МагъчIваялъе рес

Ва бана гIазу…


МахIачхъалаялда"кIудияб" гIазуялъ "тохлъизабуна" гIадамазул гIумру. 2012 соналъул 17 декабрь.
МахIачхъалаялда"кIудияб" гIазуялъ "тохлъизабуна" гIадамазул гIумру. 2012 соналъул 17 декабрь.

Ва бана гIазу, ва чIун хутIана шагьар. Гьебгиха гIадатияб шагьар гуреб, Россиялда ругел шагьаразда гьоркьоб лъикIаблъун чанго нухалда рехсараб. Гьебгиха Дагъистаналъул тахшагьар.

Сордо-къоялда жаниб бараб гIаздаца итни къоялъул радал гIужалда МахIачхъалаялда гали бахъизе, ялъуни автомобиль бачине бажарулеб хIал букIинчIо. Автомобилал рачинелъул шагьранухал рацIцIад гьаризе къватIибе бахъараб техникаялдаги берчIвачIо къалъизегIан. Гьединаб хIал букIиналъ цIакъ къанагIат гурони къватIибе бахъараб жамгIияб транспортги букIинчIо. Гьелъул хIасилалдайин абуни гIемерав чи хIалтIуде кватIана, мактабазде унел лъималазе лазатбахъи ккана ва нухазда цIакъ хIалкъараб хIал букIана.
ЦIакъго цIикIкIараб къадаралда гIазу баялъул хIасилалда заманаялъ къан буго МахIачхъалаялъул аэропортцин абун бицана ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда. Гьениб бицухъе, аэропланазе роржине ихтияр кьечIолъиялда бан, 100-ялдасаги цIикIкIун чи хIажатавлъун ккун вуго аэроплан боржине рес ккезегIан аэропорталдаго чIезе.

Дагъистаналъул тахшагьаралъул магIишаталъул хасал хъулухъазул хIалтIул хIасилал шагьаралда берцинго рихьулелцин гьечIо
Дагъистаналъул тахшагьаралъул магIишаталъул хасал хъулухъазул хIалтIул хIасилал шагьаралда берцинго рихьулелцин гьечIо
80 сантиметралъул борхалъиялда бараб гIаздадаса аэродром бацIцIад гьабизе тIубараб къо хIажалъизе бугин бицана аэропорталъул пресс-хъулухъалда.

Гьединго, кIудияб зарал ккун буго республикаялъул жанубияб рахъалде унел жамгIияб транспорт чIолеб автостанциялъеги. Гьелъул тIох тIун бачIиналдалъун гIадан-чиясе ккараб зиян гьечIониги, чанго автомобилалъе зарал ккун буго. Гьеб автостанциялъул нухмалъулез бицухъе, зарал ккаразе рецIел кьезе рагIула.

«Радал рокъоса вахъарав дица хIалтIуде щвезе бан буго 4 сагIат. Гьадинаб жо дида гIумруялъ бихьун букIинчIо», - ян бицана къалъудехун гурони хIалтIуде щвезе рес ккечIев Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул авар бутIаялъул нухмалъулев ПатахIов МухIамадица.

ПатахIов МухIамад: «РекIунеб-толеб жоги букIинчIого сепароторазул поселокалдаса ГIахъушиясул къотIнове щвезегIан вачIине ккана лъелго. Гьенибги чIезе ккана рекIине жо щоларого кIиго сагIатгун бащдаб. Нахаздасан хьвадизе санагIалъи букIинчIолъиялъ доба къан анир къан автомобилалги рукIана, цинги, рекIине жо щведал кIиго сагIат бана редукторазул поселокалде хIалтIуде щвезе. Гьелъ бицунеб буго гьадинаб къо тIаде бачIараб мехалде шагьар хIадурлъун гьечIолъиялъул».

Гьединабго хIалалъул бицана МахIачхъалаялдаса МухIамадова Мадинацаги. Гьелъ бицухъе, гIумру гьабун ругел бакIалдаса гIемер рикIкIад гьечIеб мактабалде лъимал рачун ун бажаричIолъиялъ итни къоялъ лъимал рокъорго хутIун руго.

МухIамадова Мадина: «Цо къоялъ лъимал мактабалде инчIого рукIиналъул къварилъи букIинароан, гьел рачун мактабалде ине нухдасан рилъине ресгIаги букIарабани. Нухал рацIцIад гьаричIолъиялда бан гали бахъизе бажарулеб хIал букIинчIо, тIадежоялъе, жамгIияб транспорт букIинчIолъиялда бан, нухазда чIарал гIадамазул гIемерлъиялъги битIахъе гIажаиблъизаруна. Гьале тIубараб къо ана, амма дида лъалеб ва бихьулеб Петрал цIаралда бугеб къватI бацIцIад гьабизеяли киса гурин, гIазугIаги рагIа-ракьанде хъвазе цониги машина яги трактор гьаб мухъалда бихьичIо».

Махачхъала. 2012 соналъул 17 декабрь.
Махачхъала. 2012 соналъул 17 декабрь.
ЦохIо Петрал цIаралда бугеб къватI гуребги, цогидал къватIалги рацIцIад гьарулел гьечIолъиялъул гIаразал руго гIадамазул. Щай гьедин бугебилан гьикъизелъун чанго нухалда хIалбихьана МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул магIишатияб бутIаялде кIалъазе. Амма кигIан хIаракат бахъаниги гьенисан жаваб кьолев чи ккечIо. Журналистазул суалазе жаваб кьезе заман батиларин, нухаздаса гIазу-цIер бацIцIунел ратилин тун рукIана. Бакъанидехун «Дагъистан» информалаталъе кьураб баяналда МахIачхъала къачIа-кIатIаялъул комбинаталъул нухмалъулев хисулев Брежнев Федорица абулеб буго гIазудаса нухал рацIцIад гьариялда хIалтIулеб бугин кинабниги 38 техникияб алат. Нухазде балеб бугила салигун цIам. Амма хас гьабун киб бугеб нухалде гьеб балеб бугебали гьес мухIкан гьабулеб гьечIо. Я Шамилил, я Г1ахъущиясул, ялъуни ХIамидовасул ва ниж щварал цо-цо цогидалги къватIазда гьабулеб хIалтIи бихьичIо. Тахшагьаралъул аслияб майданин абуни гIазудаса бацIцIад гьабун бугоан.

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG