МагъчIваялъе рес

Большой Театралда кIудияб скандал


Большой Театралда ахираб заманалда рукIарал кIудиял скандалаздаса хадуб хъулухъалдаса вахъун вуго гьелъул генералияв директор. Гьел скандалазул ахирисеблъун букIана исана январалда театралъул нухмалъулезул цоясул гьурмаде загьруяб лъамалъи чвалхараб ва гьелъул хIасилалда гьев канлъукълъараб скандал.

ТIолго дунялалда цIар араб Москваялъул Большой Театралъул хIалтIухъабаз хьул лъолеб буго гIемерал соназ халат бахъунеб дагIба ахиралде щун букIиналда. Гьеб дагIба хурхараб букIана сутенерлъиялда, ва махшеллъиялъул нухмалъулесда гьабураб гьужумалда. Гьев гьелдаса нахъе беццлъана.

Россиялъул федерациялъул культураялъул министр Владимир Мединскияс талат къоялъ лъазабуна Большой Театралъул бетIер Анатолий Иксанов хIалтIудаса эркен гьавун вугин абун.

Добго къоялъ тIобитIараб пресс-конференциялда Мединскияс абуна, татралда сверухъ цIакъ захIматаб ахIвал-хIал бугин абун.

Иксановасул бакIалде тIамун вуго Станиславскиясул цIаралда бугеб Музыкалияб театралъул директор Владимир Урин. Гьес абуна, жинца кIванагIан кIудияб хIаракат бахъизехъин бугин дагIба рагIалде бахъинабизе гIоло.

Цо нухмалъулев цогидав нухмалъулес хиси гIадатияб, ракълилаб къагIидаялда тIобитIи, цIакъ лъикIаб хIужа бугин дида ккоухъе.

Культураялъул министерлъиялъ цIакъ сабруяб баян гьабуна Иксанов хIалтIудаса эркен гьавиялда хурхун. Аммаила лъилниги щаклъи гьечIин гьединаб хIукмуялъе гIиллалъун дагIба-къец ккун букIиналда.

Гьадин абулеб буго маданияталъул суалазул рахъалъан эксперт Марина Тимашевалъ.

Марина Тимашева: «КъватIисан гьеб ахIвал-хIалалъухъ хал-щал гьабулев чиясул бербалагьиялда хIалтIудаса эркен гьавиялъе цохIого цо гIилла буго - гIемерал соназда жаниб Большой театралъул къадал рагъаризарулеб авал-ахир гьечIеб дагIба».

Январь моцIалда Большой театралъул махщеллъиялъул рахъалъан нухмалъулев Сергей Филинил гьурмаде загьруяб жо тIун хадусала кIудияб ахIи-хIур багъарана тIолго Россиялъул прессаялда.

ГьабсагIат гьев Германиялда азарханаялда вегун вуго, гьесие гьабун буго гIаммаб къадаралда 18 операция. Заман ун хадуб Большой театралъул цIар арав кьурдухъан Павел Дмитриченко гьеб гIайибалъе мукIурлъун байбихьуда разилъана жиндирго ишцоязул цIарал рехсезе, хадуб гьелдаса инкар гьабуна. Филиница гьадин бичIчIизабулеб буго гьеб хIужа:

Сергей Филин: «Дие ккараб хIужаялда дун разияв гьечIо. Дун разияв гьечIо пуланав инсанас жинцаго дие гьабураб ритIухъаб гуреб гьединаб диваналда. Щаклъи ккарал ва ккурал гIадамазулийн бицани, у гьезда гъорлъ такъсир гьабиялда щаклъи бугев цо чи вуго ян ракI чIун абизе кIола дида».

Большой Театралъул 300-гIан хIалтIухъан рагьараб кагъат хъван биIтана Россиялъул президентасухъе Дмитриченко цIуни мурадалда. Гьесде гIунтIизабураб гIайибалда гьез абуна гьеб бугин ургъунго гьабураб ишилан.

Театралъул цогидав мащгьурав артист Николай Цискаридзел хIисабалда Большой театр къачаялъе биччараб гIарцул гIемераб къадар бикъун бугин. Полициялъулаз рехсолеб буго 3 миллион доллар. Цойги гIайиб гIунтIизабулеб буго Анастасия Волочковалъ.

Анастасия Волочкова: «СияхIалда рекъон администраторас ясал ахIулел руго. Дие бокьун гьечIо гьабсагIат гьесул цIар рехсезе Большой театралда гьев цIакъ машьгурав инсан вукIиналъ.

Гьалеха, гьел ясал ахIун гьес гьел ритIулел руго тусовкобазде ва бичIчиIзабулеб буго гьелдаса нахъе гьалго щинал жал рукIине ругин, бусадул ищалги, цогидал жалги. Лъилгун? Олигархалгунги, къайимлъиялъул Шураялъул вакилзабигунги».

Иксановасий гьелда абулеб буго гьеб бугин чорокаб хабар жиндир къадру хвезаби мурадалда тIибитIизабураб.

Эксперт Марина Тимашевалъ гьадинаб хIасил гьабулеб буго.

Марина Тимашева: «Иксановасул гIайиб - гьесул загIиплъи. ДагIба гIодобе биччаззабизегIан гьес гIаксалда, жегиги хIалуцинабулеб букIана. Ялъуни щибго гьабичIого чIолев вукIана».
XS
SM
MD
LG