МагъчIваялъе рес

Краснодар шагьаралда чIвана Дагъистаналдаса спортсмен


 ХIажимухIамадов Расул.
ХIажимухIамадов Расул.

13 июлалъул сардилъ Краснодар шагьаралда чIван вуго Дагъистаналдаса спортсмен ХIажимухIамадов Расул. Гъалгъаязул республикаялдаса чанго гIолохъанчигун ккараб рагъулаб тунка-гIусиялъул хIасилалда данде рукIаразул цояс нус кьабун буго гьесда. ХIажимухIамадов гIемер заман иналде гьеб бакIалдаго къадаралде щун вуго. Гьесда ругъун лъурал гIолохъаби тIурун ун жеги кодоре щун гьечIо.

Краснодаралда чIварав дагъистанияв ХIажимухIамадов Расул кколаан ЛъаратIа мухъалъул НитIиццухъ абураб росулъа.

Гьениб байбихьун буго гьес тIоцеве боксалъе ругьун гьавизе. ГIолилазда гьоркьоб Дагъистаналъул чемпионаталда бергьенлъи босун хадуб, араб соналъ гьев вахъун вукIана Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул боксалъул чемпионлъунги ва щвана спорталъул мастерасул цIарги.

Гьединго гьев кколаан Россиялъул чемпионги.

Балагьаб лъугьа-бахъин ккун буго Краснодар шагьаралъул «Интурист» абураб гостиницаялда аскIоб. Жинде налъи кьезе букIарал гIадамазулгун дагIба-рагIи ккун хадуб гьалмагъас хIалае ахIун вуго Расул.

Гьеб букIун буго сардил кватIараб гIуж.

Гьал къоязда гьев гIахьаллъизе кколаан Татарстаналъул тахшагьар Казаналда тIобитIулеб спартакиадаялда. Расул ХIажимухIамадов къадаралде щвараб куцалъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъе гьесул гIагарав чи Къурбанов ШагIбаница.

Къурбанов ШагIбан: «Метер Казаналде инеян белталги росун, вегун вукIарав чи ахIун вуго Расул гьесул гьалмагъас. Гьесда цIар шиб ва киса гьев кколевалиги жеги лъачIо нижеда, абулеб буго дагъистанияв вукIанилан.

Гьесие налъи букIун рагIула гьел ингушаз кьезе. Расул тIаде щвараб мехалъ дагIба-рагIи дагьабги хIалуцун буго, гьалмагъасе хIалае вахъарав чиясда цояс кьабун бачIун буго нус, горбода «сонная артерия» абулеб бакIалда ругъунги лъун Расул къадаралде шун вуго».

ЭР: «Гьеб бакIалдагойиш хварав Расул?».

Къурбанов ШагIбан: «Гьедин абунаха, ригьалда тохтурзабазул кумек щун букIарабани щибниги хисизе букIарабищали лъаларо, гьенибги аскIор рукIарал гIадамазул цо тасамахIлъиги ккун буго, хех гьабун тохтур ахIизе тIалаб гьабун гьечIо. къого минут гIанасеб заман бан бугилан абуна Расулица бидул хIоринив лъун, хадув хунги вуго».

ЭР: «Дол гIолохъаби жидерго «Лада –Приора» автомобильги гъоркь тун лъутун ун ругилан абулеб буго, нужехъе тIаде щварал баянал ругиш?».

Къурбанов ШагIбан: «ГьечIо. Гьедин бицана нижедаги. Гьеб кинабго лъугьа бахъин видеокамераялде бахъун бугилан абулеб буго, гьелъул кумекалдалъун чIезаризе кIолин дол гIолохъаби щал рукIаралали. Гьезул цояв кквезе щун вугилан абулеб буго, лъаларо.

Расулил вацги, гьесул эменги, жеги гIагарлъиялъул чанго чиги ана сон Краснодаралде. Метер, бичас биччани тIаде щвезе ккола гьел, гьездасан лъала мухIканаб хIакъикъат».

Краснодаралде ун гьес бан букIун буго лъагIел. Гьенив университеталда цIалулев вукIун вуго, цадахъго боксалъул ругьунлъабаздеги хьвадулев вукIун вуго. Гьелде щвезегIан гьев ругьун гьавулев вукIун вуго

МахIачхъалаялда бугеб «Академия Бокса» абураб спортивияб школалда. Гьенив гьесул тренерлъун вукIун вуго Рашидбек АхIмадов. Гьенивго ругьун гьавулев вуго гьабсагIат ХIажимухIамадов Расулил гьитIинав вацги.

Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе боксалъул рахъалъ Олимпиялъул хIаязул чемпион ХIайдарбегов ХIайдарбегица. Гьанже гьев ккола Дагъистаналъул спорталъул министр хисулев.

ХIайдарбег ХIайдарбегов: «Дида гьедин лъикI лъалев чи вукIинчIо гьев, араб соналда СКФОялъул боксалъул чемпионат тIобитIулеб мехалъ вихьун вукIана, МахIачхъалаялда дир цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялда букIана гьеб тадбир.

КIудияб хIалбихьи гьесул букIинчIо жеги. Гьанжего гьанже вахъун вукIана Россиялъул чемпионлъун, амма цIакъ бихьинмахIав, унго-унгояв магIарул бихьинчиясул хасият жиндилъ бессарав, нахъекъай гьечIев вас вукIин бихьулеб букIана».

ХIажимухIамадов Расулил жаназа Дагъистаналде щвезе буго талат къоялъ. Гьев жиндирго инсул росулъ вукъизе вуго. Гьесул букIана г1ицIго 20 сон.

XS
SM
MD
LG