МагъчIваялъе рес

Тумаз президент Путинихъе кагъат хъван буго


 Шушия росдал гIадамал ракъунчIеялъул акциялда
Шушия росдал гIадамал ракъунчIеялъул акциялда

ЦIияблак мухъалъул Шушия росдал гIадамаз 13 февралалда Россиялъул президент Владимир Путинихъе хъван буго жидерго ругелщинал захIмалъабазул, масъалабазул ва бакIалъул тIалъиялъ гьезие кIвар кьолеб гьечIолъиялъул бицараб кагъат. Гьеб гIуцIунги буго иргадулаб нухалда ракъи лъазабурал росдал активистаз.

ЦIияблак мухъалъул Шушия росдал гIадамаз цIидасан байбихьун буго заманалъ гьоркьоб чIезабун букIараб ракъунчIеялъул акция. БакIалъул нухмалъиялъ чияхъе ижарааялъ кьураб жидер росдал ракь нахъбуссинабейин тIалаб гьабулеб буго гьел гIадамаз. ЦIияблакмухъалъул бетIерас гьеб сиясатияб акция бугин, оппозициялъ рагъаризарун ругил гьел чагIийилан рикIкIунеб буго.

10 февралалда цIидасан ракъунчIей байбихьун буго ЦIияблак мухъалъул Шушия росулъ. Ахирисел баяназда рекъон гьеб акциялъулъ 13 чияс гIахьаллъи гьабулеб буго. ТIоцебесеб къоялдаса нахъе гьелда гъорлъ рукIарал лъабгоял сахлъиялъул рахъ нахъекколеб букIун гьеб тадбиралда гьоркьоса нахъе ине ккун руго. 2014 соналъул 24 декарбралдаги букIана Шушия росулъ гьезул бакIалъул администрациялъул бетIерас чияхъе ижараялъ кьураб жидее кколеб ракь халъкъалъухъе тIадбуссинабейин тIалабги гьабун байбихьараб акция.

Гьеб мехалда ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажилгун дандчIвайги тIобитIун, гьес гьеб ракьул иш жиндица Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналде кьун бугин, гьелъул иш роцIцIинегIан гьоркьоб къотIизе тейинги абун, чIезабун букIана. Гьеб мехалдаго ракъунчIараз лъазабун букIана жал цо моцIидасан гьеб суал тIубачIони цIидахъан гьабго акциялде разе ругилан. Гьанжеялдасаги цIикIкIун чиги вакIаризе вугин гьелъулъ гIахьаллъи гьабизейилан.

РакъунчIей унеб буго Шушия росдал рагIалда бугеб бан лъугIичIеб, жаниб лъицаниги гIумру гьабулареб цо минаялъуб. Гьениб газалъул гьитIинаб печги лъун хинлъизабулила жидеца рукъ, гьаб сагIатни къватIиб квачан гьечIелъул гьелъул хинлъи гIолеб бугила, амма цIорой ккани гьаниса батIияб бакIалде рахъине кколин жалилан абулеб буго акциячIагIаз. Гьезулго рагIабазда рекъон гьеб минаялъуб жанир киналгIаги шартIалги рагIуларо.

Гьеб акциялъул гIахьалчIужу Багирчаева Эльмирца «Эркенлъи» радиоялъе бицана жал моцIидасаги цIикIкIун балагьун чIанила гьеб жидер ракьул суал тIубалищали. Амма гьеб ишги рагIалде бахъичIелъул, гьелъул ургъел бугев чиги тIалъияда гьечIеблъи бичIчIараб мехалда цIидасан рахъанила жал гьаб ракъунчIеялъул акция гьабизейилан абулеб буго Эльмираца.

Багирчаева Эльмира: «Нижеца гъоркь гьадинабго акция байбихьараб мехалда мухъалъул нухмалъиялъ моцIидасан тIубалила жидеца гьеб суалинги абун гьеб заманалъ гьоркьобкъотIизабун букIана. МоцIги ана, дагьабги хадубги ана заман, амма жеги гьеб суал рагIалде бахъун гьечIо. Кида бахъинебалиги лъаларо. ГьанжелъагIанги микьго соналъ тIубазабулеб букIана хIакимзабаз гьеб ракьул суал, букIахъин бугоха жеги кинабго. Гъоркь нижеца акция байбихьараб мехалда нижер мухъалъул бетIер Айдиев ХIажица гьанивеги вачIун абуна жиндица гьеб суал роцIцIинабичIого тезе гьечIила, гьеб нижер ракьалда щибниги базеяли киб гурила, цо магIгицин чIвазе тезе гьечIилан. Нужги жив данде кколарел чагIаз гьусаралъуре ине хIадур рукIинчIого, сиясатиял акциял тIоритIичIого берцинго чIайилан.

Хъулби гIадал рукъзабахъ гIумруги гьабун, миллионал чвантинирги лъун ругел хIакимзабазе гьедин гаргадизе бигьалъун букIунелъуха. Гьезие нижер захIмалъаби щибизе, гьезул цо гIадамасе ургъел гьечIо ниж гьанир щиб гьабулел ругел, кинал шартIазда гIумру гьабун ругелали. Гочинарун хадур нижер халъкъалъул ругелщинал захIмалъабазул бицун свакан руго киналго, амма лъиениги ургъел гьечIо. Гьадинал акциял яги митингал гьарурал мехалда гурони гьезда ниж ракIалдецин щоларо, цойгидаб мехалда гьез гIинцин тIамуларелъул».

Гьединго Эльмираца бицана жалгун дандчIвазе вачIун вукIанила ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажи. Гьанжеги гьаб акция гьоркьоб къотIизе тейин гаргалев вукIанила гьев, гьеси къваригIун гьечIила гьелъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул тIалъиялда лъазе. Айдиевас жидеда абунила 26 февралалда ТIадегIанаб диваналда букIине кколин гьеб Шушия росдал бетIерас чияхъе ижараялъ кьураб 9 гектар ракьул суалалда хурхараб данделъийилан. Гьеб мехалда диваналъ ракь ижараялъ мекъи кьун букIин чIезабизе бугилан. Амма Шушия росдал гIадамал гьесул рагIабазда божулел гьечIо, жидер кинабгIаги божилъиги хьулги къотIизабунила бакIалъул нухмалъиялъги , Дагъистанаалъул тIалъиялъгийилан абулеб буго жамагIаталъ.

Гьединлъидал жидеца 13 февралалда Россиялъул президент Владимир Путинихъе жидерго ругелщинал захIмалъабазулги, масъалабазулги, бакIалъул тIалъиялъ гIадамазухъ гIинтIамулеб гьечIеб куцалъулги бицун хитIабги гьабунилан абулеб буго гьез. КидаллъагIанинха гьеб акция халат бахъинабизе ракIалда бугебилан цIехараб мехалда ракъунчIараз абуна жидехъе гьеб ракьул суал тIубанин абурал документал кодоре щвечIого ва гьеб ракь гIадамазда гьоркьоб бикьичIого жидеца акция гьоркьоб къотIизе тезе гьечIилан.

Гьелдаго тIаде Шушия росдал гIадамаз тIалаб гьабулеб буго жидер росдае кколелщинал ракьазул цIидасан хIисаб-суал (инвентаризация) гьабейилан ва гочинарун хадуб жидее хIукуматалъ рарал минаби рукIине кколедухъ ран ругищали чIезабулеб хасаб комиссияги гIуцIейилан. ГIадамазул разигьечIолъи буго гьел рукъзал ран ругеб куцалда.

Шушия росдал гьечIо чияхъе ижараялъ кьураб гьеб бицен гьабулеб 9 гектар тун батIияб тIокIаб ракь. Гьеб ракь рагIула федералияб нухлул рагIалда. Гьеб бекьун яги боцIи хьихьун гьелдаса пайда босун бажаричIони жидеца гьениб тукаби ва кваналел бакIал ралила, гьедин бизнесалье санагIалъи бугеб бакI бугин гьебилан абулеб буго гIадамаз. Гьеб ракь ижараялъ кьурав Росдал бетIерги хисун тарав цойгидав бегавуласдаги гьеб 9 гектар халкъалъухъе буссинабун бажарун гьечIо, щайгурелъул диваналъ гьеб ижараялъе кьеялда хурхун документал хIакъикъиял ругин рикIкIун букIиналъ. Кьунги буго гьеб ракь хъвай-хъвагIай киб бугебали фирмабазул регистарация гьабулеб палатаялдацин нижее мухIкан гьабизе кIвечIеб «Алмаз» абулеб жавабчилъиялъе гIурхъаби лъураб акциячагIазул гIуцIиялъе ай ООО-ялъе​.

XS
SM
MD
LG