МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда цо моцIида жанив 7 полицияв ккун вуго


Гьал къоязда Россиялъул федералияб хIинкъигьечIолъ букIинабиялъул идараялъул хIалтIухъабаз ккун руго ришват босиялда щаклъи бугев полициялъул кIиго хIалтIухъан. Гьеб гIайиб тIадчIезабуни россиялъул къануналда рекъон полициялъул хIалтIухъаби 5 соналде щвезегIан туснахъ гьаризе бегьулел руго. Исана соналда жаниб къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда тIад такъсирияб иш рагьиялъул лъабабилеб хIужа ккола гьеб.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз кьурал баяназда рекъон МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул кIиго хIалтIухъан 30 азарго гъурущ ришват босиялъул щаклъи букIун ккун руго. ЦIех-рех лъугIизегIан диваналъ гьел моцIица туснахъ гьаризе хIукмуги къотIун буго. ЦIех-рехчагIаз бицухъе 2015 соналъул байбихьуда низамцIунулез, цIогь гьабиялда щаклъи букIун, МахIачхъалаялдаса цо гIолохъанчи ккун вукIун вуго.

Гьев ккун нахъисеб къоялъ Ленинский мухъалъул полициялъул хIалтIухъанас гьесул гIагарлъиялъулгун бухьен гьабун буго. Гьелгун данчIваялда лъазабун буго гьев гIолохъанчи къватIиве виччаралъухъ ва гьесие тамахаб тамихI гьабиялъухъ 30 азарго гъурущ кьейилан. Гьев полициялъулас цойги жиндаго цадахъ хIалтIулевги цIан вуго гьеб ишалда гьоркьове.

Полициялъулаз гьеб ришват тIалаб гьабун хадуб, цIогь гьабиялъухъ ккурав васасул гIагарлъиялъ гьезда тIасан гIарза хъван буго. Гьелдаса хадуб чанго къоялдасан гьеб ришват босулаго жидерго хIалтIулеб рокъор федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул идараялъ ккун руго гьел полициялъулал. Гьезде гIунтIизабулеб буго хъулухъалдаса цIикIкIун пайдаги босун хIилла-рекIкI гьабиялъул гIайиб.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъул вакилзабаз кьураб баяналда рекъон цIех-рех гьабун бахъинегIан диваналъ гьел церехун рехсарал кIиялго полициялъулал моцIица туснахъ гьарун руго. Гьединго гьез кьурал баяназда рекъон гIунтIизабулеб бугеб тIадчIезабуни гьев Ленинский мухъалъул полициялъул кIиявго хIалтIухъан 5гIан соналъ туснахъ гьаризеги бегьулел руго. Гьаб сагIаталъ гьел низамцIунулел жидецаго гьабураб такъсиралъе мукIурлъун гьечIо. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун хасаб халгьаби байбихьун буго. Гьелъул хIасилал данде гьарун рахъун хадуб гьел ришват босиялда щаклъи бугел полициялъулал хъулухъалдаса рахъизе ругила, гьединго гьезул нухмалъулелги гIадлуялде цIаазе ругилан лъазабулеб буго гьез.

Исана соналда жаниб такъсириял иша гьариялъул щаклъи букIун къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби кквеялъул лъабабилеб хIужжа ккола гьеб. Январалъул байбихьудаги къуваталъул идарабаз ришват босиялъул ва аварияги гьабун чи чIварав гIолохъанчи тамихIалдаса ворчIизавизе кумек гьабиялда щаклъи бугел низамцIунулелги ккун рукIана. ГIагараб заманалда гьезда тIад диван гьабизе ккола.

Гьедин 2015 соналъул январь моцIалда жаниб батIи-батIиял такъсириял ишал гьариялда щаклъи бугев 7 Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул хIалтIухъан ккун вуго. Гьезул киназдего Россиялъул къануналъул чанго бутIаялда рекъон гIайиб гIунтIизабулеб буго, амма гьел киналго букIине кколелдаса цIикIкIун хъулухъалдаса пайда босиялда рекъонги тамихIалде цIазе ругин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

2014 соналъ «Левада» централъ гьабун буго россиялъул гIадамазул низамцIунулездехун божилъи бугищ гьечIищали тIатинабулеб цIех-рех. Гьелъул баяналда рекъон цIех-рехалъулъ гIахьалъаразул 89 проценталъ абун буго жидер гьезде божилъиги гьечIин, гьезухъан кумек щвеялдаги жал щаклъулилан.

Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи, МухIамадов Алавудинил пикруялда рекъон цIех-рехалъул гьединал хIасилал рукIиналъе гIиллалъун лъугьун буго низамцIунулез жидецаго къанун хвезаби ва гьезие букIине кколедухъ тамихI гьабунгутIи. Гьес абулеб буго жидерго хъулухъалдаса пайдаги босун бокьа-бокьараб гьабизе бегьулин кколин низамцIунулезда, гьединлъидал беркъапичIого ришваталги росулел гьез, къануналде дандекколареб бизнесги гьез тIалаб гьабун букIунебилан.

МухIамадов Алавудин: «Къанун цIунизе кколел чагIаз жидецаго хвезабулеб буго гьеб. Гьезда кколеб буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул хасаб ретIел ретIани яги гьезул документ кодоб ккун бугони жидеца бокьараб жо гьабизе бегьулин. Гьединлъидал низамцIунулез къанун хвезабиялъул хIужжаби гIемерлъулел ругел. Гьез росулел гIисинал ришватал рикIкIинчIого, цойги къануналде данде кколарел ишалги гьарун гьез босулебщинаб гIарацги киназдаго лъала. Казиноялги, хъахIбаханабиги, наркотикалги, рикъарал автомобилалги гьел киналдаго хурхараб бизнесги низамцIунулез тIад кверги лъун тIегьан бугеблъиги лъала киназдаго, амма гьабулеб жо букIунаро. Ккурал чагIиги гьел руго гьадингоял гIисинал хъулхъазда ругел чагIи. Гьезда тIад ругел кколаро гури, цоссина ккуниги гьез жидерго чи къварилъиялде ккезе толаро. Гьеб мехалда киналго къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби гьединазул адвокаталлъун лъугьуна».

XS
SM
MD
LG