МагъчIваялъе рес

В.Путин: "Трибунал гIуцIизе цудунго буго"


Малайзиялъул авиакомпаниялъул «Боингалде» ракета биччан буго сепаратистаз Украиналда контроль гьабулеб территориялдаса, ян абулеб буго Нидерландабазул хасаб комиссиялъ хIадур гьабураб докладалъул тексталда. Докладалъул ахирисеб вариант жеги загьираьун гьечIо.

Россиялъул президент Владимир Путинил хIисабалда Малайзиялъул «Боинг» кьвагьизабиялда хурхун халкъаздагьоркьосеб трибунал гIуцIизе цудунго бугин. Гьадин лъазабуна Кремлалъул пресс-хъулухъалъ.

Гьелъул баяналда рекъон хамиз къоялъ Владимир Путинихъе телефоналъ ахIун вукIанин Нидерландабазул премьер-министр Марк Рюттеца. Путиница тIалаб гьабунин прессалде ришниялда релъараб информация кьей гьоркьоса къотIи. БатIи-батIиял версиязул бицен гьабизегIан, мухIканаб информация кьезе кколин гъваридаб цIех-рех гьабун, ян абуна Россиялъул президентас.

Халкъаздагьоркьосеб трибунал гIуцIиялде ахIи балеб буго Нидерландабаз, Малайзиялъ, Бельгиялъ, Австралиялъ ва Украиналъ. Доб катастрофалъул хIасилалда гIумруялдаса 298 чи ватIалъана. Аслияб къагIидаялда Нидерландабазул гражданал.

XS
SM
MD
LG