МагъчIваялъе рес

ФСБ мукlурлъун буго Гlумаров чlван вукlиналъе


​Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Федералияб хъулухъалъул ай ФСБялъул директор Александр Бортников, Кремль, Февраль 1, 2013.
​Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Федералияб хъулухъалъул ай ФСБялъул директор Александр Бортников, Кремль, Февраль 1, 2013.

​Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Федералияб хъулухъалъул ай ФСБялъул директор Александр Бортниковас талат къоялда уяблъун гьабуна Шималияб Кавказалда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул лидер Доку ГIумаров чIван вукIин. Гьелде щвелалде жалго яргъидгIуцIараз лъазабулеб букIана ГIумаров хвеялъул ва гьесул бакIалде цоги чи вищиялъул, амма гьелда сверун ФСБялъ баян гьанже гурони гьабичIо.

Жинца нухмалъи гьабулеб Миллияб антитеррористияб комитеталъул данделъиялда Бортниковас лъазабуна жидеца гьабураб «оперативиябгун-рагъулаб хIалтIул хIасилалда» 2014 соналъул тIоцебесеб кварталалда кканин гьеб хIужайин. Гьес жеги тIадеги жубана 200-ялдаса цIикIкIун яргъидгIуцIарав жидеца ккунги вугин.

18 марталда Доку ГIумаров хун вукIиналъул лъазабуна kavkazcenter сайталъ.
Гьеб мехалда Миллияб антитеррористияб комитеталъ кьолел рукIинчIо ГIумаровасул къисматалда хурхун кинал рукIаниги баянал. Гьебго заманаялда чачаназул республикаялъул лидер Къадыров Рамзаница Instagramалда хъвала 18 марталда, яргъидгIуцIаразул лидер хасаб операциялъул хIасилалда чIван вугин. Къадыровас Доку чIван вукIиналъул цебеги чанго нухалда лъазабун букIана.
Шималияб Кавказалда яргъидгIуцIаразде данде хасал операциял Россиялъ цин чIечIого гьарула ва ГIумаров чIван вукIиналъул лъазабиял цо Къадыровас гурониги гьарулелги рукIана цере.

КъватIисеб улкаялда бугеб Ичкериялъул хIукуматалъул нухмалъулев Закаев АхIмадица бицана Эркенлъи Радиоялъе ГIумаров хун вукIиналъул жинда чанго моцI цебего лъаанин.
Закаев Ахlмад
Закаев Ахlмад
Закаев АхIмад: «Лъаларо, ГIумаров чIаго гьечIин гьесул сверухълъиялъ дида лъазабун букIана 4-5 моцI цебе. Гьеб хутIулеб букIана гьесул сверухълъиялдаса лъицаниги официалияб куцалда тасдихъ гьабичIеб хIужалъун, дида ккола гьеб бараб букIанин гьесул бакIалда щив телевали лъангутIиялдайин.
ГIурусазе абуни къваригIун букIана Олимпиадаялда цебе «Имарат Кавказ» абураб проект лъугIанин дунялалда лъазабизе».

ГIумаровасул цIаралда хурхинарула Россиялда гьарурал чанго кIудиял терактал. Гьел ккола 2010 соналда Москваялъул метроялда жанир гьаруралги, 2011 соналда «Домодедово» аэропорталда гьабурабги цогидалги.
2013 соналъул июлалда интернеталда баккун букIана Сочиялда Олимпиада хвезабизе ГIумаровас гьабулеб ахIи ва гьенибго лъазабулеб букIана Россиялъул территориялда терактал гьариялъе лъазабун букIараб мораторий нахъе бахъулеб бугинги.

ГIумаров валагьулев вукIана Россиялъги Америкаялъги. Гьев восун вукIана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул халкъаздагьоркьосел террористазул сияхIалдеги.

ГIумаровасул бакIалде жив вищанин бицунев ГIали Абу МухIамад абулев чиясул видео кьолеб буго гьал къоязда экстремистазул сайтазда.

ГIали Абу МухIамад: «Гьаб гIумруялдаса иналде цебе нижер вацас нахъе тана анлъго чиясдасан гIуцIараб Шура. Гьелде гъорлъе уна ункъго виаяталъул ункъго амирги, Имарат Кавказалъул къадиги, фронталъул амирги. Нижер вацасе къадар ккун бугин рагIараб мехалда нижеде тIаде ккана гьев хисизе мастахIикъав чи вищиялъул масъала. Киназго диде килищ битIулеб букIана. Дун хIадруав вукIинчIо гьеб жавабчилъи тIаде босизе. Амма чанго нухалда вацаз тIадчIун гьарараб мехалда дида кIвечIо гьезул гьари тIубачIого тезе. Гьединлъидал дица лъазабулеб буго гьеб жавабчилъи дица тIаде босулеб бугин».

Гьеб видеоялда Абу МухIамадин абулев чияс жидер рахъ кколезда лъазабулеб буго жиндие гьа базе кколин ва абулеб буго жив Аллагьас малъухъе вугебгIанаб заманаялда нужги жинца малъухъе рукIине кколин.

Шагlбанов Маркъо
Шагlбанов Маркъо

Абу МухIамад лъала ТIелекьа Кебеков ГIалиасхIаб абун.
Авар автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца баян гьабуна информалатаз Абу МухIамадил хIакъалъулъ кьолеб букIараб.


please wait

No media source currently available

0:00 0:02:15 0:00
Интернет-мухъ



ТIелекьа цIар бицине бокьичIел чагIаз нижее баян гьабуна гьев гIемерал соназ гIарабалъ цIалулев вукIанин. Гьесул эбел-эменги чIаго гьечIин, жакъа гьесда цадахъ вугин жиндир гIагарлъиялъул жеги кIиго васги ва, жидеда лъалеб бакIалъан, гьесул йигин лъадиги 3-4 лъимергиян.
XS
SM
MD
LG