МагъчIваялъе рес

Россиялъул халкъазул конгресс - МахIачхъалаялда


Congress of peoples of Russia in Dagestan's Makhachkala
Congress of peoples of Russia in Dagestan's Makhachkala

20 соналдаса цIикIкIараб заман буго Россиялда миллияб идея гьечIелдаса. Гьединго гьабсагIаталда Россия цебехун бачиналъе квербакъи лъица гьабизе кколеб абураб суалги цебе лъезе къваригIун буго. Гьел ва цогидал суалал гьоркьор лъуна МахIачхъалаялда тIобитIараб Россиялъул халкъазул конгрессалъул данделъиялда.

Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул Шураялъул нухмалъулей ккола Светлана Смирнова. Гьелъ абуна нужги жалги ругин цо тарихалъул чагIи, цо халкъ.

Дагъистаниял унголъунги чIухIизе кколин 200 соналъ цебе гьез Россиягун цадахъ гIумру гьабулеб, ракълилаб нух тIаса бищиялдаса.

Конгрессалъул данделъиялда гIемер бицана улкаялда гIумру гьабулел халкъазда гьоркьор миллиял бухьенал щула гьаризе ккеялъул.

Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абуна совет хIукумат биххун хадуб цере СССРалда гъорлъ рукIарал халкъал цоцадаса рикIкIалъанин. Гьединго гьесул пикруялда рекъон, жакъа Россия цебехун бачине лъица квербакъизе кколеб абураб суалалъе жаваб кьезе къваригIун буго. ХIукумат биххун хадуб цебе рехун бачIанин рухIияб рахъги хъарцинлъараб, культураги гьечIеб олигархазул къокъа.

Гьединлъидал 20 сон бугин Россиялда миллияб идея гьечIелдаса.

Амма гьелдаго цадахъ ГIабдулатIиповас лъикIаб къимат кьуна культураги лъай кьейги цебетIеялъе квербакъулел олигархал Сулейман Керимовасеги, Зиявудин МухIамадовасеги, ГIумар МуртазагIалиевасеги, цогидазеги.

ГIабдулатIиповасул пикруялда рекъон, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ букIине кколедухъ кIвар кьолеб гьечIо миллиял бухьенал щула гьариялда бан къанунал рахъиялде.

Россиялда буго улкаялда гIумру гьабулел халкъазул Ассамблея. Ахираб 15 соналда жаниб гьелъие нухмалъи гьабуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьеб ракIалде щвезабуна конгрессалда кIалъалаго Дукуваха ГIабдурахIмановас. Гьев ккола Чачан Республикаялъул парламенталъул нухмалъулев. Гьес абуна кинаб бутIайин лъолеб Кавказалъ Россиялъул къисматалъулъ.

Масала, Россиялъул тIоцевесев генералиссимус кколаанин Кабардагун Балкариялдаса, 20 гIасруялъул бищун лъикIав шагIир – Дагъистаналдаса ХIамзатил Расул, Россия бикь-бикьунгутIиялъе хIалтIи гьабулаго къурбанлъун кканин жидер президент АхIмадхIажи Къадиров.

Гьединго Россиялъул жакъасеб тарихалда РФялъул БахIарчилъун тIоцеве гъалгъалазул генерал Астанов вахъанин. Гьединлъидал гьелъул хIакъалъулъ щайин Россиялъул прессаялдасан бицунареб.

Дагъистаналъул нухмалъулесда лъикIаблъун бихьана Россиялда гуребги, цере совет хIукуматалда гъорлъ рукIарал республикабаздаги гIурус мацI машгьур гьабизе.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьелдаго цадахъ къанун бахъизе ккола улкаялда гIумру гьабулел гIиссинал миллатазул мацIазда литература басмаялда бахъизеги».

Гьесда лъикIаблъун бихьулеб буго балугълъуде рахинчIел лъимал экстремизмалъул гIуцIабазда гъорлъе инаредухъ хIалтIи гьабизе.
Россиялда гIемер ккола кавказияздаги гIурусаздаги гьоркьоб дагIба-рагIи.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Амма конфликт лъугIун хадуб гIадамазда гьоркьоб жахIда-хIусудги ракIхвейги хутIунгутIиялъе иш лъицаниги гьабуларо».
Бицен гьабулеб конгресс тIобитIана Дагъистан Россиялда цадахъ бугелдаса 200 сон тIубаялда хурхун.

Гьелда бан МахIачхъалаялда киса-кирго ран руго имам Шамильги вахъарал игIланал. Гьезда хъван буго Россиягун ракълида рукIине васият гьабулин жинца нужее абун.

Гьелдаса рази гьечIо гIадамазул цо къадар. Цин бугони, васият гьединаб букIарабани, Шамиль имам щайин Россиягун 25 соналъ вагъарав, гьединго гьесул хъизан-лъималги гIагарлъиги щайин гIумру гьабизе Россиялда чIечIел, гьеб тун къватIире инчIого? КIиабизе бугони, тарихчагIаз дагIба балеб буго жибго васияталдаги.

Гьезул рагIабазда рекъон, имамас гьабун букIинчIо гьединаб васият.
XS
SM
MD
LG