«УЗИялъ бихьизабун букIана лъимер цодагьго кIудияб букIин ва гьелдалъун тохтур Татьяна Мусаевалъда нижеца лъазабуна кесаревасул операция гьабиялде ккезе бегьулин чIужу. Гьей Мусаева йикIана гьеб къоялда дежурнияй тохтурлъун. ЧIужу лъимал гьарулеб рокъое щвезаидал, бихьулеб букIана гьелъул хIал хисулеб букIин, квешлъулеб букIин. Амма Мусаевалъ абуна, гьелъул хIал нормалияб бугин ва лъимер гьабизе гьелда жиндаго кIвелин, кесаревасул операция къваригIине гьечIилан», - ян бицана ИсхIакъовас.
Гьес абухъе, микьабилеб январалда къадеялда нахъе Мусаева хисана цогидай тохтуралъ - Таибат Юсуповалъ. Росгун лъадиялъ ахIун йиго гьей ва абун буго хехго операция гьабеян, щай абуни чIужу хIадурай йигин лъимер гьабизе ва операция гьабичIони, лъимер гъанкъизе бегьулин. Рос чIужуялъухъе виччан гьечIо тохтураз.
«Жиб-жиб бащдаб сагIат индал, ахIулеб букIана тохтур Юсуповалъухъе ва акушеразухъе. Гьез гьерсал рицулел рукIана, абулеб букIана чIужу лъимер гьабулеб блокалде йигин, хадуб абулеб букIана лъимер гьабулеб залалде ячанин. ТIоцере гьезда божулел рукIана ниж. Сардил кватIараб мехалда тохтураз лъазабуна лъимер хванилан», - ян бицана ИсхIакъовас.
ЧIужу йихьараб мехалда, ИсхIакъовас гьикъун буго гьелда щиб ккарабали. Гьелъул рагIабазда рекъон, сагIат цо тIубалеб мехалда гьелъул палатаялде рачIун руго тохтурал - кIиго акушер ва тохтур Юсупова. «Акушераз долъул кверал ва бетIер ккун руго, тохтур Юсуповалъ чех цулеб букIун буго. Ахир къад, чIужуялъ хвараб лъимер гьабуна», - ян бицана ИсхIакъовас.
Гьесул рагIабазда рекъон, нахъисеб къоялда тохтураз хисун буго чIужялъул карта ва гьенибе хъван буго лъимер сахаб букIинчIилан. «Тохтуразе гьеб гъалмагъир къватIибе биччазе бокьун гьечIо, амма экспертизаялъ бихьизабила гьезул гIаийб», - илан абулеб буго Къурбановас.
ТIоцебего гьабураб экспертизаялъ бихьизабун буго, лъимер хванин кислородги гIечIого. ИсхIакъовасни цIех-рехалъул идаралдеги ун гIарза хъван буго. Идараялда бицана, ИсхIакъовасул гIарзаялда рехсарал хIужжабазул халгьабулеб бугин ва хадуб хIукму къотIилин рагьиладай такъсир гьабиялъул иш. Живго ИсхIакъовас абулеб буго, жиндир лъимер хвараб къоялда лъимал гьарулеб кIиабилеб рукъалда хванин жеги лъабго лъимер.
Къурбан ИсхIакъов: «Лъимал гьарулеб рукъазда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ киназдаго лъала. ГIарац кьун гурони тохтурал рачIунаро аскIоре. ЧIужуялъухъе щиб букIаниги кьезе ккани, гьенир хIалтIулезе чвантиниб 50-100 гъурущ лъезе кколеб буго. Дир гIадаб ахIвал-хIалалде ккараз гIарзаби хъвазе ккола кисса-кирего, ахIи-хIур бахъинабизе ккола. Щай руцIухIун чIун ругел? Гьеб бичIчIулеб гьечIо. Жалго гIадамаз ругьун гьаруна гьел тохтурал. Гьеб ахIвал-хIалалъе рагьун къимат кьезе тIамизе ккола хIакималги, гIадамалги».
Лъимал гьарулеб кIиабилеб рукъалда баянал кьечIо «Эркенлъиялъе». Дежурнияс телефоналдаса абуна ИсхIакъовасул гIарзаялда тIаса роддомалда цIех-рех гьабулеб бугин ва тохтураз абулеб бугин, жидеца жидеда кIвараб жо гьабунин, амма лъимер сахаб букIинчIин.
РакIалде щвезабила, лъимал гьарулеб кIиабилеб рукъалда сверун цереги чанги гъалмагъирал ккун рукIана. Мисалалъе, цо-кIиго соналъ цебе гьений тохтуразул кумекги щвечIого хвана Елена Ибрагьимова, лъимерги хвасар гьабизе кIун гьечIо. ГIайибиял тамихIалде ахIана, амма ахIвал-хIал хисичIин абизе бегьула. Щайгурелъул лъимал гьарулеб гьебго рокъоб Сакинат Расуловалъул лъимер хвана хадуб. Улбуз гIайиб гIунтIизабулеб буго тохтурзабазде, амма тохтурзаби чIун руго гьеб хварабго гьабун букIанилан.
Ахиралде тIаде жубала, Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, араб соналда республикаялда кинабниги 49567 лъимер гьабун буго, гъоркь соналде данде ккун гьеб 2064 лъимералъ цIикIкIун буго. Гьелдаго цадахъ хварал лъималазул къадар буго 15 лъимер.