МагъчIваялъе рес

Журналист АхIмадилов чIваразе диван гьабизе буго


10 апрелалда МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул диванханаялда, журналист АхIмадилов ГIабдулмалик чIваялда щаклъи бугезе диван байбихьана. Журналистазул пикруялда рекъон АхIмадилов чIваялъул цIех-рех букIине кколеб хIалалда тIобитIун гьечIо, гьев чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев вугесул адвокатасги загьир гьабуле буго цIех-рехалдасан разигьечIолъи.

Исана августалда «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарь АхIмадилов ГIабдулмалик чIваралдаса щуго сон уна.

Гьев чIваялда щаклъи бугел МахIачхъалаялъул Ленинский диванханаялда цере чIезе руго 10 апрелалда.

АхIмадилов чIваялъул гIайиб гIунтIизабулезул цояв - Мурад ШугIайбов 20I3 соналъул январалда ккуна, гьебго соналъул апрелалда къуваталъул идарабаз ккун журналист чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев ГIиса ГIабдурахIмановги.

Гьел кIиялго ккола Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъа.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон ШугIайбовас речIчIун буго жиндирго рукъалда цеве автомобилалъув вукIарав ГIабдулмалик АхIмадиловасда, гьеб заманалда ГIабдурахIманов автомобиль бачунев вукIун вуго.

Гьел кIияздего журналист чIваялъул, изнугьечIого ярагъ цIуниялъул ва гьеб хIалтIизабиялъул гIайиб гIунтизабулеб буго.

ЦIех-рехчагIаз гьев чIваялъе гIилла щиб букIарабали жеги мухIканго чIезабун гьечIо. Жалго Сугъулдерица рикIкIунеб буго Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Шамиль ГIисаевасулгун букIараб дандеккунгутIиялъе гIоло, гьес чIвазе тIамунин ГIабдулмаликилан.

Гьел гIайибалги гIунтIизарун макъалабиги рахъун рукIана батIи-батIия информалатазда, амма цIех-рехчагIаз гьел кьучI гьечIел гIайибал ругилан лъазабулеб буго.

Живго ГIисаевасги жив вокьуларел чагIаз ургъунго жинде данде гьабулеб хIалтIи бугин гьеб, гьел гIайибалги мекъи ругилан рикIкIунеб буго. Хамиз къоялъ диваналда цеве чIезе ругел ШугIайбов ва ГIабдурахIманов гьеб такъсир гьабиялъе мукIурлъулел гьечIо.

ШугIайбов Мурадил адвокат ГIумаров ГIадилгерейица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна АхIмадилов чIваялда хурхун гьабулеб цIех-рех букIине кколеб хIалагь гьабичIилан.

Жинца цIунун вугев ШугIайбовас гьеб гIайиб тIаде босизе букIине гIесие гIемераб гIазабги кьунилан.

ГIумаров ГIадилгерей: « 8 моцIица виччачIо дун дицаго цIунун вугев ШугIайбов Мурадида аскIове, 170 гIан гIарза хъван буго дица гьелда хурхун. Россиялъул президентасде щвезегIан хъвадарана дун, ахиралдаги дица диваналдеги кьун дун бергьунеблъи бичIчIараб мехалда виччана дун гьеб ишалде гьоркьове следователь Филиповас.

ЦIех-рехалъул гьел гIунгутIаби гIоларищ? Гьелде тIадеги Мурадил кIалдир тIаса цаби хутIун гьечIо, гIазаб кьолеб мехалда гъурун руго гьел.

ГIабдулмалик чIванин абун мукIун гьавизе къваригIун вукIана гьезие ШугIайбов, адвокат хIисабалда дидасаги инкар гьабизе тIамулев вукIана, гьелде тIадеги Камалов ХIажимурадги гьес чIванин цIезабизе къваригIун букIана цIех-рехчагIазе»

«Черновик» газеталъул учредитель Камалов Магьдица рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз жидерго хIалтIи букIине кколеб хIалалда гьабун гьечIо, гьелъие гIоло гIайиб гIунтIизабулев вугев ГIабдурахIманов кьварараб тамихIалдаса ворчIизеги бегьула.

Камалов Магьди: «Дир пикруялда рекъон цIех-рехчагIаз жидехъ ругел киналго ресал хIалтIизарун гьечIо гьеб ишалъул хал гьабулаго.

Гьединлъидал ШугIайбов Мурадиде чи чIваялъул гIайиб гIунтизабулеб буго, цадахъ вукIарав ГIабдурахIманов ГIиса гьадинго гьеб ишалда гьоркьов вукIарав чилъун кколев вуго. Гьесдеги чи чIваялъул гIайиб гIунтIизабизе кколаан.

Гьеб гурониги гIезегIан гIунгутIаби рукIана цIех-рех унеб мехалда. Дихъе щварал баяназда рекъон низамцIунулезухъе щун буго АхIмадилов Малик чIвараб ярагъ, гьеб ШугIайбовасухъ ва ГIабдурахIмановасухъ букIанин абурал далилалги ругин абулеб рагIана дида, гьединлъидал гIайиб гьечIел чагIазе тамихI гьабизехъин бугин абиларо дица. Гьеб кинабго метер диваналда мухIканлъилаха.

ГIемерисел сугъулдерица ГIабдулмалик депутат Шамиль ГIисаевас чIванилан рикIкIунеб буго. ЧIван къотIун ГIисаевас АхIмадилов чIвазе буюрухъ кьунин абизе кIоларо дида, амма мухIканго лъала, гьев чIваялъе гIайиблъун лъугьараб батIи-батIиял хIужабазул рахсил, байбихьи Сугъралъ ГIисаевасул мина балеб бакIалда хIалтIулел чагIаздаги ГIабдулмаликидаги гьоркьоб ккараб дандеккунгунтIи букIанилан.

«Новое дело» газеталъул редактор Сагидов ХIажимурадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана киданиги шималияб Кавказалда цIех-рех бацIцIадго, букIине кколеб хIалалъ тIобитIуларин. Гьединлъидал АхIмадиловасул ишалъул цIех-рехалъулги гIезегIан гIунгутIаби ругин, гьелъ чIварал чагIи ралагьун ратаниги гьев чIваян буюрухъ кьурав валагьизе ракIалдаго гьечIилан.

Сагидов ХIажимурад: «Дагъистаналда ва Шималияб Кавказалда киданиги букIине кколедухъ унаро цIех-рех, къануналда рекъон гьеб гьабулин абураб жоялдаги дун божуларо. ЧIварал чагIи ратаниги гьев чIвазе буюрухъ кьурав киданиги ватуларо, гьаб ГIабдулмалик чIвазе къотIарав ватилин абураб жоялдаги дир щибго божилъи гьечIо».

Ахираб 20 соналда жаниб Дагъистаналда чIван вуго кинавниги 17 журналист, амма гьел чIварав цониги чи ватун гьечIо ва гьеб рахъалъ гьабулеб цIех-реххги рагIалде бахъун гьечIо.
XS
SM
MD
LG