МагъчIваялъе рес

ГIумаров вухарал ралагьизехъин руго Дагъистаналда


«Справедливая Россия» партиялъул регионалияб бутIаялъул цевехъан ХIажимурад ГIумаров вухиялда тIаса цIех-рех рагьана полициялъулаз.

РакIалда щвезабила, ГIумаров вухана 21 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIараб партиялъул конференциялда. ГIумаровас хадуб лъазабуна жив вухарал чагIи руги Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул чагIилъунилан.

ГIумаровас ва гьесул адвокатаз чанги лъазаби гьабун букIана, низам цIунулез такъсир гьабиялъул иш рагьулеб гьечIин. ЦIех-рехалъул идара гьез туснахъалдеги кьуна марталъул ахиралда.

17 апрелалда МахIачхъалаялъул Ленин мухъалъул РОВДялъул цIех-рехалъул бутIаялъул хIалтIухъабаз лъазабуна уголовияб иш рагьун бугин «сахлъиялъе бигьаяб зарал ккезаби» ай хулиганство къануналдалъун. «Справедливая Россия» партиялъул вакилаз лъазабуна, гьеб хулиганстволъун букIичIин, гьеб букIанин политикияб такъсир.

XS
SM
MD
LG