МагъчIваялъе рес

Кавказалъулазе гIащтIичи, гIурусазе багьадур


Россиялъул тарихчагIаз хIалбихьулеб буго анцIила ичIабилеб гIасруялъул байбихьуда Кавказалда вукIарав пачаясул сардар Алексей Ермолов кIудияв бахIарчи хIисабалда вихьизавизе.

Гьедин лъазабулеб буго «Мемориал» гIуцIиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулез. Амма кавказалъул халкъалъе гьев абадиялъего хутIизе вугин вахIшияв гIащтIичи хIисабалда, гьеб кIочене бегьуларилан лъазабуна гьез 10 апрелалда Ермоловасул хIакъалъулъ Москваялда биччараб тIехьалъул презентациялда.

Гьеб тIехьалде росун руго батIи-батIияб заманалда Еромоловас хъвараб щунусго гIанасеб кагъат. Гьезда гьоркьоса 200 кагъат кколин цебехун кибниги бахъун букIинчIебилан абулеб буго басмаялде тIехь хIадур гьабуразул цояв Яков Гординица. Гьел кагътал басмаялде рахъи цIакъ актуалияб темалъун кколин абулеб буго гьес, щайгурелъул Кавказалъул рагъ жакъа къоялъги гьоркьоб къотIун гьечIелъул. Презентациялда кIалъазе рахъарал тарихчагIаз ва цогидал экспертаца бергьун кIудияб къимат кьолеб буго живго Ермоловасе. Наполеонида данде гьабураб рагъул бахIарчи, Кавказалда вукIарав пачаясул сардар хIисабалда гьес кIудияб лъалкI танин тарихалда жаниб.

Амма Кавказалъул халкъалда данде гьес хIалтIизабураб кутакаб вахIшилъи жеги кIочон гьечIин гьезул наслабазда, гьединлъидал Россиялъул тIалъиялъ жакъа гьев жидерго миллияв бахIарчилъун вихьизавиялда кинго тIад рекъезе кIоларилан лъазабуна презентациялда «Мемориал» гIуцIиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулез.

ХIакъикъаталдаги гIурус халкъалъе гьев вугин кIудияв чи, рагъул цевехъан ва гьез гьев кIодо гьавизе вугилан абулеб буго тарихчи ХIажимурад Доногъоца. Амма Кавказалъул халкъалда гьес гьабунщинаб зулму гIадан бицунеб божулеб хIакъикъат гурин. ХIалихьатазулги хIалихьат вукIанин гьевилан абураб къимат кьуна ХIажимурад Доногъоца Ермоловасе. Кавказалда гIадлу-низам билълъанхъизабизеян пачаяс вакил гьавун витIарав чи, гьес гьаниб тIубараб геноцид багъаризабунин. ГIурусазул цо-цо тарихчагIаз жидерго хъвай-хъвагIаязда абулеб бугин Ермоловас Кавказ мукIур гьабунилан, амма гьеб жо лахIгIан чIегIераб гьереси кколилан абуна тарихчияс.

ХIажимурад Доногъо: «Гьереси буго гьеб кинабго. 1826 соналъ гьаниса нахъе унаго гьес Кавказ тана цо гIучI хъинтIани гваргъан цIа рекIине хIадураб бакъвараб цIулада релъун. БатIайиса абуни гъазаваталде рахъине хIадураб куцалъ тана гьес гьаниб халкъ. Гьеб рагъги кватIичIого байбихьана магIарулаз лъабго имамасул бетIерлъиялда гъоркь. Кинав Кавказ мутIигI гьабурав чиха гьев вукIунев, кинабго гIаксалда букIараб мехалъ? РакI бохула дагьал ругониги жакъа Россиялъул тарихчагIазда гъорлъ бугелда бугилан абулел чагIи рукIиналъ, Ермоловас гьабунщинаб пасалъи букIараб куцалда бицунел чагIи руго гьел. Кавказалда чан росу гьес бухIараб, чан руччаби хъамун хадур жинцаго рачарал, чан чи хъвехъун рарал, аманаталъе гIисанал лъимал росана гьес. Гьев гIащтIичияс гьабунщинаб вахIшилъиялъул хал гьабурабго цебего заман щун буго гьесие жамгIияб хIукму къотIизе. Гьесие памятникалги монументалги лъолел, гьесул цIар кIодо гьабулел чагIазда рагIуларого буго гьеб».

Ермоловас Кавказалда зулму гьабунилан абураб жоялде данде далил хIисабалда, Кавказалъул гIадамазги хIалтIизабуна гурищин зулмуйилан абуна гьеб презентациялда, Санкт Петербургалда бугеб Европаялъул университеталъул проректор Галина Лисицыналъ. МугIрузул халкъалъ жидерго мадугьалзабаздеги, хъазахъазул чIей бугеб бакIалде гьарулел рукIарал тIадекIанцIиялги гIемер вахIшиял рукIанилан мисал бачунеб буго гьелъ. Амм гьеб хIужаялда тIадги кинго рекъолев гьечIо тарихчи ХIажимурад Доногъо.

ХIажимурад Доногъо: «Кавказалъулаз жидедаго жаниб гурони, аскIор ругел халкъазде киданиги тIадекIанциял гьарулел рукIинчIо. Хъазахъал Кавказалде рачIана Екатерина КIиабилелъул нухмалъиялъул заманалда, амма гьелъул магIна кколароха гьанире рачIун хадур гьел цIакъ рекъел бокьулел, хIалимал гIадамаллъун рукIанилан, рукIинчIо. Амма кавказиялъулаз гьездехун вахIшилъи хIалтIизабичIо. Имам Шамилил буюрухъ букIана тушманасул бетIер къотIугеян абураб. Гьеб буюрухъалъе муридзаби хилиплъичIо, гIурусазин абуни хвезе течIо гьеб вахIшияб гIадат. КъотIулел рукIана гьез нилъер рагъухъабазул бутIрул ва щибаб къотIараб ботIрохъ чIезабураб мухьги букIана. Пачаясул аскаразда гъоркьор рукIана лъай бугел, гьединаб къагIида рекIее гIоларел офицерзабиги, амма гьезги гьелде берал къанщана. Гьел гьанире рачIана рагъгун, вахIшилъигун, рекъелгун рачIинчIо. Гьединлъидал кIиязулго рахъалдаса букIанин вахIшилъиян абураб жоялда дун рекъоларо».

Аслияб куцалда Еромоловасул зулму бихьарал гIадамал кканин чачаналги, гьединго лъарагIалгун даргиялги. МагIарухъе Еромолов щвечIин жиндирго вахIшилъи хIалтIизабизеян бицана «Эркенлъиялъе», цогидав тарихчи Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «Ермоловасулги магIарулазулги гIицIго цо нухалъ ккараб тунка гIуси букIана 1818 соналъ Гелбахъалда аскIоб, СултIанахIмадханил аскаргун. Аслияб куцалъ гьесул кьаби щвана чачаназдеги, лъарагIаздеги, дагьа-макъал даргияздеги, хасго чачаназул гIемерав чи гъурана гьес. МагIарулазда гьев хъвачIо. Дом заманаялъ магIарухъе гьев вахинчIо, цониги магIарулазул росу гьес бухIанилан дида рагIичIоха».

Кавказалде Ермолов вачIун вуго Наполеонида данде гьабулеб рагъдаса хадуб, 1816 соналъ. ТIоцеве гьев вукIана Гуржиялда бетIерав рагъул цевехъанлъун, гьелдаса хадув вачIана гьев Чачаналдегун Дагъистаналде. ГIаммаб куцалъ гьес Кавказалда бан буго 11 гIанасеб сон.

XS
SM
MD
LG