МагъчIваялъе рес

ГIавухъ мухъ гIуцIизе къваригун рагIула жеги 8 млрд.гъурущ


ГIавухъ мухъ гIуцIи тIалаб гьабулел гIавухъал, Хасавюрт, 2012 сон
ГIавухъ мухъ гIуцIи тIалаб гьабулел гIавухъал, Хасавюрт, 2012 сон

Дагъистаналда цIидасан гIуцIулеб бугеб ГIавухъ мухъалде кинавниги 3500 гIан хъизан бахъинабизе бугин лъазабулеб буго Шималияб Кавкалъул ишазул ишазул министерлъиялъ. Амма гьеб гочинаиялъул программа рагIалде бахъинабизе гьаб сагIат гIураб гIарац гьечIила, гьеб иш роцIцIинабизе жеги 8 млрд гъурущ къваригIун бугин абулеб буго Дагъистаналъул тIалъиялъ. Пачалихъияб программа тIубазабулебинги абун жидер тIалаб гьабулев чи гьечIин абун рахIат хун руго цIидгIуцIулеб бугеб ГIавухъ мухъалдаса гочинаризе кколел тумал.

Гьал къоязда Шималияб Кавказалъул ишазул министерлъиялда тIобитIана цIидасан ГIавухъ мухъ гIуцIиялъул суалазда тIасан данделъи. Гьеб тадбиралда Дагъистаналъул экономикалъул ва цебетIеялъул министр хисулев ГIабдурахIман ГIабдурахIмановас лъазабуна гьеб ГIавухъ мухъ гIуцIизе букIине гьениса тумал Хъумторхъала мухъалде гочинарун рахъине жеги 664 мина базе кколилан. Гьединго цIидасан гIуцIарал тумазул ичIго росулъ жеги инфраструктураялъул суалги роцIцIинабизе кколилан. 2018 соналде щвезегIан гьеб гIадамал гочинариялъул программа рагIалде бахъинабизе кколила ва гьелъие жеги микьго миллиард гъурущги хIажат бугин лъазабуна ГIабдурахIмановас.

Гьебго данделъиялда Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзабаз лъазабуна ГIавухъ мухъалдаса чачаназе 1944 соналълъагIан гьезул рукIарал рукъзалги, ракьалги тIадруссинариялда тIад хIалтIи гьабулеб бугила гьеб суалал тIаде росарал республикаялъул идарабаз. Гьедин гIамаб къагIидаялъ чачаназе нахъбуссинабизе кколеб буго 2207 мина, ахирисел баяназда рекъон жакъа къоялде щвезегIан, ГIавухъ мухъалъул бакIалда гIуцIун букIараб ЦIияблак мухъалда бугеб 327 мина нахъбуссинабун буго чачаназе. Гьединго ГIавухъ мухъ цIидасан гIуцIун хадуб гьенибе 3500 гIан хъизан тIадбуссине бугин абурал баянал кьолел руго Дагъистаналъул экономикаялъул ва цебетIеялъул министерлъиялъ.

25 соналъ халат бахъунеб буго Дагъистаналда гьеб ГIавухъ мухъ цIидасан гIуцIиялъулги, иргадулаб нухалда тумал гочинаризе ккеялъул проблема баккаралдаса нахъе. ГIемерал бахIсалги, рагъ-кьалги, хIатта би гIодобе тIурал хIужабигицн ккун рукIана жидер ракьалги буголъиги нахъбуссинабейин чIарал чачаназдаги, жидеего бокьун гурил жал нужер бакIазде гочарал, хIалицаго жал гочинарураб пачалихъалъ гьанже жидее цIияб бакIалда рукIине кколел шартIалги чIезарейин, гьоркьоб араб магIишаталъухъ рецIелги кьейин чIарал тумаздаги тумаздаги гьоркьоб. Чанги анцI-анцI митингал тIоритIун рукIана жидерго тIалабал загьир гьарун тумазги, жидерго суалал рорхун чачаназги. Кинго гьеб ГIавухъ мухъ цIидасан гIуцIизе разилъулеб букIинчIо халкъ. Амма гъоркьисала ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажица лъазабуна жидер халкъалъул тIалабал тIурани, гьеб ГIавухъ мухъ гIуцIизе рази ругин жалилан.

Ахираб заманалда гIемерисел тумазул жамагIатчагIаз ва гьел гочинариялъул суалазда сверун ругел гIадамаз лъазабизе байбихьана чачаназе гьеб ГIавухъ мухъ гIуцIи магIарулазеги тумазеги квешезего гьабизе къваригIараб иш бугила. Щиб гьабунги гьез жидерин абулел ракьаздаса гIадамал гочинаризе къваригIун бугила гьезие. 70 соналъ жидеца гьарурал хурзалги, минабиги гьез чIунтизе тезе ругила. Гьебщинаб магIишатбугелъубго чIунтизеги тун, авлахъалда цIидасан минаби разеги, ран кьурал къачIазеги щайила жидеца кколелилан.

ГIавухъазул жамгIияв хIаракатчи Адам ХIамзатов «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна гьел тумаз рицунел харбал ругила, жидер ракьал тIадруссинаричIого рукIиналъе ургъарал иргадулаб багьана. Гьанжеги гьел жалги рицун гьеб иш нахътIамуни жидер гIадамал гьабулеб жоялде рачIине гьечIилан.

Адам ХIамзатов: «Гьанже тумазги магIарулазги гIумру гьабун ругел гьел рукъзал цере чачаназул рукIарал бакIал рукIин якъинго лъалеб жо буго. Гьел унго унгоял бетIергьабахъе тIадруссинарун хадуб киналгIаги гIадамал хъатам-масан гьенир гIумру гьабизе лъугьинин абизе бегьуларо, амма гьеб батIияб иш буго. Бокьани гIумру гьабизе бокьани чIунтизе тезе ниж бетIергьанаб магIишат нахъбуссинабизе биччан те. Ниж чияр жо тIалаб гьабулел чагIи гуро, гьел руго чияр бакIги ккун гьениса рахъинарин чIун. Чанги Дагъистан тун къватIир ругел гIавухъаз абулеб буго ракьал тIад руссинаруни жал рокъоре нахъруссине ругилан. Гьединго Хасавют мухъалда ругел гIавухъалги гьанир-гьудур кIусун хутIун ругелъул, гьезги байбихьилин ккола дида умумузул ракьалда цIияб магIишат. Гьаб сагIат гьел нахъруссинарун хадуб Гьурраги ахIулаго киналго гьенире инаро, амма дагьалдасан цере гьенир гIумру гьабун рукIаразаул 60 процент нахъбуссине буго».

Амма гьеб ГIавухъ мухъ гIуцIулебин абун жидер ихтиярал гIунулев, тIалаб гьабулев чи гьечIин абун ццин бахъун руго гьениса гочинарурал тумал. Иргадулаб нухалда исана июлалъул ахиралда гьез 2 азарго чияс гъоркь гъулбасараб кагъат битIун буго Россиялъул президентасухъе. Тумаз тIалаб гьабулеб буго жидее букIине кколеб рецIадул гIарацги кьейила, цIиял росабалъ рукIине кколел шартIалги чIезарейилан абун.

XS
SM
MD
LG