МагъчIваялъе рес

Наибасул гвангвара нахъе тIалаб гьабулеб буго


Шамил имамасул вукIарав наиб ХIажимурадил гвангвара Санкт-Петербургалъул Кунсткамераялдаса нахъе тIалаб гьабеян гьарулеб буго Дагъистаналъул президентасда «Мой Дагестан» сайталъул гIахьалчагIаз. Гьелъие гIоло гьез ракIарулел руго гъулбасалги.

Лъалеб букIахъе, наибасул къаркъала букъун буго Азербайжаналда, Нухаялда. Гвангвара абуни 150 соналъ кунсткамераялда буго. Гьеб нахъе тIалаб гьабизе лъугьун рукIана Россиялъул Пачалихъияб Думаялде вищарав Дагъистаналдаса депутат ХIажимурад ГIумаровас, гьединго 90-абилел соназда машгьурлъарав политик Надир Хачилаев. Амма батIи-батIиял багьанаби ратун музеялъ гьеб нахъе кьечIо. ГIезегIан заманаялъ гвангвара рикIкIунеб букIана музеялъул къиматаб экспонатлъун. Хадуб иш диваналде ккейгун, гьеб федералияб буголъилъун рикIкIине лъугьана. Гьелда бан гьадин загьир гьабулеб буго жиндирго пикру Дагъистаналдаса тарихчи ГIамирхан МухIамаддадаевас.

ГIамирхан МухIамаддадаев: «Кинаб батаниги буголъи нахъе кьунаха хIукуматалъ. Масала, насраниязул килисаялъул рукIарал минаби нахъруссинаруна, суратал кьуна нахъе… Гьединго исламалда гуребги, бокьараб цогидаб диналдаги гIадат бугоха хварав чиясул лага къаркъалаялда цолъизабун букъулеб. Гьедин гьанже президентлъун ГIабдулатIипов вачIиналдегоги чанги рукIана ХIажимурадил гвангвараги къаркъалаялда цадахъ букъизе къваригIун гьарулел хIалбихьиял дагъистанияз. Хунзахъ мухъалдаса депутат вукIана ХIажимурад ГIумаровин абун. Политик Хачилаев вукIана. Дир хIисабалда, нилъер гьаниб Дагъистаналда батIияб букIуна гьединаб жо гьабулеб къагIида. РакIалде ккараб параялъго гьагъаб жо гьабизейин лъугьинчIого, хIисаб гьабизе ккола, масала, гвангвара нахъе щвеялъе ругел гIиллабазул, гIунгутIабазул, гьелда хурхун къануналъ щиб бицунеб бугебали. Гьединго ХIажимурадил тухум-кьибилалъул чагIаз нотариалияб куцалда тасдикъги гьабун хъвазе ккола жидее гьеб гвангвара букъизе къваригIун бугилан. Азербайжаналда бугеб ХIажимурадил хобалъеги къваригIел гьечIел жал гьарулел рагIула. Гьединлъидал дица абилаан добасаги босун гьесул бетIер-къаркъала цадахъ инсул ватIаналда букъизе лъикIанилан».

Дагъистаналдаса тарихчи Маркъо ШагIбановасул пикруялда рекъон, гIемерисезда ХIажиагъа лъала Лев Толстоясул «Хаджи Мурат» абураб къисаялдасан. Гьениб хъвалеб буго ХIажиагъа вугин дов гIемерал аскараз сверун ккурав, захIматго лъукъарав наиб ХIажимурадил бетIер къотIарав чи. Амма Толстоясе къваригIун букIана тарихалъул хIакъикъат гуреб, рекIелъ хутIулеб сюжет ва трагизм. Гьединлъидал хIакъикъаталда иш гьедин букIинчIо, Толстоясул «Хаджи Муратги» буго художественнияб асар.

XIX абилеб гIасруялъул гIурус документазда хъвалеб буго ХIажиагъал къокъа цогидазда цадахъ ХIажимурад сверун кколаго гьениб гIахьаллъун букIанин. Гьенибго хъвалеб буго чIваразул бутIрул гьенир къотIун гьечIин. Гьезул къаркъалаби росун руго Нухаялде, гьенир пачаясул сардар Михаил Воронцовасул приказалда рекъон къотIун руго бутIрул ва Тифлисалдегун Закаталаялде ритIун руго. ХIажимурадил бетIер щун буго Воронцовасухъе ва бихьизабун буго Тифлисалда, хадуб битIун буго Петербургалде.

ХIажимурадиеги гьесул хIакъалъулъ дунялалда машгьураб асар хъварав Толстоясеги кIиго монумент лъуна 2012 соналда Хунзахъги МахIачхъалаялдаги. ХIажимурадил тухумалдаса гIаданлъун кколей Хунзахъа ГIалихIажиева Гуржигьаница гьеб бакIалда цIалана наибасде жинцаго гьабураб кечI:

«Мун, росулъ хоб щвечIев Шамилил наиб,
Жакъа щиб къисматалъ рокъов вуссарав?
Хабалъ бетIер гьечIев рекъав багьадур,
Щиб яхI бугесгIаги дуй квербакъараб?»

Нагагьлъун наибасул гвангвара нахъе щвани, хундерил жамагIаталда ракIалда буго гьев инсул ватIаналда, Хунзахъ вукъизе. Амма Дагъистаналъул диниял цо-цо церехъабаз абулеб буго гвангвара букъизе кколин къаркъалаялда аскIоб, Нухаялда. Исламалда рекъон, букъараб бакIалъа къаркъала нахъе босула гIицIго гьеб бакIалда гьеб хобалъе хIинкъи букIунеб бугони.
XS
SM
MD
LG