
SM
MD
LG