МагъчIваялъе рес

ХIажат ругиш Дагъистаналъе хъазахъазул къукъаби?


Гъизляралдаса атаман Николай Спирин.
Гъизляралдаса атаман Николай Спирин.

Хъазахъазул къукъа гIуцIизе, гьединго регионалда гIурус миллаталъул гIадамалги цIикIкIинариялъул мурадалда Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралъе биччазехъин буго 38 миллион гъурущ. Гьедин лъазабуна гьал къоязда шагьаралъул нухмалъиялъулгун букIараб дандчIваялда, Дагъистаналъул миллияб политикаялъул нухмалъулей Татьяна Гамалейица.

ХIажат ругиш Дагъистаналда гьединал хъазахъазул къукъаби ва кинаб пайда гьелъ кьезе бегьулеб республикаялъе? Гьел ва гьелда хурхарал цогидал суалазда тIасан эксперталгун гара-чIвари гьабуна нижеца

Гъизляр шагьаралъул нухмалъулев Шувалов Александрил рагIабазда рекъон, жакъаго Дагъистаналде нахъруссине бокьарал кIиго-лъабго хъизамал рагIула республика тун къватIире арал. Дагъистаналъул миллияб политикаялъул нухмалъулей Татьяна Гамалейилгун гьесул букIараб дандчIваялда гьединго гIахьаллъи гьабун буго Гъизляралда бугеб Теркалъулаб хъазахъазул жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Иванов Валенитиницаги.

Гьес абулеб буго цохIо Гъизляралда гуребги гьединго МахIачхъалаялдагун Каспийск шагьаралдаги гьединал хъазахъазул гIуцIаби цIигьаризе ругин жидецаян.

ХIажат ругиш гьединал хъазахъазул гIуцIаби Дагъистаналъе ва кинаб пайда кьезе бугеб гIурус миллаталъул гIадамал Дагъистаналде нахъруссинариялъе биччарал гьеб 38 миллион гъурщицаян батIи-батIиял эксперталгун гара-чIвари гьабуна нижеца.

ГIурус миллаталъул гIадамал нахъруссинариялъе гьабулеб хIалтIи хIакъикъаталдаги цIакъ хIажат бугилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе Марагарита Лянгеца. Гьей ккола Москваялда бугеб «Этникиялда гьоркьосеб журналистикаялъул гильдия» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей.

Маргарита Лянге: «Республикаялде гIурус миллаталъул гIадамал нахъруссинаризелъун гьабулеб хIалтIи гьеб батани, узухъда гьеб чара гьечIого хIажат буго, гьеб рахъалъ босани Дагъистаналдаса цIакъ гIемерав чи аралъулха гIурусазул къватIиве.

Амма гьеб киналдаго цадахъ хъазахъазул къукъаби гIуцIизеги кколищан абуни, битIараб бицани дида лъаларо, кинабго бараб буго кинаб къагIидаялъ гьеб гIарац хIалтIизабизе бугеб абураб суалалда.

Дида мисалалъе лъикIаблъун бихьула гьеб гIарац маданият, гьединго инфраструктура цебетIеялъе, гIадамазе хIалтIизе бакIал чIезариялъе, школалъе гьединго ясли-ахалъул хIалтIи цебетIеялъе, гIадамал паракъатго, рахIаталда гIумру гьабун рукIиналъе харж гьабуни лъикIаб букIинилан.

Щай абуни гьел гIадамазе бокьун буго Дагъистаналде нахъруссине. Мисалалъе дир руго чанги лъалел-хъвалел гIадамал жиндир заманалда Дагъистаналдаса нахъе ине ккарал, амма гьабсагIат цIакъ гьелъухъ урхъун ругел.

Хъазахъазул гIуцIаби Дагъистаналда рукIине кколарилан дица абулеб гьечIо, хIажат ратила гьел гьадин хIисаб гьабуни. Щайгурелъул республикаялда гьабсагIат гIодобиччараб ахIвал-хIал гьечIо, ярагъги кодоб ккун хьвадулел гIадамал гIемер руго.

Жалго хъазахъазе къваригIун батани жал цIунизе гьединал къукъаби, гьел хIажат руго, амма республикаялъул нухмалъиялъ тIасанхун гьабулеб хIукму гьеб батани гьеб тамашаяб хIукму бугоха. Жибго жамагIаталъе гьеб къваригIун батани гьединал къукъаби, гьеб батIияб жо буго».

Амма МагIарулазул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул нухмалъулев хисулев Маркъо ШагIбановас рахъкколеб гьечIо гьеб программаялъул.

Маркъо ШагIбанов: «ТIоцебесеб иргаялда абуни гьенир хъазахъазул станицаби рукIинчIо цереги, букIана цохIо гьединаб станица, гьебги гуржиязул. РукIаралги станицаби рукIана Чачаналда. Гьанже гIарацги биччан бугелъул гьенир станицаби гIуцIизеянги абун лъугьун руго жал хъазахъал ругилан чIарал чагIи. КIиабизе бугони, цебеги бихьун букIана гьелъул хIасил ккечIеблъи, гьанжеги гьелъ щибниги пайда кьезе гьечIо, гьеб буго гIадада гIарац кваназе гьабулеб хIалтIи.

Цо анцIго-къого чагIиги ракIарун гьекъолдилел рукIине руго гьел. Лъабабизе бугони, батIи-батIиял миллатал ругеб республикаялда гьеб буго миллатчилъи тIегьазе гьабураб хIукму.

Цо миллаталъул ихтиярал кIодо гьарун, цогидал нахъе цун гьабулеб гьеб хIалтIул дица рахъкколаро. Гьелъул пайдаги букIине гьечIо, гIадада гьеб гIарацги хIурудахъ ине буго, тIадежоялъе цогидал миллатазул ццинги цIикIкIине буго гIурусаздехун».

Ункъабилеб сентябралда Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев хисулев, Александр Хлопонинилгун букIараб дандчIваялдаги гьарун букIун буго Гъизляралда гIумру гьабун ругел чагIаз жидер гьаниб хъазахъазул кадетазул корпус рагьизе кумек гьабеян. Гьес рагIи кьун буго кумек гьабизе.

Тарихияб заманалдасаго нахъего хъазахъаз гIумру гьабулеб бакIлъун рикIкIунин Дагъистаналъул Гъизляр ва Тарумовка мухъилан хъван буго гьеб баяналда. Амма тарихчи Маркъо ШагIбановас абуна гьеб гьереси бугилан. ГьабсагIаталъ гьеб мухъалда хъазахъазул рагIула 1400 чи.

XS
SM
MD
LG