МагъчIваялъе рес

Украиналъ Къадировасда тIад рагьун буго такъсир гьабиялъул иш


Къадыров Рамзан
Къадыров Рамзан

Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъ такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамазанида тIад. Гьелъие гIиллалъун ккун буго халкъиял депутатал Юрий Березае, Андрей Левусие ва Игорь Мосийчукие Къадировас хIинкъаби кьей. Жиндирго иргаялда Россиялъул цIех-рехалъул идараялъги рагьун буго Украиналъул рехсарав лъабго депутатасда тIад такъсир гьабиялъул иш.

«Лъазабулеб буго Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъ Къадиров Рамазанида тIад рагьун бугин такъсир гьабиялъул иш Украиналъул халкъиял депутатазе террористиял хIинкъаби кьеялда бан. Жидее хIинкъаби кьурал депутатал цIуна-къаялъул тадбиралги кьваризарун руго»,-ян хъвалеб буго Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъул бетIерасул гIакълъучи Маркиян Лубкивскийяс Facebookалда жиндирго гьумералда.

Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъул бетIер Валентин Наливайченкоца лъазабуна террористиял хIинкъаби кьей, лъие кьолел ругелали батIалъи гьабичIого, гьеб халкъаздагьоркьосеб такъсир бугин. «Инсан викъизе ва чIвазе вугин гьабулеб риторика гьеб буго халкъаздагьоркьосел террористазул риторика ва халкъаздагьоркьосел жамгIиятаз кьезе ккола гьелъие къимат»,-ян абулеб букIана гьес.

«112 Украина» абулеб телеканалалъе гьадинаб лъазаби гьабун букIана Украиналъул жанисел ишазул министрасул гIакълучи Антон Геращенкоца.

Антон Геращенко: «Игорь Мосийчук, Андрей Левус ва Юрий Береза халкъиял депутатал ругелъул бегьуларо гьезие хIинкъаби кьезе. Бегьуларо гьел рикъизе яги чIвазе ругин ахIиял разеги. Гьединлъидал гьеб такъсир гьабиялъул иш гIуцIун буго Къадировас абурал рагIабазда тIасан. Нижеца интерполалдеги хитIаб гьабизе буго гьев жиндаса хIинкъи бугеб такъсирчи хIисабалда валагьулев вукIиналъул лъазабейин абун. Интерполалде гьесул лъазабизе нижеда бажарани ва гьев кивехун вукIаниги, масала Куршевелалда, ккуни Украиналъ тIалаб гьабизе бегьула гьев Украиналъехъе кьезе».

Гьелдаса цебе Корреспондент.net сайталъ лъазабулеб букIана Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ рагьун бугин Украиналдаса лъабго депутатасда тIад такъсир гьабиялъул ишин. Гьелъие гIиллалъунги ккун бугин 4 декабралда Грозныялде гьабураб тIадекIанцIиялда сверун гьез гьарурал лъазабиялин.

Жиндирго иргаялда Къадировас низам цIуниялъул идарабазе кьун букIана Украиналъул бицен гьабулев лъабго депутат кквезеги ккун Чачанлъиялде жиндихъе рачейин тIадкъай. Гьесул пикруялда Юрий Берёзаца, Андрей Левусица ва Игорь Мосийчукица рагьун рахъ ккун буго Грозныялда 14 полицияв чIварал терористазул.

Украиналъул информалатаз лъазабухъе «Халкъияб фронталдаса» депутат

Левусица Россия ахIун букIун буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда кколеб бугелда сверун Москваялъул риторикалъухъего «Халкъияб республика Ичкериялдаса» жиндирго «карателал» нахъе рачине. Депутат Березаца абун буго Грозныялда гьабураб теракт бугин «Украиналъул вацаз» Россиялъул кверщаликьа рорчIизе бахъараб хIаракатин.

Грозныялда 4 декабралда букIараб гьужумалъул хIасилалда, ахирисел официалиял баяназда рекъон, чIван вукIана 10 полицияв. Жеги ункъгояв хола азарханаялда. Лъукъарав 36 полицияв жеги азарханабазда вуго. ГIадатиял гIадамазул чIван вуго цо чи. Гьединго чIван вуго шагьаралде гьужум гьабурав 11 изну гьечIого яргъидгIуцIарав.

Гьел къоязда Къадировас лъазабун букIана Грозныялде тIадекIанцIи гьабуразул гIагарлъиялдаса жаваб цIехезе букIиналъул, гьединго абулеб букIана гьез гIумру гьабулел рукъзалги хвезарун гьел республикаялдаса къватIире хъамизе ругин. Социалиял сайтазда кьолел цо-цо баяназда рекъон, Чачан республикаялда гьанжеялде бухIун буго Гумермесалда ва Яндари абулеб росулъ лъабго рукъ.

Терроризмалда щаклъи бугезул рукъзал риххизариялъул яги рухIиялъул практика Чачан республикаялда цебеги букIана. Ахирал соназда Дагъистаналдаги къуваталъул идарабаз хIалтIизабулеб букIана гьебго тактика.

Терроризмалда яги изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъ рукIиналда щаклъи бугезул яги гьезул гIагаразул рукъзал риххиязариялъул практика Израилалдаса бачIараблъун рикIкIуна регионалда.

Амма жибго Израилалда 2005 соналъул авалалдаго чIезе тун букIана гьеб практика. Доб мехалда Израилалъул улка цIуниялъул министрлъун вукIарав Шауль Мофазица буюри кьун буго «гIадамал хIинкъизариялъул мурадалда хIалтIизабулеб букIараб легалияб куцалда террористазул рукъзал риххизариялъул практика чIезабизе».

Гьелъие гIиллалъун гьез рехсолеб букIана гьадинаб хIужа:

«Израилалъул армиялда жаниб гьабураб цIех-рехалъ бихьизабун буго гьединаб куцалда терроризмалде данде къеркьеялъ кколеб хIасил кьолеб гьечIолъи»,-ян.

Гьединго абулеб букIана гьединал къагIидаби кьварун какулин инсанасул ихтиярал цIунулезгийин.

XS
SM
MD
LG