МагъчIваялъе рес

Нусго вэб-сайталда экстремистияб хасияталъул щаклъи рагIула


Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабулеб буго жидеца интернеталда тIатинарунин экстремизмалда дандечIеялда хурхун бахъараб федералияб къанун хвезабиялъул хIужаби.

Гьедин анлъго адресалдасан ютюбалда лъун ратун руго гьабсагIаталда Россиялда бугеб конституциялъул гIуцIи хисизабизе ва тIалъи нахъе рехизе кколин, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазда гъорлъе лъугьайин ахIи балел видеоматериалал. Гьединго террорги ритIухъ гьабулеб букIун буго гьениб.

Ютюб тун батIиял, информациялъул, сайтаздаги (нусидаса цIикIкIун сайт) ратун руго гьединабго магIнаялъул ахIиял.

Гьеб киналдаго тIасан прокуратураялъ диваналде гIарза хъван буго. Диваналъги хIукму къотIун буго гьел материалал экстремизмалъул магIнаяллъун рикIкIине.

МахIачхъалаялда гIадамазе интернет бачунеб компаниялъул вакил ккола АсхIабгIали. Гьес ЭР-ялъе бицана жидеца блокалде рехулила прокуратураялъги Роскомнадзоралъги къаян лъазабаруал сайтал. Гьезухъ бугила гьукъарал сайтазул сияхI. Гьедин зама-заманалдасан гьезул хIалтIухъабиги рачIунила жидеца гьел хIалтIизе риччалел ругищ-гьечIищали бихьизе. АсхIабгIалил рагIабазда рекъон, провайдеразда тIадаб гьечIо жиб-жиб сайталъул мониторинг гьабизе. Гьеб гьабула церехун рехсарал идарабаз – я жидецаго, яги гIадамазул гIарзазда рекъон.

Амма щибаб жоялдаса рорчIизе нух букIунеб гIадин, блокалда лъурал сайтаздаса рорчIизе бугин нухилан бицана АсхIабгIалица. Бугила хасаб программа. ЦIакъго-цIакъ гьел сайтазде нух къваригIарал чагIаз гьелдалъун гьабулила жидеего санагIалъи.

АсхIабгIали: «Гьедин хасаб программа балагьун бажаруларел гIадамазе гьабулеб жо буго гьеб. Амма къваригIани, гьелъие бугоха гьединаб рес. Хасаб адресги балагьун, бигьаго рагьула гьукъараб сайт. РакIалда бугищ, бусурбаби инжит гьарулел ругилан цо заманалда гьукъун букIана ютюбалдасан «Невинность мусульман» абураб фильм рагьизе. Амма интернеталъул хIал лъалел чагIаз цоцахъе рехулеб букIана гьеб фильм бугеб бакI рагьулеб программаялъул цIар. Амма дунялалда машгьурал сервераз, провайдераз ва цогидаз цоцазда гьоркьоб гьабураб къотIи букIуна – гьукъа-тараб жо биччангутIизе. Гьединлъидал гьукъараб видео лъун батаниги, хехлъи гьабун блокалда лъола гьеб».

Компьютеразул иш лъикI лъалел гIадамаз абулеб буго диваналъ хасал сайтал экстремистияллъун рикIкIаниги щибин, гьезие гIадлу гьабун бажарулареб мехалда. Щайин абуни гьезул гIемерисезул хъвай-хъвагIай гьабун батулила Россия тун къватIиб.

Дагъистаналда биччалеб «Московский комсомолец» газеталъул бетIерав редактор Юсуп ХIапизовас ЭР-ялъе бицана жинда интернеталда гIемер дандчIвалила дагъистаниял динияб цIали гьабизе Туркиялде ахIулел гIадамал. Гьел рукIунила ургъун рахъарал цIаразда ва чияр суратазда гъоркь хIалтIулел. Амма хIакъикъаталда абуни, Шамалде рагъизе чагIи ралагьулел ругила гьез.

Юсуп ХIапизов: «Туркия ккола «Исламияб пачалихъалда» гъорлъ рагъизе гIолилал унеб Шамалдаги нилъедаги гьоркьоб бугеб бакI. Динияб цIали гьабизеян ахIулел руго гьел. Амма Дагъистаналдаги гIезегIан лъикI гьабизе бегьула гьеб. Гьединал лъазабиял гIемерлъулел руго интернеталда гьел сайтал тIатинарулел идараби букIине кколеб куцалда хIалтIулел гьечIолъиялъ».

Гьаниб мисал бачине бегьула моцIалъ цебе жинда тIад гIакIа къотIарай МахIачхъалаялдаса гIаданалъулги. «Одноклассники» сайталда жиндирго «гьумералда» экстремизмалъул ахIи бугеб лъазаби лъун букIана гьелъ. Гьедин 30 азарго гъурущги къотIана гьелда тIад.

30 марталда Нугъай мухъалъул диваналъги экстремизмалъул магIна бугеблъун рикIкIана пуланаб сайт. Гьенир лъун ратун ругоан Гитлерил тIехьалдаса текстал.

Гъоркьисала хаслихъе Дагъистаналъул басмаялъул ва информациялъул министр Азнавур Аджиевас лъазабун букIана кибердружинаялъ тIатинабунин бицен гьабулеб магIнаялъул 30 сайт.

XS
SM
MD
LG