МагъчIваялъе рес

КIалтIа къоно базе рукъ щвечIел нижей...


Ликвидаторазе лъураб мемориал, Махlачхъала, 04Aпр2014
Ликвидаторазе лъураб мемориал, Махlачхъала, 04Aпр2014

Чернобылалъул атомнияб станция кьвагьун хадуб гьелъул хIасилазде данде къеркьолел рукIарал кIиго дагъистаниясе рукъ босизе сертификат щвана гьал къоязда. Жеги гьеб рукъ щвеялъухъ балагьун вуго кIинусгоялдасаги цIикIкIун дагъистаналдаса ликвидатор. Цереялде данде ккун гьанже жидее гIезегIан бигьалъаби ругониги, жеги тIубан жидер масъалаби тIуралел гьечIин тIалъиялъилан лъазабулеб буго гьез.

«Россиялъул къоялъул» байрамги гьоркьоб ккун, МахIачхъалаялъул администрациялъул бетIерасул ишал тIуралев, Сулейманов МухIамадица, Чернобылалъул атомияб стаанция кьвагьун хадуб гьенир гIадамал хвасар гьарулел ва гьеб кьвагьиялъул хIасилал тIагIинариялъе хIалтIаби гьарулел рукIарал, Дагъистаналдаса МухIамадов МухIамадрасулие ва МухIамадов ГIалишерие гьел бетIергьанал рукъзазул документал кьуна.

Къоло щуго соналъ гьел рукъзабазухъ балагьун рукIун руго чернобылалъулал. Дагъистаналда гьединав жеги кIинусидасаги цIикIкIун чи хутIун вугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Россиялъул чернобылалъулазул союзалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Шанавазов МухIамадшапица.

Шанавазов МухIамадшапи: «Исана Дагъистаналдасан чернобылалъулазе150 гIан чиясе щвезе ккола рукъ босизе сертификат. ГьанжелъагIан 1200 чиясе щун букIана рукъ, жеги гьел щвезе ккола кIинусгогIан чиясе. Цересел саназде дандеккун нижер цIакъ кIудияб тIалаб гьабулеб буго пачалихъалъ, битIахъе бер ккелеб хIал буго. Гьедин абичIого щиб гьабилеб 20 соналъ нижеразул цонигиязе рукъ щун букIинчIо. ЛъебергогIан соналъ цебего, ниж Чернобылалдаса руссун хадуб лъазабун букIана нижеда рукъзалги цойги нижее рукIине кколел бигьалъабиги чIезарилилан. Бицунего хутIун букIанаха гьеб иш. Ахираб лъабго соналда жаниб байбихьана нижер тIалаб гьабизе. Гьеб лъабго соналда жаниб Дагъистаналдаса 1100 гIан чиясе щвана жалго бетIергьанал рукъзал. Шагьаралда ругезе, росулъ ругезе щибго батIалъи гьабичIо. Хъизаналда вугевщинав чи рикIкIун щивасе рукъалъул 18 квадратный метр босизе гIарац кьуна.

Чанги рукIана нилъер гьанир заманалда документалги хIадуричIого, гIодоре риччан чIараб халкъги, гьезул пачалихъалъ щибниги кьеялда хьулго букIинчIо. Гьедин 2005 соналде щвезегIан киналго документалги хIадурун чернобылалъулав вугин рикIкIунел чагIазе гурони кьоларин рукъзалин абун рукIана, гьанже , цо талихIалъ, дагьабги хадур документал жанир кьурал чагIазеги щолел руго рукъзал».


28 соналъ жиндие кколеб рукъ кьеялъухъ балагьун чIун йиго Дагъистаналдаса Чернобылалда йикIарай МухIамадова Саидаги. ГIемер гьардон ахIдон хIалихъего гьелъие кьун буго рукъ базе бакI, щвезениги щвараб гьебги кутакалда санагIалъи бахъараб бакIалда буго, гьей бетIергьанаб ракь бугинги абун Саидае рукъ босизе гIарацги щолеб гьечIо.
Мухlамадова Саида, Махlачхъала, 04Aпр2014
Мухlамадова Саида, Махlачхъала, 04Aпр2014
МухIамадова Саида: «Дица чернобылалда бана 4 моцIги II къоги, гьеб цIаък гIемераб заман ккола, гIадамал цо моцIицацин толароан гьенир. Дун бакIал ралесул махщалие цIалун яхъун хадуб йитIун йикIана гьение. Гьелдаса хадуб Ростовалда гIумру гьабун йикIана, гьенире кьун рукIана дица рукъ щвеялъе ва дие сакъатлъиялъул рахъалъ пенсия щвезе букIине къваригIунел документал. Гьениса Дагъистаналде гочун хадуб ростовалъулаз гьанире ритIанинги абун гьел я гьоркьор инаруна. Гьедин документалги тIагIун дие кколеб рукъ босизе гIарацги жеги щвечIо дие. ГIемер дун гьардон чIалгIиналъ Гъизилюрт мухъалъул КIулзеб росда аскIоб кьуна дие мина базе бакI, амма гьеб щибниги бан бажарулеб бакI гьечIо. Сахаб бакI кьейин абураб мехалдаги, гьеб кьуралдасаги йоххун йикIайин абун нахъе къотIула дун Гъизилюрталъул администрациялдаса. ЧанцIулго диваналде гIарзаги хъван букIана дица гьеб суалада тIасан, амма кибе хъваниги жеги гьелъул щибниги хIасил ккечIо».

Саида МухIамадовалъул буго захIматаб бидул унти, гьеб чернобылалъул хIасил бугин чIезабунги буго тохтурзабаз, амма гьелъул документал тIагIиналъ букIине кколеб чернобылалъулазул пенсия щолеб гьечIо гьелъие, гьелъие щолеб гIадатияб сакъатлъиялъул кIиабилеб группаялъул пенсия жиндие къваригIунел бащадал дараби росизецин гIоларин абулеб буго гьелъ. Гьелго документал гьечIолъиялъ букIине кколедухъ хасал азарханабаздаги, санаторияздеги нух къан буго гьелъие.

Чернобылалъул союзалъул Дагъитсаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Шанавазов МухIамадшапил рагIабазда рекъон рукъзал щвеялъул суалазда хадуб бачIараб цойги масъалалъун кколеб буго чернобылалъулазе санаториязда ва хасалазарханабазда сахгьаризе рес щунгутIи. Цересел саназде дандеккун чIобого гьенире ине рес кьолел путевкабазул къадар цIакъго дагьлъун бугин абулеб буго гьес. Исана Крым Россиялде гъорлъе бачун хадуб гьенир ругел хIухьабахъи гьарулел бакIаздаги жидее бакI кьелин лъазабун бугила, гьелде кIудияб хьул бугила Дагъистаналъул черобылалъулилан абуна Шанавазовас.
XS
SM
MD
LG