МагъчIваялъе рес

«Май моцIалда жанив Дагъистаналда дагьалдасан 27 чи викъун вуго...»


Гьаб соналъул май моцIалда официалиял гурел баяназда рекъон низамцIунулез 27 чи викъун вугин Дагъистаналдайилан ахIи балеб буго республикаялъул жамагIатчагIаз.

Хасал идарабазул гIорхъолъа арал ишазде кIвар буссинабизе кколин тIалъиялъ ва халкъ гьелде данде къеркьезе кколин лъазабулеб буго гьез. Гьединго жамагIатчагIазул рахIатхвезабун буго Дагъистаналда рикъарал, тIагIарал гIадамазул хIисаб-суал, ай статистика гьабулеб цониги официалияб идара гьечIолъиялъ.

Итни къоялъ «Черновик» газеталъул редакциялда данделъун рукIана Дагъистаналъул жамгIиял идарабазул вакилзаби, чи жанив тIамурал бакIазул хал гьабулеб комиссиялъул гIахьалчагIи ва журналистал. Гьениб тIобитIана республикаялда хасал идарабаз гIадамал рикъиялде данде къеркьезе ккеялъул суалал гьоркьоб лъураб данделъи.

Гьеб тадбир рагьулаго жамагIатчи Абакаров Абакарица лъазабуна Дагъистаналда инсанасул ихтиярал цIуниялда хурхун лъикIаб рахъалдехун кинаб букIаниги хиса- баси лъугьунеб гьечIилан. Республикаялда гIодой биччай бугин ахираб заманалъилан кканиги, церего гIадин гIадамал рикъулелги ругила, расги гIайиб гьечIел чагIи туснахъги гьарулел ругила, жидеда ракIалде ккараб гьабулел къуваталъул идарабиги ругилан. Гьеб киналдего данде тIолгореспубликаялъул халкъ бахъичIони, гьеб гьоркьоса къотIизеги гьечIилан.

ЖамгIияв хIаракатчи ва юрист Расулов Русланица пресс-конферециялда лъазабуна Дагъистаналъул киналго къуваталъул идарабиги, диванги цадахъ рекъон хIалтIулила. Гьезие чиясда гIайиб бугищ гьечIищали ургъелго букIунарила, жидеего дандекковухъе гьабулила гьез цIех-рехги, дивангийилан. Гьезда тIасан гIарз хъван бажарулеб цохIониги идара хутIун гьечIила Дагъистаналда. Хасал идарабаз къанун хвезабиялда бан гIарза хъвани я къабул гьабуларила гьеб, яги къабул гьабуниги хъвай-хъвагIай гьабичIого тун батулила, цо-цо мехалда бадиреги ралагьун тIад релъизецин релъулила гьезул вакилзабийилан абуна гьес. Гьединго Расуловас лъазабуна Дагъистаналда цохIониги идараялда мухIканго лъалеб гьечIила чан чи викъун вугев, чан тIагIун вугевали. Гьезул хIисаб гьабизе къваригIун бугила чара гьечIогойилан.​

Руслан Расулов
Руслан Расулов

Расулов Руслан: «ЦохIо май моцIалда жаниб мухIканал гурел баяназда рекъон Дагъистаналда викъун вуго 27 чи, гьезул 9яв кив вугевалицин лъалеб гьечIо жеги. ХутIарал киналго руго туснахъалда. Нужецаго пикру гьабе цохIо моцIида жанив гьевщинав чи викъун вуго низам цIунулез. Гьединал хIужаби жеги чанги ратула. Чанги чи вуго нилъер гьанив гьединаб лъугьа-бахъиналдаса хадув жал кире ине кколел, гьел гIадамал кир ралагьизе кколелали лъаларел. Дагьабниги чIаголъи бугев чияс интернеталдасан гьанисан-добасан ахIи бахъинабулеб буго, хутIарал щиб гьабилебали лъаларого, полициялъулазе ва диванчагIазе кьезе гIарац балагьулел хутIулел руго. ГIадамал гьелде ругьунлъун руго, гьеб системаялъ жибго хьихьиялъе бокьараб ишги гьабула. ГIарац гурони гьезул ботIролъ тIокIаб жо гьечIеблъидал. Адвокатасул кумекалдалъун ритIухълъи балагьулеб букIаниги, яги жинцаго балагьулеб букIаниги гьеб батуларо нилъер гьаниб. Чияс жинда гIайиб гьечIолъи бихьизабулел далилал ракIарун бажарулареб хIалалъ гIуцIун буго кинабгIаги низамцIунулебин абулеб системаго».

​ЖамагIатчи Абакаров Абакарица рикIкIунеб буго къуваталъул идараби тIасан ккеялъул гIайиб жамгIияталдаги бугилан. ГIемерисел гIадамаз жалго цо санагIалъи бахъараб ахIвал-хIалалде ккезегIан полициялъ гьабулеб бугеб гъалмагъиралъухъ гIинго тIамулеб гьечIилан. ГIадамазда жидерго ихтиярал лъазеги гьел цIунизеги тIадаб бугилан.

Абакар Абакаров
Абакар Абакаров

Абакар Абакаров: «Жакъа Россиялда лъагIалие терроризмалде данде къеркьеялъейилан абун 50 млрд гъурущ биччалеб буго. Гьеб кинабго гIарац Шималияб Кавказалда хутIулин абизе бегьула. Россиялда гьениб гурони тIокIаб кибниги гьечIелъул терроризм. Гьеб гIарац гIадада тезе бегьилищха, гьеб хвезабиялъе нухал ралагьулел руго хасал идарабаз. Гьез жидецаго тIамулел руго гIадамал рохьахъе инеги, Сириялда рагъизе инеги. Гьезул гIорхъолъа арал ишал руго гьеб киналъего гIиллалъун. ГIадамал рагъаризе ккола гьезул гьеб чорокаб ишалде данде. Гьез жакъа гIадамал рикъиялъул, гьезде гьечIе-гьечIел гIайибал гIунтIиялъул тIубараб бизнес гьабун буго. Нилъер халкъги гьелда разилъун буго, руцIцIухIунги рукIун гьез тIалаб гьабураб гIарацги кьун суалги тIубан чIолел руго. Гьедин букIаго гьаниб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисуларо».

Ахиралдаги гьеб пресс-конферецинялъул гIахьалчагIаз лъазабуна къуваталъул идарабаз къанун хвезабиялъул хIужабигун дандчIварал гIадамазе кумекалъе хасаб call-центр гIуцIизе кколилан. ГIагараб заманалда жаниб гьелъие хIалтIи гьабизе бугилан. Гьединго жамагIатчагIазул гIемерисез лъазабуна цохIо гьанире доре-кагътал хъваялъ щибниги роцIцIинабулеб гьечIила. Риччаниги риччачIониги хасал идарабазул гIорхъолъа арал ишазде данде митингал тIоритIизе кколилан.

XS
SM
MD
LG