МагъчIваялъе рес

Россиялъулазе цIидаса хиралъулев вуго Сталин


Инсанасул ихтиярал цIунулезул ургъел ккун буго гIемерисел россиялъулазул Иосиф Сталиниде позитивияб берблагьи букIиналда бан.

Тарихалъулгун лъай кьеялъул ва инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» абураб жамгIияталъул бетIер Арсений Рогинскияс «Интерфаксалъе» интервью кьолаго лъазабуна, гьеб кколин «ургъел ккезабулеб сигналин». Гьедин гьес абуна марталда «Левада-централъ» гьабураб цIех-реххалъул хIасилалда хурхун комментариял гьарулаго.

Гьеб идараялъул гьикъа-бакъияз бихьизабулеб буго, ахирисеб I5 соналда Россиялда Сталин рихарал гIадамазул бутIа гьитIинлъун букIин.

Гьебго гьикъа-бакъиялъ бихьизабулеб буго гьединго, щибав ункъабилев россиялъулас Сталин хвей цевехъан ва мугIалим хвей хIисабалда къабул гьабулеб букIин.

Гьикъа-бакъи гьабуразул 37 проценталъ рахъ кколеб буго КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи щун 70 тIубаялда бан Сталиние мемориал лъеялъул.

XS
SM
MD
LG