МагъчIваялъе рес

Нухмалъиялъ хIадурулел руго муниципалиял реформаби


Дагъистаналъул «ХъахIаб рукъалда» ахирисеб заманалда тIоритIана муницияпалияб реформазул бицунел данделъаби. Гьениб, мисалалъе, борхизабулеб буго мухъалги шагьаралги цолъизариялъул суал. Гьединаб реформаялъ миллиял дандечIей багъаризабизе бегьулин, рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.

Муниципалиял гIуцIиязул хIалтIи хисизехъин буго Дагъистаналда. Республикаялъул нухмалъиялда ракIалда буго шагьаралги мухъалги цолъизаризе, гьединго муниципалиял гIуцIиязул нухмалъулезда гъорлъ ругел эффективиял гурел хIакимал хIалтIудаса рахъиялъул суалги гьоркьоб лъолеб буго.

Мисалалъе Болъихъ мухъалъул анкьго росулъ хIалтIудаса нахъе рахъана росдал нухмалъулев хисулел. Мухъалъул прокуратураялъул лъазабиязда рекъон, гьев анкьго хIаким вахъиялъе гIиллалъун буго гьез университет лъугьунгутIи, гьезул профессионалияб лъай гьечIолъи. 2008 соналда Дагъистаналъул халъкияб мажлисалъ къабул гьабураб къануналда рекъон, муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев хисулесул букIине ккола университеталъулаб диплом.

«Анлъго соналъ цебе къабул гьабураб къанун гьанжегIаги хIалтIизе байбихьанин», - илан хъвалеб буго блогераз Болъихъ мухъалъул прокуратураялъул ишалда тIаса. Балъхъадерил хIакимал гурелги тIолго республикаялъул хIакимазул профессионалияб кинаб лъай бугебали балагьизе кколин рикIкIунеб буго блогер Тимур ГIалиевас. Гьесул рагIабазда рекъон, республикаялъул хIакимазда гьоркьосан гIемерисезул ратила гIарцухъ росарал дипломал.

Муниципалиял гIуцIиязул система Дагъистаналда хисизе кколин тIоцебе абуна республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Исана январалда жиндирго хитIабалда гьес абун букIана пачалихъалъ гIадамазе гьаризе кколел хъулухъазул рахъалъан ва социалиял шартIазул рахъалъан хIалтIи лъикIлъилин регионалда шагьаразул административиял бутIаби ай округал гIуцIанин. Муниципалияб реформаялъул хIакъалъулъ ГIабдулатIиповас гIемер бицана гьединго цодагьалъ цебе МахIачхъалаялда тIобитIараб культураябгун-инвестициялъулаб форумалдаги. Мисалалъе, гьениб гьес абун букIана гIагараб заманалда Бунакск шагьаралъулги ва Буйнакск мухъалъулги муниципалияб цо гIуцIи гьабилин.

Халкъияб мажлисалъул бакIалъул нухмалъиялъул комитеталъ гьал къоязда гьабураб данделъиялда ракIалде щвезабуна ГIабдулатIиповасул хитIаб ва кIалъаял. Амма цо-цо депутатазе рекIее гIечIо муниципалияб реформа гьаби. Депутат Багьадур ГIабасовас абуна гIадатиял гIадамазда гьоркьобги реформаялда тIаса батIи-батIиял пикраби ругин ва мухIканго гьел лъазаричIого киналгIаги муниципалиял гIуцIиял цолъизаризе кколарин. Депутатасул рагIабазда рекъон, тIоцебе щуго шагьар ва мухъ цолъизабизе ракIалда буго – гьелги Хасавюрт, Гъизилюрт, Буйнакск, Гъизляр ва Дербент. Парламенталъул депутатал Адам ГIалиевас ва ГъазимухIамад ГIабдуллаевас абуна гьел шагьаралги ва мухъалги цолъизаризе бегьуларин, щайгурелъун миллиял дандечIеял раккине бегьулин.

ГIалиевас гьединго абуна реформаялъ хIисабалде босулеб гьечIин шагьарал ва мухъал церетIеялъул суалал. Гьес абуралда рекъон, цебе рехсараб щуго шагьар кин-букIаниги индустриалияб нухдасан унел руго ва гьелгун цолъизаризехъин ругел мухъал церетIолел руго росдал магIишаталъе гIоло. Кин гьеб кIиго сфера цолъизабилеб яги кин гIаммаб нух батилеб бичIчIулеб гьечIин абуна депутатас.

«Клан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе абуна бичIчIулеб гьечIин муниципалияб реформаялъ миллияб квотирование хIисабалде босулеб бугебищ яги гьечIебищ.

МухIамад МухIамадов: «Дагъистаналда гьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIалалда балагьун, дир пикруялда рекъон, гьеб реформа къваригIун гьечIо. ГIабдулатIиповас абулеб буго гьеб реформа гьабизе бугин гIадатиял гIадамазе гIоло. Амма миллияб суал хIисабалде босун бугодай реформаялъ? Нилъеда лъала кин бигьаго гIадамал долго митингазде рахъунел жидер вакил мухIканаб хъулухъалда толев гьечIиланги абун. Мисалалъе, Хасавюрт мухъ ва шагьар цолъизабила. Муниципалияб цIияб гIуцIиялъул нухмалъулевлъун щив тезе вугев? МагIарулавищ яги лъарагIавищ? Нилъеда лъалаха Хасавюрт мухъ лъарагIазул мухълъун рикIкIунеблъи ва Хасавюрт шагьар магIарулазуллъун рикIкIунеблъи».

МухIамадов хъинтIараб суал баккине бегьула цогидал мухъаздаги. Статистикаялда рекъон, Дербент шагьаралда гIемер лезгиял руго, амма мухъалда азербайжанал руго. Буйнакск шагьаралда магIарулазул къадар цIикIкIараб буго, амма мухъалда лъарагIал гIемер руго. МухIамадовас абухъе, Дагъистаналда гьабсагIаталда бугеб муниципалияб системаялда хIисабалде росун руго миллиял суалал, хIакимазул къадар, ракьазул суалал.
XS
SM
MD
LG