МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда кина-кинал хIакимзаби нахъе рехизе рес бугеб?


Божилъи хвеялда бан пачалихъияв хъулухъчи хIалтIудаса вахъулеб къанун буго Россиялда. Гьенир рахъарал къануназда данде ккезе кколелъул Дагъистаналъул къанунги, гьедин бакIалъул парламенталъ 29 январалда тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабуна гьеб.

Халкъияб Мажлисалъул депутатазда цебе гьеб проект лъуна республикаялъул прокуратураялъ.

Амма божилъи хун хIалтIудаса киналго пачалихъиял хъулухъчагIи гуро рахъулел ругел. Сессиялда гьеб баян гьабуна Дагъистаналъул прокурор хисулев Заур Тархановас.

Заур Тарханов: «Республикаялъул бетIерги, Конституциялъул диваналъулгун мировоял абулел диванчагIиги унаро гьедин божилъиги хун хъулухъалдаса рахъулел пачалихъиял хъулухъчагIазда гъорлъе. Щайин абуни гьезие бихьизабураб къанун цойги буго Россиялъул Федерациялда. Гьединго парламенталда жанир гIодорги чIун хIалтIи гьабулел Халкъияб Мажлисалъул депутатаздаги хъинтIуларо гьеб къанун».

Пачалихъиял хъулухъчагIазда божилъи хвезе бегьулел хIужабиги гьадинал кколел руго – гьез жидеегоги жидер хъизаналда ругел чагIазеги щолеб хайир балъго гьабулеб бугони, гьединго жив сабаблъун ккарал кинал рукIаниги конфликтал лъугIиялъе хIалтIи гьабун гьечIони.

Пачалихъалъул хъулухъ жидее ирсалъе щванин ккарал хъулухъчагIи нахъе яризаризе ургъараб кутакалда санагIатаб къанун бугин рикIкIунеб буго гьеб дагъистаниязул цо къадаралъ. Щайин абуни хъулухъалдаса ине бокьуларого бакIалъул хъулухъчагIаз чанги-чанги жал ургъула, яги, муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел чIола жал халкъалъ рищун тарал чагIи ругин, лъиданиги кIоларин жал нахъе рехизеян.

Гьебго пикру тасдикъ гьабулеб буго ЭР-ялъе Дагъистаналъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевасги. Гьелъие мисалалъе гьес рехсолев вуго къогоялдаса цIикIкIун соназ Дербент мухъалъул нухмалъиялда вукIарав Къурбанов Къурбан. Жиндир хIалтIул хIасил гьечIилан, Рамазан ГIабдулатIиповас нахъе витIулев вукIарав гьев цин разилъун вуго. Амма хадуб халкъ тIамун буго жиндиего гIоло митингал гьаризе, ГIалибег ГIалиевасул рагIабазда рекъон.

ГIалибег ГIалиев: «Федералияб законалда рекъон, гьев (районалъул, росдал) бегавул нахъе вахъизе ихтияр гьечIо тIалъиялъул. Халкъалъ вищун ватани, халкъалъ кьола гъосул жаваб. Гьединлъидал цо цIакъго чара къосани, ургъизе кколеб бугоха гьединав нухмалъулев вахъизе кинаб бугониги рес. Доле жидеда чIалгIун, рихун вугин гьав чиян халкъалъ ахIи бан хадув хъулухъалдаса вахъарав Дербент районалъул нухмалъулес гьабунщинаб чороклъи бихьуларищ? Гьедин ккечIого букIине билълъанхъизабизе буго нухмалъулел тIасахун тIамулеб къагIида»

Амма Дагъистаналда кинаб къанун къабул гьабуниги, тIасахун абуралда рекъон букIунин кинабгоян абураб пикру загьир гьабулел чагIиги руго.

Къануналда рекъон, божилъи хвезехъин буго пачалихъияв хъулухъчияс жиндиргоги хъизаналъулги хайир бихьизабичIониги. Гьедин батани, гIезегIан хIакимзаби нахъе рехизе рес букIинехъин буго. Щайин абуни «Первое Антикоррупционное СМИ» абураб интернет-басмаялъ гъоркьисала ахIи бахъинабун букIана Дагъистаналъул хIакимзабазул лъабил бутIаги гьабун цоялъ гурони бихьизабулеб гьечIин жидерго буголъиян. Гьенив бищун «мискинав» вугоан росдал магIишаталъул министр БатIал БатIалов – лъагIалица хIалтIун гьесие щун бугоан 274 азарго гъурущ, гьелда гьоркьосаги 114 азарго гъурущ рагIула херлъидал щолеб пенсия.

Гьел рукIана 2013 соналда кьурал баянал. 2014 соналда щвараб хайир жеги бихьизабун гьечIо гьез.

XS
SM
MD
LG