МагъчIваялъе рес

А.Бортников: «Исана улкаялда террактал дагьлъун руго»


Гьал къоязда Россиялъул хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул бетIер Александр Бортниковас лъазабуна гъоркьисалалде дандеккун, исана улкаялда террактал кIицIулниги дагьлъун ругилан. Экспертазул пикруялда рекъон гьел дагьлъиялъе гIиллалъун лъугьун буго ахираб заманалда россиялдаса гIемер экстремистал Шамалде ва ГIиракъалде рагъде ун рукIин.

Александр Бортниковас лъазабухъе 2014 соналъ Россиялда ккун буго 69 терракт. Гьезул 45 Дагъистаналда гьабун буго. Террактазул хIасилалда хун вуго къуваталъул идарабазул 41 хIалтIухъан, гьезул 125-яв лъукъунги вуго.

Гъоркьисалалде данде исана Россиялда ккарал террактазул къадар кIицIул дагьлъун ругин лъазабуна гьес, гьедин букIаниги пачалихъалда ахIвал-хIал хIалуцунго бугин абуна Александр Бортниковас. Гьеб лъазаби гьабун гурони Бортниковас террактазул къадар дагьлъиялъе гIиллаби рехсечIо.

Дагъистаналъул «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Агъаев Маирбекица рикIкIунеб буго гьел дагьлъиялъе гIиллалъун къуватазул идарабаз жидерго хIалтIи лъикI гIуцIцIи гурила ккарабилан.

Гьес абулеб буго ахираб заманалда Шималияб Кавказалдаса бищунго бажарарал гIадал экстремистал Шамалде ва ГIиракъалде рагъизе ун ругила, аслияб къагIидаялъ гьеб бугила террактал дагьлъиялъе гIиллайиланги.

Агъаев Маирбек: «ХIисаб гьабуни гьел террактазул къадар гъоркьисалалде дандеккун исана дагьлъун руго. Амма гьеб кинабго заманалъ бугеб жо буго.

Гьел дагьлъиялъе гIиллалъунги къуваталъул идарабаз гьабураб хIалтIи гуро. Гьез гьеб экстремизмалъул цIал гьелегьинабун гурони тIокIаб щибниги гьабулеб гьечIо.

ЧIван лъугIулел чагIи рукIаралани некIого лъугIилаан рукIарал гьел изнугьечIого яргъидгIуцIарал. Цо чIварасул бакIалда цоги кIигояв ваккулев вугелъул гьезул.

Гьеб киналъулго хIисабги гьабичIого жидецаго кутакаб хIалтIи гьабулеб гIадин хIисабалги кьун, жидеца гьеб терроризм дагьлъизабураб гIадин ккезабизе бокьула гьел къуваталъул идарабазе.

Гьаб исана соналъ цIакъго гIемер шималияб кавказалдаса экстремистал гочун руго ГIиракъалде ва Шамалде.

Гьезда гьоркьор руго гьел террактал гьаризе ургъулел рукIаралги, гьел гьаризе хIадур рукIаралги. Гьединлъидал исана террактал дагьлъун руго Россиялда. Амма гьел цIидахъан гьанир рагъариларин абун ракIчIей гьечIо лъилниги.

Гьел Шамалде ва ГIиракъалде рагъде арал тIад руссун хадуб гьаниб цIидакъан кьвагьа-гIанхъиги, терракталда цIидасан байбихьиларин абураб ракIчIейги лъилниги гьечIо».

Гьединго экспертас тIаде жубана терроризм баккиялъе ругел кьучIчIал гIиллабазул халги гьабичIого, гьабуниги гьелги хIисабалде росичIого, гIадамазе пайда бугеб хIалалъ гуреб, жидедаго лъикIин ккараб къагIидаялъ къуваталъул идараби хIалтIиялъги, Россиялда ва хасго Кавказалда ахIвал-хIал къоанагIан хIалуцине бугилан.

Гьебго данделъиялда Александр Бортниковас лъазабуна изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъе унел гIадамазул къадар дагьлъизабиялде кIвар кьезе къваригIун бугила бищун цебе.

Экстремизм тIибитIиялъе ругел гIиллабазул кIвар бугеблъун кколила гIадамазда гьоркьоб букIине кколеб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабунгутIи. ЦохIо къуваталъулал къагIидабазде кьун течIого, кIвар буссинабизе кколила жамагIаталги гьоркьор ккун гIолилал битIараб нухде ккезариялдеги.

Бортниковасул гьел рагIабазул рахъкколеб буго Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъа гIадамазги. Гьез гьал гIагарал къоязда росдал жамагIаталъул данделъи бакIарун букIун буго росулъ экстремистазде дандечIей гьабизе ккеялъул суалалги рорхун.

Гьеб росулъа жамгIияв хIаракатчи АмирхIамзаев АмирхIамзаца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна жидер жамагIат свакан бугила росулъ тIоритIулел хасал операцияздасаги, терроризмалде дандечIараб низамалдасаги. Жидее щалнигун рагъизеги къваригIун гьечIила.

Жидее бокьараб дин гьабизе рес бугила киназулго, амма гьел экстремистиял бербалагьи бугел чагIи жидеца росулъ тезе гьечIила. Гьезие жигьад къваригIун батани, гьеб бокьараб бакIалда гьабизе ине риччан тейила, гьезие гIоло росдадаго балагь рещтIинаби жидее данде кколарила.

АмирхIамзаев АмирхIамза: «Нижеца гьеб жамагIаталъул данделъиялда хIукму къотIана Россиялъул ва Дагъистаналъул тIалъиялде нижее ракълилаб гIумруги къваригIун бугин, ниж экстремизмалде дандеги ругин абураб хитIаб гьабизе. Нижер росулъ руго суфиялги салафиялги.

Буго кIиго кIудияб мажгит, 18 авал мажгит. Гьаб заманалда кигIан бокьаниги кин бокьаниги дин гьабизе ресги кьун буго, гьелдаса пайдаги босун рукIаха, гьаб рохьги, гьеб балагь-базарги къваригIун гьечIо нижее.

Гъоркьисалалдаса нахъего росулъ чIвай-хъвей гIемерлъараб мехалда нижеца гIолохъабиги дандегьарун росулъ гIадлу-низамалда хадуб халкколел къокъаби гIуцIцIун рукIана.

Гьенирги суфиялги салафиялги цадахъ рукIуна. Гьанжеги дагьалги гIадамалги гьоркьоре рачине руго гьел къокъабазде. Щай гурелъул ниж свакан руго гьаб кьвагьа-гIанхъиялдасаги, чIвай-хъвеяздасаги.

Нижерго росулъа рохьоре аралги руго чанги, гьезул гIагарлъиялдаги лъазабун буго гьел чагIи росулъе риччан рукIин лъанани, нужедаги росу тезабизе бугилан.

Гьединго цIех-рехалъул идарабаз экстремистазулгун хурхен букIин чIезабурал чагIазеги жамагIаталъ гIадлу гьабизе бугиланги лъазабуна гьеб гьеб данделъиялда».

Цебехун бицен гьабураб данделъиялда гьевго Бортниковас цойги нухалъ кIвар буссинабун буго исламалъул диниял церехъаби Россиялдаго хIадур гьаризе ккеялъе.

Гьес лъазабун буго къватIисел улкабазда динияб лъай щвараз бугила аслияб къагIидаялъ экстремистияб бербалагьи тIибитIизабулебилан. Гьединлъидал батIиял пачалихъазде инчIого Россиялдаго букIине кколеб лъикIаб исламияб лъай щолеб хIал гьабизе кколилан.

XS
SM
MD
LG