МагъчIваялъе рес

Машгьурав "комбинаторасул" ирсилал


Россиялъул тIалъиялъ пачалихъалда ришватчилъиялда данде къеркьеялъе кинал ресал балагьаниги, жибго ришватчилъи тIегьалеб буго. Хасго гьеб тIегьаялъе гIилла хашаб-гIумру яшавилан рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Шималияб Кавказ ва хасго Дагъистан лъикIаб гуреб гIумру-яшав бугеб бакIги хIисабалде босун, «Эркенлъи» радиоялъул мухбирзабаз цIех-рехал гьарулел руго ришватчилъиялъул батIи-батIиял рахъазул. Ахираб заманалда Дагъистаналда инвалидал гIемерлъиялъулъ ришватчилъиялъул гIаламатал ратун руго.

Республикаялъул медикияб экспертизаялъул нухмалъулев ИсмагIилов БиймухIамадил баяназда рекъон, Дагъистаналда вугин 71 азарго инвалид. Халкъалъул гьоркьохъеб къадаралда данде ккун босани гьел цIакъ гIемер ругилан рикIкIунеб буго гьес. Амма гIемерисел журналистазул ва гIадатиял гIадамазда рекъон, гьезда жаниса ращдаздасаги цIикIкIун чагIи руго сахал. Пачалихъалъ инвалидазе кьолеб пенсия щвеялъул мурадалда гьез гьарулел руго унтун ругилан гьересиял документал. ИсмагIилов БиймухIамадица инвалидазул къадар цIикIкIин бухьинабулеб буго республикаялда хIалтIи гьечIолъиялдаги. ХIалтIи гьечIел чагIи жидер гIумруялъул шартIал лъикIлъизариялъул мурадалда гьеб такъсиралде унел ругилан рикIкIунеб буго гьес.

«Public Post» сайталъ кьолел баяназда рекъон, Дагъистаналъул прокуратураялда тасдикъ гьабулеб буго гьединал такъсирал ругилан. Хасго гьел гIемер руго гIумру гьабиялъул шартIал захIматал районазда. Гьединаллъун ккола хасго мугIрузул районал. Гьересиял документал ракIарулел хасал къокъаби хIалтIулел руго республикаялда. Гьезул буго лъикIго хIалтIулеб система ва щибаб гьересияб документалъухъ чIезабун буго хасаб багьа, документалъул къиматалъухъ балагьун. ГIадан рокъовги вукIун, гьел чагIазухъе гIарацги кьун валагьун чIезе бегьула пенсия щвезегIан. Прокуратураялъул вакиласул баяназда рекъон, гIарац Хасавюрт ва Дахадаев мухъазда тIатинарун руго цо-цо хъизамал, рокъор чанго чиясе гьересиял документазул кумекалдалъун пенсия чIезабурал.

Цойги гIажаибаб лъугьа-бахъин ккун буго ЦIумада мухъалда. Гьениб гIумру гьабулел АхIмад ва Умайсат МухIамадоваз бицухъе, гьел официалияб къагIидаялъ ратIалъун руго, амма цадахъ гIумру гьабулеб буго. Документазда рекъон гьел рос-лъади кколаро, амма шаргIияб магьар гьезул буго. РатIалъаралин рикIкIунел эбел-инсуца инкар гьабун буго кIиго лъимадаса ва гьезул тIалаб тIаде босун буго АхIмадил яцалъ. Лъималазе щолеб буго бесдалал хIисабалда гIарац, живго АхIмадица алиментал кьезе кколел руго. Амма гьеб кколеб буго рокъобго цояб чвантиниса цогидалъубе гIарац лъураб гIадаб жойилан бицунеб буго АхIмадица. Гьеб гуреб, рукъалъул щивасе пенсия щолеб буго. Кинабго гIарац данде гьабун рокъобе бачIунеб буго 47 650 гъуруш гIарац.

Умайсат МухIамадовалъ бицунеб буго жиндир хIалтIизе бакI гьечIин, росасулги сахлъи лъикIаб гьечIин. ХIалтIи гьечIолъиялда бан щолеб гIарацги, лъималазул пособиеги цIакъго дагьаб жо гурони гьечIин, лъимал хьихьизе жидер тIокIаб рес гьечIин къанун хвезабичIого. «Микьго букIараб гIакаги бичун, нижеца лъабгояб тана нижеего. Щвараб гIарац кьуна дие ва кIудияй ясалъе пенсия гьабизе. Хадуб росасегун хутIарал лъималазеги гьабуна»,- ян бицунеб буго гьелъ. АхIмадил пикруялда рекъон, светияб пачалихъалъул къанун хвезабуниги, шаригIаталъ нух кьолеб буго гьединал ишазе, тIокIаб лъимал хьихьизе рес гьечIони. Бугищ ихтияр абураб суал нижеца кьуна гIалимчи Маликов Шамилие.

Маликов Шамиль: «Гьеб жо бегьуларо исламалда жаниб. Инсанасе тIокIаб батIияб къагIидаялъ квине жо балагьизе рес батичIони, гьижра гьабейин, гочун ун, хIалалаб къагIидаялъ магIишат гьабизе бегьулеб бакIалде айин. Гочизеги рес батичIони, гьаризе бегьула гIадамаздаса вакъуца хвечIого вукIине. Амма гьардейги Аллагьас гьукъараб буго. КIиго нухалъ жеги квине жо бугев чиясе гьардей лъикIаб гьечIо. Дагъистаналда гьедигIан мискинзаби гьечIо. Щайха гьез кIиго-лъабго чиясе гьел гьересиял документал росулел, цо бугониги ракъудаса хвасарлъула гьел. Гьел чагIи руго гIарац къваригIун пачалихъ махсароде кколел чагIи».

МахIачхъалаялъул социалияб рахъалъ гIадамал цIуниялъул идараялда хIалтIулей Джапарова Маринаца бицунеб буго пачалихъалъ херазе ва инвалидазе кьолеб гIарац цIакъ дагьаб жо гурони гьечIин, гьелъ щивниги хьихьизе рес гьечIин, хасго гIемер лъимал ругеб хъизан. Хашаб социалияб хъулухъалъ тIамулел руго гIадамал къанунал хвезаризеян рикIкIунеб буго гьелъ.
XS
SM
MD
LG