МагъчIваялъе рес

АхIвал-хIал лъикIлъана, парахалъиялъе багьана гьечIо


Араб соналда Дагъистаналда оперативияб ахIвал-хIал лъикIлъанин, амма низам цIунулезул хIалтIудалъ гIунгутIаби ругин бицунеб букIана гьал къоязда Дагъистаналъул хIукуматалда тIобитIараб хасаб данделъиялда. Гьенир ракIарарал низам цIунулел идарабазул нухмалъулезги, депутаталгун цогидал хIакимазги бицунеб букIана исана терроралде дандечIараб хIалтIи кин гьабизе кколебали.

Регионалъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас низам цIуниялда хъинтIараб сатистикаялъул тарихал рехсана. Гьесул рагIабазда рекъон, араб соналда Дагъистаналда изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унев 160 чи чIвана ва гьел чIваразда гъорлъ руго «рохьилазул» 20 цевехъан.

Федералияб хасаб хъулухъалъул регионалда бугеб идараялъул нухмалъулев хисулев Юнус МахIмудовас тIаде жубана араб соналда Дагъистаналда 54 хасаб операция букIанин. Гьес абухъе, низам цIунулезул 300 «рохьилав» ва гьезул кумекчагIи ккуна гъоркьисала. Амма гьел 300 «рохьилазда» гъорлъан ярагъги гIодоб лъун жалго кверде рачIана 14 чи.

ФСБялъул идараялъул вакил МахIмудовас рикIкIунеб буго эффективияб хIалалъ терроризмалде данде къеркьезе бокьун батани, низам цIунулел идарабаз хIалтIи дандбазе кколин. Гьесул рагIабаздаса бичIчIулеб буго гьеб суалалъе цадахъ лъугьун кIвар кьолеб гьечIеблъи.

МахIмудовасул рагIаби бадибчIваяллъун рихьун ратила ГIабдулатIиповасда, щайгурелъул гьев гIедегIана данде жо абизе. «2014 соналда цониги теракт букIинчIо Дагъистаналда, амма гьел ккеялъе хIинкъаби рукIана. Щай гьел ккечIел? Щайгурелъул низам цIунулел идарабиги, хIукуматалъул идарабиги, мухъазул идарабиги цадахъ лъугьун хIалтIулел рукIана хIинкъигьечIолъиялъул масъалабазда тIад. Цоцазда гIайибчIваялги тун хIалтIизе рортана», - илан абуна республикаялъул нухмалъулес.

Терроралде дандечIарал комиссиязул хIалтIудаги хъинтIана данделъиялда. Республикаялъул прокурор Рамазан Шахнавазовас ракIалде щвезабуна регионалъул жиб-жиб мухъалда гIуцIун бугин терроралде дандечIарал комиссиял, амма гIемерисел комиссиязул хIалтIи ишараялъе гIоло гьабулеблъун бихьулин. ГIемерисел мухъазул администрациялда кIолеб гьечIо комиссиялъул хIалтIи рагIалде бахъинабизе. «Чанги нухалда гьал данделъабазда абун букIана комиссиялъул вакилал школазде ине кколин, университетазде ине кколин, гIолилалгун дандчIвазе кколин ва гьениб терроризмалъ кире рачине бегьулебали бицине кколин. Гьеб жо гьоркьоса къотIичIого чIамулеб буго, амма гьелда гIинтIамулел ратулел гьечIо. ТIадежоялъе, цо-цо мухъазда абулеб буго терроризмалде дандечIеялъе жидер бюджеталда гIарац гьечIин», - ян абуна прокурорас.

Дагъистаналъул нухмалъулесе гьеб хабар рекIее гIечIо, гьес абуна терроризмалъул суал кIвар кьезе кколезда гьоркьосан тIоцебесеблъун кколин.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьеб информациялъул хал гьабизе ккола. Гьеб гьедин букIине кколаро, гьел суалал кIвар кьезе кколеллъун руго. Мухъазда ругел терроралде дандечIарал комиссиязул хIалтIуда тIаса араб данделъиялдаги абун букIана хIалтIи лъикIлъизабеян. Ишара лъеялъе гIоло гIадинаб хIалтIи буго гьезул жакъа къоялда. Абун букIана цIиял нухал ралагьизе кколин гьез. Терроризмалъул суал мухъазул нухмалъулезда аслияблъун бихьулеб батичIони, кинаб суал гьезда бихьулеб тIоцебе тIубазе кколеблъун? Терроризмалде дандечIеялъе мухъалъул нухмалъулесе гIарац батулеб гьечIони, сундуеха гьеб гьесие батулеб бугеб?»

Сириялда бугеб рагъда гIахьаллъизе унел дагъистаниязулги борхана суал данделъиялда. Гьел чагIазул гIагарлъигун профилактикияб хIалтIи гьабизе кколин абуна. Гьанибго тIаде жубала, гьал къоязда Дагъистаналда туснахъ гьавуна «Исламияб пачалихъалъул» рахъалда Сириялда вагъулев вукIарав Унсоколо мухъалдаса ХIажи МухIамадов. Араб соналда республикаялда Сириялда рукIарал анлъго дагъистаниял туснахъ гьаруна.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ моцIалъ цебе тIибитIизабураб информациялда рекъон, «Исламияб пачалихъалъул» рахъалда рагъулел россиялъулазул къадар 800 чи ккола. Амма «Эркенлъиялъе» батIи-батIиял экспертаз цогидал тарихал рачун рукIана. Мисалалъе, политолог Алексей Малашенкол къиматалда рекъон, Сириялда жакъа къоялда рагъулел руго Россиялдаса 2 азарго чи, гIемерисел кавказалъулал. МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» эксперт АхIмад Ярлыкаповасул баяназда рекъон, Сириялда рагъда гIахьаллъулев вуго гIага-шагарго 1500 дагъистанияв.

Кин букIаниги, Сириялде ине хьулал бугел дагъистаниязул къадар дагълъизабизе кколин рикIкIунеб буго республикаялъул хIукуматалъ. Прокурор Шахнавазовасул пикруялда рекъон, терроризмалде ва экстремизмалде къеркьеялъул масъала тIубаялъе цояб нухлъун гьесда бихьула социалиялгун экономикаялъул масъалаби тIурай. «ТIоцебе, хIалтIигьечIолъиялъул суалал тIуразе ккола. СахлъияцIуниялъул рахъалдаса руго тIадкIаялъаял, гьенир ругел масъалабазе кIвар кьезе ккола. ЦохIо къуваталъ «рохьилал» тIагIинаризе гьечIо», - ян абуна Шахнавазовас.

Гьеб данделъиялда рорхарал масъалабазе хIакимаз кьураб къиматалдаса жив рази вугин абуна «Эркенлъиялъе» инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гуцIиялъул шураялъул нухмалъулев Олег Орловас. Цодагьалъ цебе «Эркенлъиялъе» гьес абухъе, терроралде дандечIеялъул цогидал механизмал рукIана республикаялда ва гьел механизмал гьесда рихьулел рукIана эффективияллъун.

Олег Орлов: «Дагъистаналда букIана цогидаб модель. Гьелда рекъон, бусурбабазул батIи-батIиял жамгIиятазда гьоркьоб диалог букIана, хасал операциял суалал хадуб раккуларедухъ гьарулел рукIана, амма гьеб кинабго тIагIана. ЦIидасаго тIадруссана къуваталъул нухда. Дагъистаналда щаялиго къуваталъул гурони цогидал нухал лъалел гьечIо. Гьединал механизмаз рачине бегьула Чачаналъ бугеб ахIвал-хIалалде. Гьенир рохьилазул гIагарлъиялдаса чагIазул минаби рухIулел руго, гIадамал гIумру гьабулеб бакIаздаса гочинарулел руго».

Инсанасул ихтиярал цIунулезул пикруялда рекъон, терроризмалде дандечIеялъул бицунаго хIакимаз низам цIунулел идарабазул хIалтIуе къимат кьолеб гьечIо. Мисалалъе, «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ абухъе, «рохьилазда» гъорлъ руго полициялъул тIаса ккараб хIалтIудал къурбаналги. «Цоял гьенире унел руго гIакъуба щун хадур, цогидал унел руго вац полициялъ ккун ва хадуб гьез гьесие гIакъуба кьун хадуб. РитIухълъи балагьизе рохьазде унел чангиял руго гьел «боевикалин» абулел чагIазда гъорлъ. Амма низам цIунулезул тIаса ккараб хIалтIудал щаялиго хIакимаз данделъабазда яги бицунеб гьечIо, яги тIаса-масанго бицун толеб буго», - ян абуна эксперталъ.

Инсанасул ихтиярал цIунулелги, жамгIиял хIаракатчагIиги ахIизе кколин терроризмалде дандечIеялъул суалал рорхунел хIукуматалъул данделъабаздаилан абуна ГIисаевалъ ахиралда.

XS
SM
MD
LG