МагъчIваялъе рес

Радуевас Гъизляралде рейд гьабуралдаса 19 сон


9 январалда I9 сон тIубана Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралде чачаназул рахъалдаса авлахъалъул командир Салман Радуев кIанцIаралдаса. Цин гьесул къокъа кIанцIана аэродромалде, маххул нухлул вокзалалде, цинги лъимал гьарулеб рокъореги рачIун, гъоркьлъалие восун вукIана лъабазариде гIунтIун чи. Гъоркьлъалие росаразеги цогидазеги къварилъи ккечIого Гъизляралдаса къватIире Радуевасул аскар битIизе квербакъи гьабуна, шагьаралъул гIадамазул пикруялда, кIиго чияс - Гъизляралъул азарханаялъул бетIерав тохтур Саламов АхIмадицаги шагьаралъул телевидениялъул нухмалъулев ГIумаров Камилицаги.

Гьеб къоялъ АхIмад Саламов цудунго щун вуго хIалтIуде. Радуевасул аскар шагьаралде бачIин лъалеб букIун гьечIо гьесда. Цойидасанго кьвагьи бахъун буго. Гьесда ккун буго ЦIияб соналдаса хадурги жидеего кеп-гIоркь гьабулел гIолохъаби ратилилан. Хадуб Саламовасухъе ахIун бачIун буго гьесул лъадуца, цинги – шагьаралъул прокурорас. Гьеб мехалъ баянлъун буго кинабго.

Гъизляралъул мэр Паламарчук Америкаялда вукIун вуго гьеб заманалда. Гьев хисулел чагIазухъе ахIун буго тохтур Саламовас гьадинаб жо ккун бугилан. Мунго балагьейинха кин-щиб гьабилебалиян, багьанабиги ратун, къватIирего рахъун гьечIо бакIалъул хIакимзаби.

Цо заманалда АхIмад Саламовасухъе гIодулаго кIалъан йиго азарханаялъул хIалтIухъан.

Гъизляралъул азарханаялъул бетIерав тохтур АхIмад Саламов
Гъизляралъул азарханаялъул бетIерав тохтур АхIмад Саламов

АхIмад Саламов: «Гъолъ абуна гIемер чиги вакIарун вугила гьениве, гьурмазда маскабиги рарарл чагIаз сверун ккун азарханаги бугила, гъоркьлъалие росун унтаралги ругила. АскIов гьезул цониги чи вугищин гьикъана дица. Вугилан, кьуна гьелъ цоясухъе трубка. Дица гьесда абуна дун вугин ТIадегIанаб Шураялъул депутатги (гьанже – Халкъияб Мажлис) поликлиникаялъул бетIерав тохтурги. АхIизе бегьулищин нужер командир. Лъабго минут иналде ахIун бачIана. Жив вугила полковник Салман Радуев – Чачан армиялъул шималиябгун бакъбаккул рахъалъул аскаралъул нухмалъулев».

Гьеб мехалда АхIмад Саламовас абун буго, гIадамазул биги гIодоб тIолареб куцалда, бихьинал гIадин гIодорги чIун кIалъа-баса гьабизе бегьуларищин. Бегьулин абун буго дос. Цинги АхIмад Саламовас абула жинца цадахъ вачун вачIине вугин шагьаралъул телевидениялъул нухмалъулев Камиль ГIумаровги.

АхIмад Саламов: «Рилълъанаха ниж кIиялго азарханаялда жанире. Лъабабилеб тIалаялда, бищун бацIцIадаб реанимациялъул бутIаялда жаниб гьабун бугоан гьез жидерго штаб. Дир тIоцебесеб суал букIана гьесие кьолеб щай нуж Гъизляралде тIаде кIанцIарал абун. Чачаналда тIоцебесеб рагъ унеб мехалда Гъизляралъ хьихьун букIанин чачаназул 7 азарго хъизан. Кинин нужеда кIвараб гьанире кIанцIизе? Гьеб мехала гьес абуна гьанисан роржун рачIун рагъулал вертолетаз бомбаби рехулел ругин жидер шагьараздеги росабаздеги. Гьедин рачIун жал гьанире. Дур чан сон кколебин гбикъана дица Радуевасда. 28 сонин абуна гьес. Дир 48 сон бугин абуна дица. КIудиявги вугелъул гIенеккейин мун дихъ. ЦIакъ берцинго, гIодовеги виччан бицанаха. Гьаб бугин азархана, гIадамал сах гьарулеб бакIин абуна дица гьесда. Цониги чиясул би гIодобе тIинкIани, гьелъул жаваб дуца кьезе кколин. Гьедин нижеца цониги чи чIвазе виччачIо гьенив жанив. Ниж тIаде щвезегIан цо милициялъулав чIван вукIана. Гьев чIван вугоан гьес таманча къватIибе бахъулеб бихьун. Цогидал чIварал чагIи рукIана къватIир тохлъукьего чIварал чагIи. Гьединго гъозда цадахъ гIарабазул цIакъ квешал боевикал рукIана. Гъоз нуцIбузде кьвагьун чIван ратана гIадамал. Гьеб мехалда дир бухьен букIана Дагъистаналъул нухмалъулел МухIамадгIали мухIамадовасулгун ва ГIабдуразакъ Мирзабеговасулгун. Гьезда бицунеб букIана кколеб-толеб. Гъизляралалъул администрациялда жанир чIун рукIана гьел. Гьел кIалъана дихъе тIохда тIадги подвалалъурги рагIулин чIварал чагIиян. Дица абуна Радуевасда рилълъайин гьенир жаназаби ругищали бихьизе. Ана. РатичIо».

ПалхIасил, Салман Радуевасулгун АхIмад Саламовасулгун рагIиги дандеккун, азарханаялдаса къватIире риччан руго гъоркьлъалие росун рукIарал гьанжего-гьанже гьарурал лъималги гьезул улбулги.

Цинги къаси мех щвейгун тохтур АхIмад Саламовги телевидениялъул нухмалъулев Камиль ГIумаровги ун руго администрациялде, республикаялъул нухмалъулезухъе. Щибин Радуевасул къокъаялда гьабизе кколебин суал бачIиндал, Саламовас абун буго кIванагIан лъикIаб бицун шагьаралдаса къватIире ритIизе кколин гьел. Цинги цо-цоял лъугьун руго кинин гьеб букIунеб, гьеб жо бугин дол нилъеда бадиреги тударун, нилъеца гьеб хIехьей гIадаб жо.

АхIмад Саламов: «Дица абуна гьурмалъ кьабураб хъатги, мугъзалъ кьабураб нусги хIехьезе кколин гIадамал хвасар гьаризе бокьани. Аверьяновка абураб росу буго аниб аскIоб. Гъоба буго рагъулаб бутIа. Гьениса рагъулаб артиллерия букIана гьенибе цIалеб. Ниж цо сагIаталъги кватIун рукIаралани гIадамал къватIире рачине, гьеб азарханаялъул гамачI ганчIида хутIизе букIинчIо, цо рухI бугев чиги гьениса къватIиве ворчIизе вукIинчIо».

ПалхIасил къотIи гьабун буго Радуевас росу тезе. Гьес росу тезегIан гъоркьлъалие росун рукIарал гIадамал Первомайское абураб росулъе щвезегIан цадахъ рачун руго. Первомайское росулъе шваралго гьезда федералиял аскарияз кьаби щвезабуна.

АхIмад Саламовгун цадахъ Радуевгун кIалъа-басаязде ун вукIарав Гъизляралъул телевидениялъул хIалтIухъан Камиль ГIумаровас абуна, нуж тIаса лъугьайин жиндаса, амма гьелъул хIакъалъулъ бицине жинде бокьуларилан

Камиль ГIумаров: «Дие гьеб ракIалде щвезабизецин бокьуларо».

ЭР: «Щай?»

Камиль ГIумаров: «КIочене заман щвана. ЛъикIаб жоялъул бицине бегьула. Амма гьединаб жо ккечIониги кIваричIо. ЛъикIаб жо ракIалда чIезабизе ккола, амма гъодинаб жо ккечIого хутIаниги бегьулаанха. Гьединлъидал дие бокьун гьечIо гьелъул бицине. Дица ботIрониса нахъе хъвагIалаан гьеб – гьеб жоги букIинчIин, Гъизляралда гьединаб жоги ккечIилан абун».

Гъизляралде кIанцIун чанго соналдасан Радуев цIидасан щвана Дагъистаналде. Амма гьеб букIана Гъизляралде гьабураб рейдалъе гIоло гьесие диван гьабулеб мех.

XS
SM
MD
LG