Афгъанистаналъул хIукуматалъ дурус гьабуна тIалибазул цевехъан Мулла ГIумар хвеялъул хIужа. Гьев гIумруялдаса ватIалъана 2013 соналда, ян лъазабуна нижер радиоялъе Афгъанистаналъул миллияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул хIалтIухъанас.
Гьес гьарана жиндир цIар рехсечIого тейIилан. Афгъанистаналъул One TV абулеб телеканалалъ хIукуматалъул баяназда мугъ чIвай гьабун, лъазабуна Мулла ГIумар чIван вугин. Жидеде гьадин Пакистаналъул тIадтараз лъазабунин.
ТIалибаз гьединал лъазабиял мех-мехалъ нахъ чIвалел руго, амма гьездаса батIа чIараб «Фидаи Махаз» абулеб къукъаялъ араб анкьида лъазабуна Мулла ГIумарил бакIалде Мулла Ахтар МухIамад Мансур вачIанин.