МагъчIваялъе рес

И. Стародубровская: Политикияб элита хисизе ккола Дагъистаналда


Ирина Стародубровская
Ирина Стародубровская

Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал хIалуциналъе кинал гIиллаби ругел? Гьеб суалалъе жаваб кьуна политолог ва экономист Ирина Стародубровскаялъ жиндир хасаб онлайн-лекциялда. Эркенлъи Радиоялъе Стародубровскаялъ бицана Шималияб Кавказалъул республикабазда ругелин бицунел проблемабазул кинал ургъараллъун кколелали ва хIакъикъаталдаги ругел масъалаби кин тIуразе бегьулебали. Эксперталъул пикру лъазабуна МухIамадов Закирица.

Политолог ва экономист Стародубровская Иринада Шималияб Кавказалда бугеб хIал лъикIаланго лъалин абизе бегьула – регионалде гьей чанги нухалда щвана ва ахирисел 5-6 соналда жаниб эксперталъ социалиял цIех-рехал гьарулел рукIана республикабазда. Бахчараб экономика, хиса-басиял гъорлъ кколарел хIакимазул кьерал, хIалтIигьечIолъи, террор – гьел суалазда хъинтIана Стародубровская, «Эркенлъиялъе» интервью кьолаго.

Эксперталъул рагIабазда рекъон, Россиялда Шималияб Кавказ бихьула цебетIечIеб, терроралъ, ришватчилъиялъ, тухумчилъиялъ ккураб, къанунал хIалтIулареб, шаригIат ва гIадатал жамгIияталда тIиритIарал регионлъун. «Цояб рахъалдаса гьеб къимат битIараб бугин абизе бегьула, амма Кавказалъул регионалда ругел масъалаби Россиялъул бокьараб бутIаялде дандчIвазе бегьула. Цогидаздаса батIияб, жинда релълъараб батизе захIматаб бакIиланги Шималияб Кавказалда абизе бегьуларо, амма гьеб регионалда руго Россиялъул цогидал бутIабазде дандчIвазе бегьуларел хIужжабиги», - илан абуна эксперталъ.

Ирина Стародубровская: «Россиялъул бокьараб регионалдаса гIемер батIияб бугин Шималияб Кавказилан абизе кIоларо. Гьенир руго церетIечIел бакIалги, руго экономикаялъул централги. Амма гьел центразул буго цо кIудияб гIунгутIи - экономика ккола бахчараблъун. Мисалалъе, МахIачхъала босила. Гьелда абизе бегьула хьитал риччалеб шагьарилан. Хьитал риччаялъул индустрия МахIачхъалаялда цIакъ цебетIураб бугин абизе бегьула. Россиялда бугеб хьитазул рынокалда кIудияб бакI ккола Дагъистаналъ. Жалго хьитал лъикIал руго, багьаги хирияб гьечIо, амма Дагъистаналда гьел гьарулел ругин лъалел чагIи гьечIо.

ГIилла гьелъие кIиго буго. ТIоцебесеб, жибго Дагъистаналдехун Россиялда батIаго лъикIаб бербалагьи гьечIо. КIиабилеб гIилла - ва гьебги аслияб - хьитазул индустрия республикаялда бахчараб экономикаялъул бутIалъун ккола. Магъало гьениса бюджеталде щоларо, бизнесчагIаз гIемер ришватал кьола низам цIунулезе.

Гьел чагIазе гьедин бизнес бачине бигьаяб ва лъикIаб нух бугин ракIалде ккезе бегьула, амма гьеб гьедин гьечIо. Къануназдалъун хIалтIизе хIалбихьарав чанги бизнесчи лъала дида МахIачхъалаялда. Амма гьедин хIалтIизе гьезда кIвечIо – гьоркьоса къотIичIого халгьабизе рачIунел низам цIунулел, бизнесалъе нух кьоларел хIакимал, гIарац гьечIого къваригIарал документал кьоларел идараби… Дагъистаналда экономика бахчараблъун гьабулеб пачалихъалъул тIубараб система бугин абизе бегьула. Бокьарав экспертас абила, бизнес цебетIеялъе бахчараб экономикаялъ квал-квалал гьарулин. Бизнесчиясе рес щоларо жиндирго бренд гьабизе, инвесторал гьесие щоларо».

Стародубровскаялъул баяналда рекъон, бахчараб экономикаялдаса пайда буго ришватчилъиялъ ккурал хIакимазе ва низам цIунулезе. ГIадатиял гIадамазе, бизнесалъе, регионалъе гьединаб экономикаялдаса зарал гурони гьечIо.

Дагъистаналда ругел масъалабазул бицунаго, «Эркенлъи» радиялъул мухбирас эксперталда гьикъана терроралъул хIакъалъулъги. Гьелда данде кин къеркьезе кколел, «рохьилазул» къадар кин дагълъизабилеб? Гьел суалазе жаваб кьолаго, Стародубровскаялъ абуна хIукуматалда чIегIерабги хъахIабги гурони бихьулеб гьечIин. Гьелъул пикруялда рекъон, хIукуматалъ рикIкIунеб буго гIадаталъулаб ай традициялъулаб исламги радикалияб исламги гурони гьечIин.

«Радикалияб исламалда гъорлъ ругел хIукуматалда террористаллъун рихьулел руго», - илан абуна гьелъ. Стародубровскаялъул пикруялда рекъон, радикалиял бусурбабигун хIалтIизе ккола эксперталги ахIун. «Гьел «рохьилалилан» абурал чагIазда гъорлъ руго чанги батIиял къукъаби - идеологиял, гIакъубазул къурбанал, гIарцуда хадур арал, къисас балагьизе арал. Чанги данделъиялда гьел къукъаби рехсола я хIакимазги, я рагъулазги. Амма ишалде ккараб мехалде ратIа гьаричIого киналго чIвалел руго», - ян абуна эксперталъ.

Шималияб Кавказалъул масъалабазул бицунаго, гIемерисез хIалтIигьечIолъи бихьизабула кIвар тIоцебе кьезе кколеб суаллъун. Москваялдаса чанги экспертас абулаан хIалтIигьечIолъиялъул масъала кIодолъизе биччачIого букIиналъе гIоло ва политикиябгун-социалияб ахIвал-хIал парахалъизабизе гIоло, федералияб централъ гIемер гIарац битIулин Дагъистаналде. Амма хIалтIигьечIолъиялъул рахъалдаса ахIвал-хIал республикаялда бицунеб гIадин хIалуцараб бугодай? Стародубровскаялъ абулеб буго, гьеб кколин ургъараб масъалалъун.

Ирина Стародубровская: «ХIалтIигьечIолъиялъул тема интересаблъун ккола. ТIоцее МахIачхъалаялде дун щвана щуго соналъ цее. ХIакималгун гара-чIвариял гьарулел рукIана. Аслиял мисалал шагьаралда кинал ругелали гьикъана гьезда. ГIемерисез жаваб кьуна хIалтIи батулеб гьечIин ва гьединго ясли-ахазда бакIал гIолел гьечIин. ХIалтIи гьечIеб мехалда ясли-ахазде лъимал щай кьолел? Гьелгун рокъор рукIине бегьуларищ гьезул улбул? Гьел суалал рорхарал мехалда, жаваб щвана улбул базаразда хIалтIулел рукIулин, бихьинал такси яги маршрутка бачунел рукIунин, минаби ралел площадкабазде унин хIалтIизе.

ХIалтIигьечIолъиялъул кIудияб къадар бугилан щайха абулеб бугеб гIадамаз? Щайгурелъул, дагъистанияз хIалтIилъун рикIкIунеб буго пачалихъиял идарабазда хIалтIи. Цогидал махщелал - базарчIужу, таксист - гьезда хIалтIилъун рихьулел гьечIо. МахIачхъалаялда дандчIвана гIадамазе хIалтIи балагьулеб агентствоялъул вакилалгун. Сантехникал, ремонтникал, шоферал, крановщикал - гьелги цогидалги вакансиял гIемер руго.

Юристаллъун ва экономисталлъун цIализе унел руго гIолилал, хадур хIалтIи гьечIин абулеб буго. Щуго-анлъго кадровияб агентство буго МахIачхъалаялда, ракке гьенире. ХIалтIи буго, амма хIалтIи балагьулезе рачIунаго кIудияб харж ва хъулухъ бокьулеб буго. Шималияб Кавказалъул масъала буго гьеб. ХIалтIигьечIолъи абураб масъала Шималияб Кавказалда - хIалтIи батулеб гьечIин абизе бегьулеб масъалалъун кколаро».

Дагъистаналъе цебетIезе квал-квал гьабулеб масъалалъун эксперталда бихьулеб буго политикияб ахIвал-хIалги. Гьелъ абухъе, республикаялда цIияб политикияб элита баккулеб гьечIо.

Ирина Стародубровская: «Бугеб политикияб ахIвал-хIал хисизе, дир пикруялда рекъон, риччалел гьечIо кIиго гIиллаялъ. ТIоцебесеб гIилла - динияб идеология. ГьабсагIаталда Дагъистаналда кинаб динияб хIал бугебали киназдаго лъала ва киназдаго бичIчIула, диниял бербалагьиял гьеб идеологиялдаса батIиял ругел чагIазе политикаялде нух къан бугеблъи.

КIиабилеб - гьебги аслияб - гIилла: элита хIадуризе ккола. Жакъа къоялда бугеб Дагъистаналда политикияб нормалияб элита бижуларо. Цого гьурмал рихьула хIакимазул кьеразда. Президентал хисула, амма хIакимазул дол кьераздаса чагIи кирениги унаро - цохIо хъулухъал хисула гьез. Элитани, мисалалъе, баккила. Амма гьел чагIи регионалъул масъалаби тIуразе риччалеб заман щвезе бокьун батани, республикаялда киналго сферабазда унго-унгоял хиса-басиял гьаризе ккола».

Эксперталъ ахиралда абухъе, федералияб централда бичIчIизе ккола Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда ахIвал-хIал хисизе бугеблъи, тIоцере политикиял хиса-басиял гьарунани.

XS
SM
MD
LG