МагъчIваялъе рес

Къанун "жидеразего" тамахабищ букIине кколеб?


Нугъаязул ццим бахъун буго полициялде
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:39 0:00

Нугъай мухъалъул жанисел ишазул идараялда Эрадиль Асанов чIварав полициялъул хIалтIухъанасда тIад гьес жиндирго хъулухъалда букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. ЦIех-рехчагIазул гьеб хIукмуялда разигьечIо бакIалъул гIадамал, гьез лъазабулеб буго полициялъуласда чи чIваяда хурхунги иш рагьизе кколилан.

10 октябралда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул цIех-рехалъул бутIаялъул нухмалъулев подполковник Жамалудинов Жамалудинида тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Хасал идарабаз лъазабухъе гьев ккола 6 октябралда Нугъай мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда 22 сон барав Асанов Эрадиль чIварав чи. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаз, гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун, 32 сон барав Жамалудиновасда тIад гьес жиндирго хъулухъалдаса букIине кколлелдаса цIикIкIун пайда босиялда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Амма Нугъай мухъалъул гIадамал гьеб хIукмуялда разиял гьечIо, гьез лъазабулеб буго подполковникасда тIад чи чIваялда хурхунги такъсирияб иш гьабизе кколилан

ЦIидасан гьел жидерго тIалабал загьир гьаризе ракIарун рукIун руго бакIалъул гIадамал 10 октябралда Нугъай мухъалъул Терекли-Мектеб росулъ. Гьеб ккола бакIалъул гIадамаз лъабабилеб нухалда тIобитIулеб митинг. Эрадил Асанов чIварав чи щивали бицейин жидеда ва гьесие букIине кколедухъ гIадлу гьабейин тIалабги гьабун 600 гIунтIун чи вакIарарал митингал тIоритIун рукIана 7 ва 8 октябралдаги. Гьез лъазабун букIана гIайибияв полициялъуласда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьизегIан жидеца митингал гьоркьоса къотIизе тезе гьечIилан.

Гьедин рузман къоялъ тIобитIараб акциялдаги гIадамаз лъазабун буго къануналъул гьадингояб бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул ишги рагьун, низамцIунулез жал тIаса рихьизаризе жал гьарулел ругила. Гьезда Жамалудиновасе тамихI гьабизе ракIалдаго гьечIила. Гьединлъидал цIех-рехалъул ишалда хадуб жамагIаталъ лъикI халкввезе кколилан. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда чIварав 22 сон барав Эрадиль Асановасул гIагарав чи ГIадильгереев Рустамица.

Рустам ГIадильгереев: «Такъсиргьабиялъул ишни рагьун буго, амма ниж гьеб хIужжаялъ тIуран рохизаричIо, чи чIваялда хурхунги иш рагьизе ккола гьесда тIад чара гьечIого. Нижеца гьеб иш реххун тезе гьечIо, жамагIаталъ гьелда хадуб халги кквезе буго. Нижеда бичIчIулеб буго гьез халкъ гIодойбиччазабиялъе гьеб бокьахъин гьанибе-добеххун цIа-цIазе бегьулеб къануналъул бутIаялда рекъон рагьун буго Жамалудиносда тIад такъсиргьабиялъул иш. Нижеца гьеб гуро тIалаб гьабулеб букIараб. Нижее къваригIун буго гьесда тIад Россиялъул къануналъул I05 бутIаялда, ай чи чIваялда хурхун иш гьабизе. Гьелдаго рекъон гьесие тамихIги гьабизе. Нижер щибгIаги божилъи гьечIо къуваталъул идарабазда, гьединлъидал гьеб ишалда хадуб халкквезе хасаб жамгIияб къокъаги гIуцIун буго нижеца».

Рустамил рагIабазда рекъон цебехун рехсараб гьеб жамгIияб гIуцIияда гъорлъ руго юристал, жамгIиял хIаракатчагIи, Дагъистаналъул халкъияб мажлисалъул депутат Авезов Мурзадингицин. Гьединго гьес бицана гIагараб заманалда жидер киналго тIалабал тIуразаричIони жал цIидахъан митингазде рахъине ругилан ва федералияб нухги къалила жидецайилан. Амма гьелде ккезе бокьун гьечIила гIадамазе, берцинго букIинекколедухъ гьеб ишалъул цIех-рехги такъсиралъухъ букIине кколеб тамихIги гьабизе къваригIун бугила жидее. Жал щалнигун рагъизе ва щивниги чIвазехъин ругел чагIи гурилан.

Рустам ГIадилгереев: «Гьев чи нижехъе кьейин, гьесда тIад нижецаго дивангьабилин абулеб гьечIо лъицаниги. Халкъалъ сабру гьабун буго, амма кидаллъагIан гьеб халат бахъинебали лъаларо. Нижее гьесдасан щибго къваригIун гьечIо, нижер ццин бахъун буго щибго жо ккечIеб гIадин гьев чи чIчIей ва низамцIунулез гьесие нухал ратулел ругеб куц. ГIадамазул нухдасанги вилълъун гьев Жамалудиновас жиндихъаго гьеб рекъечIеб иш ккараб мехалда, гьединги кканаха, дида гIайибги буго бегьилеблъун батани жиндидаса тIаса лъугьайин гьарун букIарабани гьесул гIагарлъиялдагIаги, гьаб базар кколароан гьаниб. Гьес я ниж рикIкIинчIо, я халкъалъул хIисаб гьабичIо. Гьелда тIадеги живго къурбанлъунги гьавун Эрадиль гIайибияв гьавизеги лъугьана. Кинха гIадамазул ццин бахъинчIого букIинеб. Гьезул киназго абулеб буго жакъа гьеб иш гIинтIамичIого тани, хадур –цере гьединал ишал такрарлъизе бегьулила, бокьарав чиясул рокъобе бачIине бегьулила гьеб къварилъийилан. Гьединлъидал ниж нахъе къазеги гьечIо, нижее киназего къваригIун буго гьеб ишалъул букIине кколедухъ къануналда рекъон халгьабизе».

Гьединго Рустамица бицана Эрадиль Асанов чIваялъул ишалда хадуб халкквейин, гьелъие гIайибиясе букIине кколеб тамихI гьабейин тIалаб гьабун кагътал ритIанила жидеца Россиялъул президент Владимир Путинихъеги, Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазнихъеги, Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев Александр Бастрыкинихъегийилан.

XS
SM
MD
LG