МагъчIваялъе рес

Сахлъиялъул багьа ришват батани...


Дагъистаналъул сахлъицIуниялда жаниб ругел гIунгутIабазул бищун аслияблъун кколеб буго ришватчилъи. Щай жидер гъалатIал сабалъун унтаразе гIажизлъи ккарал хIалтIуда хутIулел ва кинал гIиллаби ругел сахлъицIуниялда жаниб цебетIей гьечIолъиялъе.

Кизилюрталъул азарханаялда тIоцебесеб лъимер гьабурай МухIамадова Аминат рокъое йиччан анкъ балелде цIидасан азарханаялде ккун йиго. Кесарево чехь сун лъимер гьабурай Аминатил ругъун мекъи букъун букIиналъул хIасилалда гьей реанимациялъулаб бутIаялда лъабго моцIица егизе кколей йиго , цIидасан ругъун сузе букIине. Операция тIобитIарай тохтуралъул гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъин тIоцебесеб нухалъ ккараб гъалатI букIун гьечIин, цойгиги унтаралъе гIажизлъи гьабун, диваналде ахIун йикIун йигила гьей тохтур. Гьанже жидеда гьелъ гьарулеб бугила диваналде кьечIого тезе, ай жинца киналго харжал ва цогидаб тIаде босизейилан баян гьабуна Аминатил яцгIал Гулишатица. ХIасил калам, гьез тохтур диваналде кьечIо.

Гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъинал гIемер ругин Дагъистаналъул сахлъицIуниялда жанир, чанги ругин тохтуразул гъалатI сабаблъун гIумруялдаса унтарал ратIалъарал лъугьа-бахъиналги. Масала, Каякент мухъалъул азарханаялъул нухмалъулесда тIад иш гьабун бугин, гьес ришват босун хIалтIуде росулел ратун. Гьеб чвантизхъ балагьулеб унти медикиял хIалтIухъабазулъ баккиялъе гIайибги хIукуматалда бугин баян гьабуна "Эркенлъи" радиоялъе СахлъицIуниялъул хIалтIухъабазул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулев Бучаев Камилица. Гьесул пикруялда, бакIалъул хIакимчагIаз тIалъиялъул хIукмуял гIумруялде рахъинарулел гьечIо.

Бучаев Камиль: "БакIалъул тIадчагIаз президентасул хIукмуял гIумруялде рахъинарулел гьечIо. Масала, сахлъицIуниялъул хIалтIухъабазул харжал цIикIкIинаризе бихьизабун буго 20I8 соналде швезегIан, амма гьеб кинго гIумруялде бахъунеб гьечIо. Дагъистаналда ахираб анцIго соналда жаниб цIакъ квешаб хIал буго сахлъицIуниялда жаниб. Харжазул рахъалъги нахъаккеялъул рахъалъги. КIиго соналъ цебе байбихьана бицине сахлъицIуниялъул хIалтIухъабазул бугеб гьеб унтул. Ришватчилъи буго унти. Тохтур унтарасул чвантихъ балагьи, магаричазухъ балагьи билълъун ун буго Дагъистаналда. Бицунеб буго гьеб лъугIизабизе ккеялъул. Бицунеб букIаниги щиб ришватчилъи лъугIулеб гьечIеб мехалъ. Гьеб лъугIизе кканани сахлъицIуниялъул даража борхизабизе ккола."

Жакъа Дагъистаналда тохтурасе щолеб гьоркьохъеб харж кколеб буго I5 азарго гъурущ, персоналалъул хIалтIухъабазул харж кколеб буго 8-I2 гъурущ. Амма гьелдаго цадахъ, азарханаялда хIалтIи щвезе захIмат буго, медикияб лъай босулезул къадарги цIикIкIунеб буго . ГIусал къачIаялдаса хадусеб бакI кколеб буго цIализе лъугьунез тIаса бищулеб хIалтIул акушер гинекологиялъул хIалтIухъабаз. ТIоцересел, гIусал къачIалел хIукуматалъул гурел азарханаязда ва жидерго кабинетал рагьун хIалтIизе рес щолеб батани, кIиабилел аслияб куцалъ хIукуматалъул азарханаязда хIалтIизе рес шолила. Дагьаб харж букIаниги гьенире гьел хIалтIизе иналъе гIилла бугила бищун магаричал ва цогидаб бачIин бугеб бакI гьеб букIин. Гьедин рикIкIунеб буго гIемер соназ азарханаялда хIалтIарай тохтур Ирайгьанат Муслимовалъ. ГIаммаб куцалъ лъимер гьабун азарханаялдаса къватIие йиччазегIан харж гьабулеб буго I5 азарго гъурущ. Гьебго заманаялъ 20-25азарго гъурщиде хIукуматалъул гуреб азарханаялда лъикIал тIалабал чIезарураб бакIалда йегизе рес бугилан баян гьабуна "Эркенлъи" радиоялъе Муслимовалъ.

Гьелдаго цадахъ, росабалъ бугеб сахлъицIуниялъул ахIвал-хIал цIакъ лъикIаб гьечIеб бугилан рикIкIунеб буго Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росдал азарханаялъул тохтур МухIамадова Халуница. Гьелъул баяназда рекъон, яги тохтурзаби гIоларого, яги ругезул лъай гIоларого букIунеб буго . Гьедин, росулъ азарханаялда бидулъе дару биччазе рукIкIен къазабизе махщел гIоларелцин рукIунин тохтуралин баян гьабуна тохтуралъ. Гьелъул пикруялда, киналго гIунгутIаби руго медикиял хIалтIухъабазул лъай гьечIолъиялъул хIасил.

Гьелдаго цадахъ, 2013 соналдаса байбихьун, гIолохъанал тохтурзаби хIалтIудалъун хьезариялъул программаялда рекъон, 500 цIикIкIун гIолохъанал тохтурл хIалтIизе лъугьун руго мухъазул ва росабазул азарханаязде, гьел хIалтIизе хъван буго хасаб контракт.Гьелда рекъон, гьезие хIукуматалъ биччалеб буго I млн. гъурущ, 5 соналъ гьел цо бакIалда хIалтIизе къотIиги гьабун.

XS
SM
MD
LG