МагъчIваялъе рес

ГIумруялъ заводалда хIалтIаниги рукъзал мустIахIикълъичIел


МахIачхъалаялъул "Стекловолокно" абураб заводалъул цадахъго гIумру гьабулеб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда ругел гIадамал нахъе рахъинарулел руго гьениса.

ТIубараб тIала «Россельхозбанкалъ» унеб буго гьезухъа. ТIоцебесеб тIалаялда гIумру гьабун ругел анкьабго хъизам дандечIун руго гьеб хIукмуялда.

Гьеб минаялъур гьабсагIат гIумру гьабун руго кIинусидасаги цIикIкIун чи. Гьел киналго ккола цере заводалда хIалтIулел рукIарал чIагIазул хъизам ва лъимал. Гьанже гьеб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда ругел чагIи нахъе рахъинарулел руго судалъул хIукмуялдалъун. ГIиллайин абуни буго гьадинаб.

Гьеб заводалъ жиндир заманалда къарзалъе гIарац босун букIун буго «Россельхозбанкалъухъа», минаялъул тIоцебесеб тIалаги гъоркьлъалие лъун. Гьанже налъи тIадбуссун бажаричIеб мехалъ гьел рукъзалги банкалъе хутIизехъин руго. Гьеб кинабгоги гьанже гурони баянлъичIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, тIоцебесеб тIалаялда гIумру гьабун йигей МухIамадова ХIалиматица. Гьелъул росги гьейги лъебергоялдасаги цIикIкIун соналъ хIалтIун руго заводалда. Гьезул 37 квадрат бугеб кIиго рукъ. Амма гьенир цохIо гьей гурейги жеги гьезул кIиго гIолохъанчи гIурав васги руго.

Гьениса нахъеги рахъинарун кIиабилеб тIалаялда кьолеб буго гьезие 24 квадарталъул метр бугеб рукъ. Амма ХIалиматги хъизанги гьелда рази гьечIо. Къануналда рекъон нижее щвараб, нижецаго жаниб хIалтIиги гьабураб рукъзалги тун щайин ниж нахъе рахъине кколел. Кьолеб батани жидее жанир рукIине бакI, кьейин абейинха лъикIаб, киналго гьанже заманаялъул шартIалги ругеб рукъилан абулеб буго гьелъ. ТIоцебесеб тIалаялда бугеб гьезул кIиго рукъ къануналда рекъон гьезие щвараб букIин тасдикъ гьабураб диваналъул хIукмуги буго.

ХIалимат МухIамадова: «Гьалгощинал соназ заводалда хIалтIарал ниже тезе бегьулариш гьаб махIцараб минаялда бугеб кIиго рукъ. ЦохIо заводалда хIалтIун чIечIого вахтаялдаги хIалтIана дун. Сундулго рахъалъ кумек гьабилилан рагIи кьолаан доб мехалъ заводалъул нухмалъиялъ. Киб бугебха гьеб рагIи? ЧIалгIун сурун буго гьаб диваналде тIокIалъ чIечIого гIарзахъдиги. Чакаралъул диабеталъ унтарав чи вуго дир рос, дунгоги йиго унтарай гIадан».

ЦохIо ХIалиматилги жеги анкьго хъизамалъул гуребги, тIоцебесеб тIалаялда жидерго бутIа буго тIасиб тIалаялда гIумру гьабун ругел цогидал хъизамазулги. Гьединазул цояй йиго кIиабилеб тIалаялда гIумру гьабун йигей ГIабдулаева Мая.

Жибго гьеб мина буго басралъун, къадал руго чIегIерлъун, минаялъул цояб рахъалда бугеб къед буго биххун ине къачIан.

Гьениб хIажатханаялъубги чвердолеб бакIалдаги лъикIал шартIал гьечIолъиялъ киналго гьенир ругелщинал чагIи хьвадулел руго тIоцебесеб тIалаялде. Гьанже «Россельхозбанкалъ» гьеб тIала нахъе босун ани жидеца щибин гьабилебилан абулеб буго гьелъ.

ГIабдулаева Мая: «Ункъо чи вуго нижер хъизамалъул, гьезул лъабгоял ккола сакъат ккарал. Росасул туберкулез буго, васасул ракI унтараб буго, дунгоги йиго унтарай гIадан. Гьедина киналго цадахъ цо рокъор ругоха гIумру гьабун. Дир росасе сакъатлъи щвана гIумруялъ заводалда хIалтIулев вукIун, гьесие рукъищха гьанже щвезе бегьулареб. I996 соналдаго заводалдаса ракьул участкаби росизе иргаялда чIун рукIана ниж, амма гьелги щвечIо».

Гьединалго гIарзал руго цогидал гIадамазулги. Жибго гьеб мина буго басралъун, къадал руго чIегIерлъун, минаялъул цояб рахъалда бугеб къед буго биххун ине къачIан. Гьединаб гIумру гьабизе хIинкъи бугеб минаялъуса цогидаб минаялъуре гочунеб хасаб программа буго хIукуматалъул. Гьенире жалги росеян хитIаб гьабун букIун буго гьез шагьаралъул нухмалъиялде. Амма «Россельхозбанкалъ» тIоцебесеб тIала нахъе ани гьеб ресалдасаги махIрумлъизехъин ругин жалилан бицана гьез къваридго. ХIасил калам тIадехун бицен гьабурай ХIалимат МухIамадовалда къун чIез ракIалда гьечIо. Диваназде гIарзаби хъван ахиралде щвезегIан къеркьезе йигин абулеб буго гьелъ.

XS
SM
MD
LG