МагъчIваялъе рес

Ункъго моцIалъ букIинчIеб кьвагьа-гIанхъи


24 февралалда Хасавюрт мухъалда чIван вуго полициялъул цо хIалтIухъан ва изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кIигояв. Полициялъул цоги хIалтIухъан лъукъунги вуго. Гьеб кьвагьа-гIанхъи ккун буго сардилъ полициялъул чIовудабакIалда. Гьеб буго Дагъистаналъул низам цIунулезда ва изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гьоркьоб ункъго моцIида жаниб ккараб тIоцебесеб кьвагьа-гIанхъи.

24 февралалда Хасавюрт мухъалда полициялъулазда ва изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гьоркьоб гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда цо низамцIунулев чIван вуго, цойгияв лъукъун вуго. Гьеб тIадекIанцIи гьабуразулги кIигояв чIван вуго. Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазде изну гьечIого яргъидгIуцIараздаги гьоркьоб тунка-гIуси ахирисеб нухалда 4 моцIица цебе ккун букIана.

Хасавюрт мухъалъул Сулевкент росдада аскIоаб сардилъ цо тIубалеб мехалда ккун буго низамцIунулездаги изну гьечIого яргъидгIуцIараздаги гьоркьоб тунка –гIуси. Официалиял баяназда рекъон, полициязде яргъидгIуцIараз кьвагьун буго документазул хал гьабизе гьел чIезарураб мехалда. Гьеб тунка-гIусиялъул хIасилалда чIван вуго полициялъул цо хIалтIухъан, цойгидав лъукъун азарханаялде вачун вуго. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз кьурал баяназда рекъон гьев лъукъарав полициялъулав захIматаб хIалалда рагIула, чанго гулла щун бугила гьесул боххалда ва чохьолъилан абурал баянал кьолел руго гьез. Полициялъулазде кьвагьдарал чагIи жеги мухIканго щалали лъалел гьечIо.

Дагъистаналъул цониги къуваталъул идараялъ официяалияб къагIидаялъ гьел чIварал чагIазул хIакъалъулъ кинабгIаги информация къватIибе кьун гьечIо. Республикаялъул цо-цо информагентлъабаз хъвалеб буго жанисел ишазул идарабазда хIалтIулел чагIаз кьурал мухIканал гурел баяназда рекъон 24 февралалда Сулевкенталда чIварал чагIи кколел ругила 23 сон барав СагIидов Расул ва 33 сон барав МухIумагIалиев Загъалав. 20I4 соналдаса нахъе изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ рукIанин гьел чIварал гIолохъабийин абурал тадсикъ гьаричIел баяналги руго.

Гьединго жеги мухIкан гьабун гьечIо гьел низамцIунулезде кьвагьдаразда цадахъ цойги лъабабиев чи вукIаравищ вукIинчIевищали. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго гьезда цадахъ цойги лъабалиевги вукIанин, гьаб сагIат жидер хIалтIухъаби гьев валагьулев вугилан. Амма республикаялъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго гьев лъабабилев чи вукIанин абурал баянал жидехъ гьезего гьечIилан.

Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ Россиялъул къануналъул кIиго бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго.

Ахираб ункъго моцIида жаниб тIоцебесеб нухалда ккун буго республикаялда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда ва изну гьечIого яргъидгIуцIараздаги гьоркьоб кьвагьа-гIанхъи.

Дагьал церегIан къояз тIобитIараб Дагъистаналда гIадлу-низам букIинабиялъул ва къанун цIуниялъул суалал гьоркьоб лъураб данделъиялда, республикаялъул ва жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъиялъ лъазабуна 2014 соналъ Дагъистаналда такъсирчигIи гIезегIан гIодобегIан ккун бугилан. Бищун цебе гьелъие нугIлъи гьабулила 20I4 соналда жаниб Дагъистаналда цониги кьвагьи ккечIолъиялъилан лъазабуна гьеб данделъиялда республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница.

ГIабдулатIипов Рамазан: «2014 соналъ терроризмалъул рахъалдасан хIинкъиги букIана, террактал гьаризе хIалалги рихьана, амма нижеца кIвана гьеб киналдаго данде чIезе. Цере бищун такъсирчилъи гIемераллъун рикIкIунел рукIарал мухъазда ва шагьаразда гьеб гIезегIан гIодобегIан ккун буго. Цересел саназде данде ккун такъсирчилъи цIикIкIун буго Хьаргаби мухъалда ва МахIачхъалаялда. ГIаммаб къагIидаялъ республикаялда хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул иш лъикI унеб буго. Бищун кIудияб хIалтIи гьелъие гьабурал чагIи ккола къуваталъул идараби. Амма терроризмалде данде къеркьеялъул лъикIал хIасилал рукIунин абун нилъ гIодоре риччан рукIине бегьуларо. Гьел чагIаз гьоркьоса къотIичIого гьабулеб буго жидерго иш».

Гьебго данделъиялда Дагъистаналъул жанисел ишазул министр МухIамадов ГIабдурашидица лъазабуна Шималияб Кавказалъул федералияб округалда бищун лъикIал хIасилал ругила республикаялда такъсирчилъиялде данде къеркьеялъул хIасилалилан. Ахираб анцIго соналда жаниб жеги гьединаб хIасилалде рачIун рукIинчIин лъазабуна гьес.

Дагъистаналъул прокурор Шагьнавазов Рамазаница гьеб данделъиялда лъазабуна республикаялда букIине кколедухъ терроризмалде данде пропаганда гьабулеб гьечIила, гьеб иш лъикIаб хIалалъ гIуцIани терроризм дагьлъизабиялъе кIудияб квербакъи гьабизе бугин гьелъилан.




XS
SM
MD
LG