МагъчIваялъе рес

Адвокат: «БетIерсверарав чи нугIлъун вукIине рес гьечIо»


Кубачи росдал къватI
Кубачи росдал къватI

Жиндирго мадугьал чIваялъул гIайибги гIунтIизабун низам цIунулез ккун йигей МахIачхъалаялдаса 60 сон барай Зейнаб Миркиевалъе туснахъалда гIазаб кьолеб бугин лъазабулеб буго гьелъул адвокатас. ЦIех-рехчагIаз жидерго хIалтIи букIине кколедухъ гьабулеб гьечIин, щибго гIайиб гьечIей гьей, гIадаллъарав чиясул баяназул кьучIалда чIвадарухъан яхъинаюлей йигин лъазабулеб буго гьелъул гIагарлъиялъги. Гьезул щаклъи буго Миркиевалъухъа буголъи бахъиялъе гIоло гьабулеб бугин къуваталъул идарабаз гьеб ишилан.

Гьал къоязда диваналъ цойги моцIица туснахъ гьайизе хIукму къотIана МахIачхъалаялдаса Миркиева Зайнаб. ВахIшияб хIалалъ чи чIваялда щаклъи букIун 7 июналъ ккун йикIана гьей низам цIунулез. Гьезул баяназда рекъон Миркиевалъ буголъи бахъизелъун чIван йиго жиндирго мадугьал Дандамаева Миясат.

Зайнабил гIагарлъиялъ баян гьабухъе, чIвайрайги гьейги рукIун руго гьалмагъзаби. Дандамаева ялгъузай гIадан йикIун йиго, вацал-яцазулгунги гIемерал саназ гьоркьоблъи букIун гьечIо гьелъул. Гьедин жийго хутIарай гьелъ жий унтаниги, цойги щиб букIаниги кканигиян абун Миркиевалъухъ тун рукIун руго рукъалъул кIулал.

Жиндир тIалаб гьабичIого тогейилан гьардолей йикIун йиго гьей кидаго. Гьедин, чанго къоялъ гьей мадугьал йихьичIеб мехалда ва гьелъул телефоналъ жавабги кьечIого ричIун нуцIагун гьелъул гьение лъугьун йиго Зайнаб.

Гьениб рукъбакьулъ мадугьалалъул бидул цIураб жаназа батараб мехалда гьелъ ахIи бахъинабун буго, мадугьалзабиги полицияги ахIун буго. Гьелдаса хадуб цойгидал мадугьалзабиго гIадин кIиго моцIица сурав босизе ахIулей йикIун йиго Миркиева цIех-рехчагIаз.

Гьедин рукIаго Миясат Дандамаева чIваялъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи бугин дудайиланги абун 7 июналъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккун йиго Зайнаб.

ИчIго къоялъ гьей кий йигеялицин лъалеб букIун гьечIо. Хадуб гIагарлъиялда жидерго лъалел-хъвалездасан лъан буго гьей жаний тIамун йикIин. Гьей кквеялъе гIиллалъун ккун буго Дандамаева чIваялда щаклъи букIун ккурав АхIмадов Зайнудиница жинда цадахъ гьеб такъсир Зайнаб Миркиевалъги гьабунин лъазаби.

ЦохIо гьесул баяналги кьочIое росун чIвадарухъан яхъинаюлей йигин Зайнабилин абун лъазабулеб буго гьелъул адвокатас ва гIагарлъиялъ. Зайнабил рахъккун республикаялъул прокуратураялде кагъат хъван буго гьелъул мадугьалзабазги.

Гьезги гьелда щибго гIайиб гьечIин рикIкIунеб буго. Миркиевалъул ва Дандамаевалъул мадугьал ИсмагIилова Зояца «Эркенллъи» радиоялъе бицана Зайнаб киданиги щибниги такъсир гьабулей, квешлъи гьабулей гIадан гурилан. 60 сон барай гьей юкъарухъаналъухъа магIишат бахъизелъун ургъунго гьабураб иш бугин гьебилан.

Туснахъалда Миркиевалъе гIазаб кьолеб бугин, цIех-рех лъугIизегIан гьей рокъой туснахъ гьаюн тейилан тIалаб гьабун букIун буго гьелъул адвокат МухIамадов МухIамадица диваналда. Амма гьеб тIалабги нахъчIванила, гьоркьоса къотIичIого тIадецуйги гьабулеб бугила гьелде туснахъалдайилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МухIамадов МухIамад: «Гьаб сагIат гьей йиго Каспийскалъул заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалда. Гьеб иш бетIералдасанго къанунги хвезабун бачунеб буго хасал идарабз. Цин лъикI заманалъ гьей Зайнаб кий йигеялицин лъалеб букIинчIо.

Къануналда рекъон чи ккун хадуб гьеб сагIаталдаго гьесул чагIазда лъазабизе ккола гьев ккун вугин абун. ГIагарлъиялъ жидецаго гьей йигей бакI лъазабун хадубги адвокат вукIаниги я дун я гIагарлъи биччалеб букIинчIо гьей йихьизе.

Гьелъие гIакъуба кьолеб букIиналъ гьелъ нижеде гIарзал гьарилин абун риччалел рукIун ратиларо гьелъухъе. Зайнабица бицана жий МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул полициялъул бутIаялдеги ячун юханилан, гьеб такъсир гьабиялъе мукIурлъейилан тIалаб гьабулеб букIанила гьез.

Гьанже туснахъалдаги гьеб тIадецуй лъугIулеб гьечIилан. Гьеб кинабгоги рехсон диваналде гIарзаги хъван букIана гьелъ, амма гьелъулги жеги щибго хIасил ккечIо».

Гьединго адвокатас лъазабун цIех-рехчагIаз цохIо чиясул баяназда рекъон рагьун бугила гьеб такъсиргьабиялъул иш. Гьел баяналги уял ругищали бихьизеги щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIилан.

МухIамадов МухIамад: «Гьелде гIайиб гIунтIизабулеб буго официалияб къагIидаялъ бетIерсвераравлъун рикIкIунев чиясул баяназда рекъон. Тохтурзабаз гьев АхIмадов гIадаллъарав чи вугин абун кьураб кагъатги буго.

Гьев цо заманалъ чIварай Дандамаевалъул дова ремонт гьабулев вукIун вуго. Гьелъул рокъоса бикъараб телефоналдасан ватун вуго гьев низам цIунулезда. Гьесда Дандамаева жийго хутIарай гIадан йикIинги Зайнабица гьелъул тIалаб гьабулеб букIинги лъалеб букIун буго. Жиндасаго гIайиб хъущтIизабизелъун гьес абулеб буго Миркиевалъ тIамунила жив гьей Дандамаева чIвазейилан.

Гьелда тIадеги гьес лъазабулеб буго жиндирги Зайнабилги рокьи букIанила, жал ахираб бащадаб лъагIалица цадахъ рукIанила, кидаго цоцаде кIалъелел дандчIвалел рукIунаанилан. Зайнаб йиго цIар рагIарав тохтурасул къоролай, херай эбелалъул тIалабги гьабун йигей цIикIкIараб ригьалъул чIужу.

Щиб рокьи букIунеб гьелъул, хасго гьев тIуварав гьечIев чиясулгун. Амма щибниги хIисабалде босулеб гьечIо низам цIунулез. Гьес жал кидаго телефоналъ кIалъалел рукIунанилан абурал баяназул хал гьабизе гьесул телефоналъул билинггицин гьабулеб гьечIо».

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Темирбегов Расулица «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна цIех-рех лъугIизегIан Зайнаб Миркиевалъул ишалда хурхун жидеца кинаб букIаниги баян кьун бажаруларилан.

Гьединго Темирбековас лъазабуна Миркиевалъе туснахъалда гIакъуба кьолеб букIиналъул хIакъалъулъ жидехъе лъабгониги гIарза бачIун бугила, гьаб сагIат гьелда хурхун хасаб халгьаби тIобитIулеб бугилан. Зайнаб Миркиевалъул ишалда хурхун диваналъул иргадулаб халгьаби тIобитIизе ккола 10 августалда.

XS
SM
MD
LG