МагъчIваялъе рес

РагΙалде бахъинчеб хабар


TIавус МахIачева: "Гьамущи"
TIавус МахIачева: "Гьамущи"

Машгьурай художник ТΙаус МахΙачевалъул экспозиция рагьана МахΙачхъалаялда гьал къоязда. Гьенир ругел гьелъул киналго хΙалтΙабазул темаби хурхарал руго Дагъистаналда. Авторалъ абухъе, республикаялда кколел хиса-басиялги хΙисабалде росун хΙадур гьарурал хΙалтΙаби руго гьел.

ТIаус МахIачевалъул выставкаби тIоритIана Москваялда ва Миланалда, гьединго художник гIахьаллъана чанги батIиял цогидал выставкабаздаги, гьелъие чанги шапакъатги щвана. «Хабаралъ халатбахъин тIалаб гьабулеб буго», - ян абураб МахIачевалъул выставка рагьана гьал къоязда МахIачхъалаялда.

TIавус МахIачева: "Пейзаж"
TIавус МахIачева: "Пейзаж"
Лондоналда маданияталъул колледжалда цIаларай МахIачевалъ гIемерисала рахъула видео-проектал ва выставкаялда чанги гьединаб проект лъун буго.

Мисалалъе, «Хехал ва ццидахарал» абураб видео-проект. Басрияс хъабачаз «Лексус» автомобильги ккун МахIачева ана МахIачхъалаялъул къватIазда тира-сверизе. Автомобилалъул гьединаб тюнинг цIакъ рекIее гIун буго бихьиназе. Гьел автомобилалда аскIоре рачIуна, капоталда кверал хъвала, суратал рахъула.

Гьединго выставкаялда лъун буго гьабзазул рагъазул бицунеб проект. Цоцада балагьизабун лъун буго кIиго экран. Цояб экраналда бихьизабулеб буго гьабзазул хIакъалъулъ бахъараб документалияб кино, цогидаб экраналда рихьизарулел руго рагъулел гьаби.

Буго выставкаялда «Гьамущи» абураб видео-проектги. Гьеб видеоялда бахъун буго чIобоголъараб ва холеб росу. Мех-мехалдаса видео бихьизабулеб экраналда раккула Кавказалъул рагъалъул хIакъалъулъ Франц Рубоца рахъарал суратал.

TIавус МахIачева: "Хехал ва ццидахарал"
TIавус МахIачева: "Хехал ва ццидахарал"
Художник ПатIимат ХIусеновалъ абуна «Эркенлъиялъе» МахIачевалъул гIемерисел хIалтIаби миллияб культураялда хъинтIарал ругилан. Гьелъул рагIабазда рекъон, МахIачевалъул гIадал проектал Дагъистаналда лъилниги цере рукIинчIо, амма рукIине руго. Культураялъул ва дизайналъул факультетазда цIалулел студентал лъугьун руго МахIачева гIадин видео-проектал гьаризе.

ТIаус МахIачева: «Дица хIалбихьана критика гьабизе Дагъистаналда ратарал хиса-басиязе. Гьел хиса-басиял дида ратулел руго гIолилазда гъорлъ ругел рукIа-рахъиналъул къануназда, пуланал хIужжабаздехун гIолохъанал ясазул бугеб бербалагьиязда. Экспонатал гIемеразда ричIизе ратиларо, амма ракIалде кколеб буго, проектазул магIна бичIизе бугелги ратилин цо-цоял».

Экспозициялда
Экспозициялда
Видео-проектал гурелги выставкаялда руго сураталги, инсталляциялги. Мисалалъе, «Пейзаж» абураб инсталляциялда рихьизарун руго батIи-батIиял чагIазул мегIераздаса рахъарал слепокал. Гьел рихьизарун руго мугIрул гIадин.

Дагъистаналъул художниказул шураялъул залалда унеб буго выставка ва гьеб рагьун букIине буго 7-леб ноябрь щвезегIан.
XS
SM
MD
LG