МагъчIваялъе рес

ВатIан, мун бокьизе тIоцебе дида лъицадай малъараб гьаб дунялалда…


ГIолилазул ишазул рахъалъ федералияб агентствоялъ гIуцIун буго «ГIун бачIунеб гIелалда ватIан болъизе малъи» абураб хасаб программа.

2016-2020 соналъул болжазда гьеб программа гIумруялде бахъинабизелъун хIажалъулеб буго 1,8 млрд гъурущ. «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал гIадамазул цонигияз рахъ кколеб гьечIо гьеб программаялъ лъикIаб хIасил кьезе бугилан абураб пикруялъул.

2011 соналда хIадур гьабураб гьединаб программа гьабсагIатги буго Россиялда хIалтIилеб, амма гьелда тIасан чанги тIасанкIалъаял гьарун руго экспертаца. Гьеб кинабго хIисабалде босун бугин цIияб программа хIадур гьабурал чагIазилан хъвалеб буго «Независимая Газеталъ». Украинаялда кколел лъугьа бахъиналги, экономикаялда жанир ккарал хиса-басиялги хIалае ккун, Россиялъул пачалихъалда жаниб ахIвал-хIал бечIазабизе бокьарал гIадамал чанги руго. Гьединлъидал 2020 соналда лъагIан ватIан бокьиялъул мисал цIияб даражаялде бахинабизе кколилан рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Гьелъул хIасилалда щуго соналдасан унго-унголъун жиндирго ватIаналдаса чIухIулел гIадамазул къадар цIикIкIине бугин микьго проценталъ, гьединго армиялда хъулухъ гьабизе ине бокьарал гIадамалги цIикIкIине ругин 10 проценталъилан прогноз буго гьезул. Гьелъие харж гьабизе хIажалъулеб буго кIиго миллиард гъурущ.

Амма Дагъистаналда нижеца цIех-рех гьабурал гIадамазул цонигияз рахъкквечIо гьеб программаялъул. Миллиардалги риччан малъулеб жо букIунарин ватIан бокьизеян абулеб буго цеве МахIачхъалаялъул гIолилазул централъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIарав ХIасанхIусенов Шамилица. ГьабсагIат МахIачхъалаялда бугеб спортшколалъул нухмалъулев хисулевлъун хIалтIулев вуго гьев. ГIарац гьадинги биччан бугин хIукуматалъ гIолилазулгун хIалтIи гьабулел идарабазе, амма гьеб гIарац букIине кколедухъ хIалтIизабизе лъалеб гьечIин.

Шамил ХIасанхIусенов: «10 млрд. гъурущ биччаниги гьелъул пайда букIине гьечIо патриотизм абураб жо щивав чиясул рекIелъ гьечIонани. ХIукуматалъ гьадинги биччалеб букIана цебеги гьелъие гIарац, мисалалъе дун хIалтIулеб ГIолилазул Централда нижеца хIадур гьарулаан батIи-батIиял программаби, гьелъул дагьа-макъаб букIаниги хIасилги кколеб букIана. Дир пикруялда хIукуматалъ гьадинги гIунги тIокIаб кумек гьабулеб буго, амма гьеб кумек хIалтIизабизе лъалеб гьечIо. КIиго миллиард биччаниги, щуго биччаниги гьелдалъун ватIан бокьизабизе кIолин чиясдаян абураб жоялда божуларо дун».

Нижеца гьикъана Шамилида, дур хIисабалда кинаб хIалтIи гьабизе кколеб жакъа гIун бачIунеб гIел ватIан бокьизе куцазелъунилан.

Лъималазе патриотизмаялъул тарбия кьезе регIулареб хIалалде ккезарун ругин жакъа пачалихъалъ хъулухъчагIи харжги дагь гьабунилан абулеб буго гьес. Гьес мисалалъе бачана мугIалимзабазул ва ясли-ахалъул хIалтIухъабазул харжал цIакъго мукъсанал рукIин. Амма цохIо гьезда божун чIечIого щивас жиндирго рокъоса байбихьун куцазе кколин лъимал чIахIиязул адаб-хъатир гьабизе, умумуз къо хIехьолеб букIараб куцалъулги бицинеги кколин гьезда.

ХIасанхIусенов Шамил: «Нилъеца щивас гьединаб хIалтIи гьабулеб бугони, жибго загьирлъун бачIуна гьеб. Амма гьеб цохIо бицун тIубаларо, патриотизм абураб жо букIине кканани, чIахIиязги гьелъие мисал бихьизабизе ккола. ЧIахIиязин абуни жакъа гIаксаяб мисал буго бихьизабулеб. Шивасе цохIо жиндирго гурони ургъел гьечIо. Жиндего щолеб шагьи-параялъул гурони цогидасде регIараб хIал гьечIо гьесул.

Патиротизмалъулги, ватIан бокьиялъулги лъималазе сагIтаца бицаниги щиб нилъецаго гьезда бихьизабулеб гьечIони ватIан бокьулеб куцги, чIахIияздехун бугеб адабги, цоцаздехун бугеб гьуинлъи-вацлъиги. Гьеб кIиго миллиард гъурущги хIурудахъ ине буго, гьелъул цебетIейги букIин гьечIо. Жакъа руго чанги жамгIиял гIуцIабиги, спортивиял школаги, батIи-батIиял идараби руго гIолилазулгун хIалтIи гьабулел, гьезие биччараб гIарацги буго, гIицIго гьеб кинабго битIараб нухда хIалтIизабизе къваригIун буго».

ЖамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадица гьанжесеб хIукумат релъинабулеб буго бесдал эбелалда. Гьединилъидал кигIан гIемераб гIарац гьелъ кьолеб бугониги бесдал эбел бокьизе рес гьечIин лъималазеян абураб мисалалда загьир гьабуна гьес жиндирго пикру.

Шамилов МухIамад: «Бесдал эбелалъ гIемераб жо гьабулеб буго бседаллъималазда жийго берцин йихьизейилан абун. Амма, бесдал эбелалъул бухIараб къунтIилан буго аби, гьединаб гIамал гьечIеб хIукумат буго нилъер. Бесдал эбел чидар лъималазе йокьаниги гьаб нилъел хIукумат нилъер халкъалъе бокьилин абураб жояда божуларо дун. Щайгурелъул гьаб зулму-хIал халкъалда тIад чIезабураб пачалихъалде халкъалъул рокьи букIунаро, кигIан гIемераб гIарац гьез кьуниги».

ТIадехун абухъе, гIун бачIнеб гIел ватIан бокьизе куцазелъун хIадур гьабураб программа гIумруялде бахъинабизелъун кIиго миллиард гIанасеб гъурущ хIажалъулеб буго. Амма цIех-рехал гьарулеб Левада Централъул нухмалъулев хисулев, Алексей Гражданкиница абулеб буго гьебщинаб гIарацги хIурудахъ ине бугин, гьеб программа хIадур гьабураб гIадамалги мурадалде щвезе гьечIилан. Щайгурелъул инсанасул жиндирго ватIаналде бугеб рокьи борцун лъихъаниги бажаруларин рикIкIунеб буго социологас.

XS
SM
MD
LG