МагъчIваялъе рес

Журналист чIваялъул ищалда сверухъ къараб диван


Daghestan -- Malik Akhmedilov, a leading correspondent for the daily newspaper "Hakikat" (The Truth), undated
Daghestan -- Malik Akhmedilov, a leading correspondent for the daily newspaper "Hakikat" (The Truth), undated

«ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарь ва «Сугъралъ» газеталъул бетIерав редактор ГIабдулмалик АхIмадилов чIваялда тIаса унеб диваналъул данделъи къараблъун гьабизе хIукму къотIана 28 апрелалда.

РакIалде щвезабила, цIех-рехалъул баяназда рекъон, 2009 соналъул августалда АхIмадилов чIвана Мурад ШугIайбовас. Такъсир гьабураб бакIалде ШугIайбов вачун вуго ГIиса ГIабдурахIмановас.

Гьел кIиязго абулеб буго жидеца гьеб такъсир гьабичIин. Гьезул ихтиярал цIунелезги журналистазда чанги нухалда лъазабун букIана цIех-рех къанунги цIунун бачунеб гьечIилан. Такъсир гьабиялъул ишалъул халгьабулеб буго МахIачхъалаялъул Ленин мухъалъул диваналда.

28 апрелалда диваналъул данделъи байбихьана прокурорасул кIалъаялдасан. ГIайиб гIунтIизабулезул гIагарлъиялъул чагIазул къасд буго диваналда гъалмагъир гьабизеилан абуна прокурорас. Гьес цIалана Ленин мухъалъул полициялъул бутIаялдаса бачIараб кагъат.

«Гьаб кагътида полициялъ хъвалеб буго жидехъе оперативияб информация щванин ШугIайбовасул ва ГIабдурахIмановасул гIагарлъи провокациял гьаризезхъин ругин. Гьединал ишаз гьезие бокьун буго диванчи, прокурор, нугIзал хIинкъизарирзе», - илан бицана пачалихъияв вакилас.

Диванчи МухIамад Онжоловасда прокурорас абуна диваналъул процессал гьоркьоса къотIичIого рукIиналъе гIологи, данделъиялда гIахьаллъулезе хIинкъигьечIолъи чIезабиялъе гIологи диван гьабизе кколин къараб режималдалъунилан.

Гьесул гьариялда разилъичIо гIайиб гIунтIизабулев ШунгIайбовасул адвокат ГIадилгерей ГIумаров.

«Данделъи къараблъун гьабизе ккани щибго гIилла гьечIо. Гьел полициялъул лъазабиялги гьадингосел жал руго. Чанги данделъи букIана ва ШугIабовасул яги ГIабдурахIмановасул гIагарлъиялъул чагIазул рахъалдасан сихIцин букIинчIо диваналда. Данделъи рагьараблъун тезе ккола», - ян абуна адвокат ГIумаровас.

ПалхIасил диванчи Онжоловас прокурорасул рахъ ккуна ва къабул гьабуна гьесул гьари. Хадуб диваналда сурав босана кIиго нугIасухъа. Гьезул цоявлъун вукIана Дагъистаналъул журналистизул Цолъиялъул нухмалъулев, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камалов.

Гьес диваналда щиб бицарабали мухIканго лъазабизе кIвечIо, амма Ленин мухъалъул диваналда хIалтIулев цо чияс аноним хIисабалда абуна Камаловас бицулеб букIанин Сугъралъ росдал гIумруялъулъ чIварас кинаб гIахьаллъи гьабулеб букIарабали ва лъилгун гьесул хабар данде кколаребали.

АхIмадиловазул адвокатасухъа баян «Эркенлъи» радиоялъе щвечIо – гьес телефон борхичIо. ШугIайбовасул адвокат ГIадилгерей ГIумаровасни абуна гьеб диваналъул данделъи къануназдалъун бачунеб гьечIин, амма мухIканал баянал телефоналдаса гьес кьечIо.

ГIадилгерей ГIумаров: «Нужее информация кьезе бокьун гьечIилан абулеб гьечIо, телефоналдасан кьезе бокьун гьечIо. Дирги, нужерги телефоналъухъ гIенеккун руго лъабабилел, гьелдалъун хвезарулел ругелщинал къануназул бицина дандчIвараб мехалда. Гьабулеб диваналда тIаса гIаммаб баян кьуни, абизе бегьула гьениб бугеб ахIвал-хIал лъикIаб гьечIин».

РакIалде щвезабила, цебе ГIумаровас абун букIана «Эркенлъиялъе» жинда кколеб бугин цIех-рех гьабулеб мехалдаго гьарулел рукIарал гIадал хIаял гьаризе байбихьулеб бугин диваналда. Такъсир гьабиялъул ишалда тIаса иргадулаб данделъи тIобитIине буго 14 маялда.

Гьанибго тIаде жубала, журналистал чIварал тамихI гьабичIого теялъул рахъалъ араб соналда Россиялъ ккун буго 10-билеб бакIилан лъазабулеб буго журналистал цIуниялъул рахъалъ Комитеталъ. Гьезул докладалда рехсолел руго Дагъистаналда, Гъабардагун-Балкариялда, Чачаналда ва Ставрополалда журналистал чIваялъул хIужабиги.

«Новое дела» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIитовасул пикруялда рекъон цIех-рехчагIазул щибго интерес гьечIо журналистазул чIваял рагьизе.

ХIажимурад СагIитов: «Дагъистаналда цIех-рех низам цIунулез профессионалияб гуреб къагIидаялъ гьабулеблъун бихьула. ГIемерисеб гьезул хIалтIи букIине кколеб къагIидаялъ гьабураблъун букIунаро. ЦIех-рех гьабизе жидерго хIаракат букIиниги, гьеб гьезда бачине кIолеб гьечIо. ГIиллабиги гьелъие руго профессионалияб лъайгьечIолъи, материалиябгун-техникияб база гьечIолъи ва гь.ц.»

Ахиралда «Новое делоялъул» редакторас тIаде жубана журналист чIваялъухъ жаваб диваналда кьурав чи жинда цониги лъаларин.
XS
SM
MD
LG