МагъчIваялъе рес

ГIабдулатIиповасул кIиго сон: лъикIабги квешабги


 Рамазан ГIабдулатIипов (бакьулъ)
Рамазан ГIабдулатIипов (бакьулъ)

Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналде нухмалъи гьабизе витIаралдаса гьал къоязда тIубана кIиго сон. Гьеб заманалъул хIасил гьабураб ва цо рахъалъул пикру кьураб видео буго anna-news сайталда. Гьелда бицунеб буго ахираб кIиго соналда жаниб Дагъистан биххун иналде ккун бугин. Кинабгойищха гьениб бицухъе квеш бугеб Дагъистаналда ва ГIабдулатIиповасул хIалтIулъ?

Anna-news агентлъиялъ тIибитIизабураб Марат Хайрулинил видеороликалда лъазабулеб буго Дагъистаналда катастрофа лъугьун бугин, гьеб релълъун бугин бацIараб найил тIулиялда.

Гьенир тIокIалъ чIечIого гIадамал ругин ракъунги чIун тIалъиялда цере жидерго тIалабал лъолел. Гьелда цадахъго ахIи-хIур бахъун бугин республикаялъул нухмалъулесул сверухълъиялъ росулел ришватазул. Гьес хъулухъазда лъолел гIагарал чагIаздайин абуни кIолеб гьечIин документазда гъалатI гьечIого жидерго цIар хъвазегицин. Хайрулиница бицунеб буго гьеб киналъго халкъалъул божилъи хун бугин ГIабдулатIиповасда, гьединав нухмалъулевин абуни тун вугин улкаялъул бищунго ахIвал-хIал хIалуциналда хIинкъараб бакIалъул бетIерлъун. РакIалде щвезабейин президент Путиница абураб жо – Россиялъул тушбаби бокьараб бакIалде лъугьине рес бугин. Жиндирин абуни, хас гьабун Марат Хайрулинил, ракIчIун бугин гьел Россия биххизабизе къваригIарал тушбаби церего рорчIун ругин Рамазан ГIабдулатIиповасул горсвериялде, цебего байбихьанин гьез гьаниб хIалтIи гьабизеги.

Марат Хайрулиница чIванкъотIун щал гьел тушбабияли бицунеб гьечIо. Амма рагIи кьолеб буго тIасияб видеороликалда гьел рехсезе.

ГIабдулатIиповас Дагъистаналъе гьабураб бищун кIудияб квешлъилъун рехсолеб буго Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул нухмалъулев хиси. Цинги гьеб федералияб кверщелалде кьей. Гьелдалъун республикаялъул бюджеталъе зарал кколеб бугила.

Гьеб заводалда бан унголъунги гIемер ахIи-хIур букIана республикаялда. Живго Рамазан ГIабдулатIиповас абун букIана гьениб коньяк гьабулеб батанила чорокаб спиртги гъорлъе жубан. Гьениса щолеб хайиралда тIад кверщел гьабулеб батанила Гъизляралдаса байбихьун Москваялде щвезегIан, цо хасал чагIаз. ГIемерисеб хайирги гьезул чвантинибе унеб батанила. Гьединлъидал жиндир рес букIинчIила гьеб завод федералияб кверщелалде кьей гурони.

Марат Хайрулиница абулеб буго республикаялда бищун лъикIав нухмалъулев Къурбановги вахъанила ГIабдулатIиповас Дербент мухъалъул нухмалъиялдаса.

Амма ЭР-сан жидер цIар бицине разилъичIел Дербент мухъалдаса гIадамаз абуна жидеда чIалгIун букIанила 20-30 соналъ Къурбановазул тухумалъ гьениб гьабулеб букIараб ханлъи. Киса-кирго хъулухъаздаги гьес жиндиего хIелхIедулел чагIи тун рукIанила. Къурбановас Дербенталда кинабго гьабулеб бугин Азербайжаналъул президент Ильгам ГIалиевасухъги гIенеккун.

Хайрулиницаго гIадин, Рамазан ГIабдулатIиповасул политика данде кколарел цогидал чагIазги гIайиб гьабула гьесде кIуди-кIудиял хъулухъазда жиндирго гIагарал чагIиги гьудулзабиги толел ругилан. Гьелда бан гьадин абуна республикаялъул нухмалъулес гьал къоязда МахIачхъалаялда букIараб данделъиялда.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьагъале, дица цо чанго чи вачун министрлъун лъун вукIана. ТIадбалагьун лъай бугел, гIумру лъалел гIадал чагIиги рукIана. Амма хIалтIи тIадкъайдал, щибниги гьабун бажаричIо. Гьедин дица гьел нахъе ритIана. Гьеб мехалда гьезулгун дир гьудуллъи хвана. Гьудул камуниги кIваричIо, Дагъистан камичIелдаса».

20I4 соналда Дагъистаналда ккечIо цониги теракт, лъугIана флешкабги ритIун, бизнесчагIазухъагун хIакимзабахъа гIарац бахъулеб къагIидаги.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Нилъеда кIвана хIинкъи гьечIолъи цIунизе, кIвана терроралъул чанго къокъа тIагIинабизе. Гьединлъидал чанго анцI-анцI соназ республикаялда гIумру гьабун ругел гIадамазда лъала кинаб батIалъи гьанжеги цебги бугебали. Гьезда лъала кинаб ахIвал-хIалалда жал хIалтIизе кколел рукIаралали, сардилъ шагьаралда тира-сверун жидехъа бажарулеб букIинчIолъи. Гьезда лъала кинаб хIалалда аэропортгун вокзал ва нухал рукIаралали. Лъала школалда щибаб экзаменалъухъ ришват кьезе кколеб букIараблъи. Лъала цогояб пачалихъияб экзамен Дагъистаналда сунде сверизабун букIарабали, гьединго ришват кьечIого ясли-ахалде лъимал росулел рукIинчIолъи. Гьелги жеги аза-азар суалалги тIуразе кIвана гьаб кIиго сон иналде».

Гьаниб ракIалде щвезабилин 20I4 соналъул ахиралда Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас Дагъистаналда хурхун къабул гьабураб Россиялъул хIукуматалъул документ. Гьелъул магIна ккола гьанжеялдаса хадуб Москваялъ Дагъистаналъе гIарац улкаялъул цогидал субъектазда бащад биччазе бугин абураб. ГьанжелъагIан гьеб цIакъго дагь биччалаан.

XS
SM
MD
LG