МагъчIваялъе рес

ЦIалул идараби къачΙого, гьезие гIарац биччазе буго


Дагъистаналъул пачалихъияб университет
Дагъистаналъул пачалихъияб университет

Дагъистаналъул тIадегIанаб цIалул идараби къазе гьечIо, гьеб ккола гIицIго Россиялъул цогидал регионазда ругел идарабазда хъатIулеб суал.

Гьедин абуна гьал къоязда Дагъистаналде вачIиндал Россиялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министр Дмитрий Ливановас.
ЭР-ялъ цебеккун бицун букIахъе, исана ноябралъул байбихьуда Россиялъул гIелмуялъулгун лъай кьеялъул министерлъиялъ бахъун букIана улкаялда ругел пайда гьечIел цIалул идарабазул сияхI. Россиялда къуваталин рикIкIунел рукIарал тIадегIанал цIалул идарабиги Шималияб Кавказалъул ΙΙ идараги Россиялъул цIаулул идарабаз рагьарал жидерго филиалазул 25-ябги. Дагъистаналда гьеб сияхIалде ккун буго цIалул ункъо идараги, Ι4 филиалги, масала, ДГМА, ДГПУ, ДГТУ, ДагГАУ ва цогидал.

Гьединлъидал кватIичIого гьел къаялъул хIинкъиги букIана. Гьелдаса гьел хвасарлъизе бегьулаан 7 ноябралде Россиялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министерлъиялде гьез хасаб документ битIанани. Абулеб букIана гьениб хъван букIине кколин гьел цIалул идараби чара гьечIого къваригIун ругин Дагъистаналъе, социалиябгун экономикияб рахъалъ республикаялъе гьезул кIвар кIудияб бугилан. Амма хъванищ республикаялъул тIалъиялъ гьединал кагътал министрасухъе хъвачIебищали, Дагъистаналда жеги мухIканго лъаларо, амма Ливановасул идараялъ тIобитIараб цIех-рехалъ цIакъ кIудияб ахIи-хIур бахъинабун букIана жибго республикаялдаги, гьеб тун къватIибехунги.

Гьеб министерлъиялъул сияхIалде ккарал цIалул тIадегIанал идарабазул нухмалъулел, Масала, Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректор ГIусманов ГIабдурахIманица абун букIана гьеб кколин гIедегIалихъе гьабураб цIех-рех. Жидеца документал цIидасан ритIизе ругин Москваялде.

Кин батаниги, дагъистаниязул рахъалъ гIемер рагIизе бегьула республикаялъул цIалул идарабаз кьолеб лъаялдаса разилъи гьечIолъи. Гьелда бан нижеца гара-чIвари гьабуна ЛъаратIа мухъалъул лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулев ГьитIинов Рамазанилгун. Гьес абулеб буго МахIачхъалаялда цIалун рачIарал мугIалимзаби аслияб куцалда гьоркьохъеб лъай щварал лъикIал ратулин, масала, Буйнакскиялда бугеб педколледж.

ГьитIинов Рамазан: «Гьагъаб Буйнакскиялъул колледж лъугIарал мугIалимзаби гIемерго церетIурал руго».

Аммайин абулеб буго ГьитIинов Рамазаница киназего къваригIун бугила гьанже чара гьечIого тIад лъай щвезе, гьоркьохъеб махщалил лъай бугел чагIи ругила къанагIалъун.

ГьитIинов Рамазан: «Штукатурка гьабулел чагIи ратаниги, сантехникал ратаниги, гьагъаб канализация абулеб жо гьабулел ратаниги – гьединаб махщалил чагIи къанагIат гурони дандчIвалел гьечIо. Цо-кIиго чи ватила гьезул, гьедин гьелги генералзаби гIадин хьвадулел руго».

Жибго доб аслияб суалалде тIадруссани, ГьитIинов Рамазаница абулеб буго Дагъистаналъул тIадегIанал цIалул идарабазда бараб жо гIемер букIунарин, жалго гьенире цIализе лъугьарал гIолилазда гурони.

ГьитIинов Рамазан: «Цо-цо ракIрекъоларел идарабиги руго, битIараб бицани. Цебе гIадин ракIчIараб, лъикIаб лъай кьолеб гьечIо. Гьагъал коммерциялъул идарабазул гIемер лъикIаб хIал гьечIо. ГIадатиял, пачалихъиял идараби гьедигIан квешал гьечIо. Амма студентасе щолеб лъай цIалул идараялда бараб гуреб, гьезда жидедаго бараб буго. Дагьабниги лъаялда хадур лъугьарал, гьеб къваригIарал гIолилазе гIезегIан ресал руго лъай щвезе. Масала, халкъияб магIишаталъул институт абураб идара какула гьаз. Гъобагицин гIезегIан лъай щолеб буго студентасе къваригIани. ГьабсагIаталда нилъер гIадамазул цIакъ батIияб хасият лъугьун бугоха - чара гьечIого тIадегIанаб лъай щвезе кколин абураб пикру буго гьезул. Кин батаниги цIализе ине кколел руго, цIализе бокьичIониги. Хадуб диплом босулеб буго, амма гьелда рекъон хIалтIичIого, цояз бизнес кьабулеб буго, цогидал – цогидаб хIалтIуде руссунел руго».

Россиялъул цогидал цIалул тIадегIанал идарабазда цадахъ Дагъистаналъулалги къазе ругилан кIиго анкьалъ цебе бахъун букIараб ахIи-хIур хисун, Россиялъул министрас абуна къазеяли кирин гьел къалел, республикаялъул цIалул идараби церетIеялъе гIарацгицин кьезе бугин.
XS
SM
MD
LG