МагъчIваялъе рес

Петербургалда чIвана Дагъистаналдаса студент


Мурад Агамирзоев
Мурад Агамирзоев

Гьал къоязда Санкт-Петербургалда чIвана Дагъистаналдаса студент Мурад Агъамирзоев. Гьев цIалулев вукIана жанисел ишазул министерлъиялъул университеталда кIиабилеб курсалда.

Санкт-Петербургалдаса щварал баяназда рекъон, Мурад Агъамирзоев унев вукIун вуго жиндирго ункъгIалалда дандчIвазе. Гьеб мехалда гьесда тIаделъун руго кIигоял. Гьевги чIван тIурун ун руго. Абулеб буго гьеб тохлъукьего ккараб чIвай-хъвей гурин. Агъамирзоевасда хадуб халкквей чIезабун миллатчагIаз гьабураб пиша бугин гьеб. Амма гьеб наркоманаз гьабизеги рес бугин абулеб буго интернеталдасан Санкт-Петербургалда бугеб Дагъистаналъул диаспораялъул нухмалъулев ХIасан ХIасановас. Картаби хIан къурал наркоманазда цебе суал лъун батилила полициялъулав чIвазе. Агъамирзоевги жанисел ишазул министерлъиялъул университеталда цIалулев вукIаралъул.

Амма ЭР-ялъе баян кьолаго ХIасан ХIасановас тIадчIей гьабуна миллатчагIазул пиша гьеб букIиналда.

ХIасан ХIасанов: «МиллатчагIаз гурищ гьеб чIвай-хъвей тIаде босун бугеб? Гьедин цIалана дица интернеталдасан. МиллатчагIазул сайталда хъван буго гьедин. Гьелдаса тIаде цIияб жо дида жеги лъаларо. Гьев васасул ункъгIал йиго Санкт-Петербургалда гIумру гьабун. Эбел-эмен Дагъистаналда Дагестанские Огни абулеб шагьаралда руго. Лъида ва киб гьикъаниги сабруяв, гIодовиччарав вас вукIанилан, лъикIаб къимат кьолеб бугоан Мурад Агъамирзоевасе. Гьединлъидал лъилгунниги дагIба букIине рес гьечIо гьесул».

Гьедин бицана Санкт-Петербургалда вугев Дагъистаналъул диаспораялъул нухмалъулев ХIасан ХIасановас ЭР-ялъе.

МиллатчагIи цIикIкIарал Россиялъул шагьаразда гъорлъ Санкт-Петербургги рехсола цо-цо дагъистанияз. Амма цевехун рехсарав ХIасан ХIасановас абулеб буго миллатчагIаз кавказиял яги дагъистаниял чIвай гIадал хIужаби дагь кколин гьенир.

ХIасан ХIасанов: «ГьедигIан гIемер кколаро гьединал чIвай-хъвеял, яги миллатчагIаз нилъерал къварид гьарурал хIужаби. Нилъераз гьездасаги цIикIкIун гьарула Санкт-Петербургалда гъалмагъирал».

Россилда ругел миллатчагIазул пикру лъикIаб рахъалдехун хисизабизелъун гьел Дгаъистаналде гьоболлъухъ ахIизе кколин рикIкIунеб буго «ГIагараб Дагъистан» фондалъул нухмалъулев ХIабиб Давудовас.

ХIабиб Давудов: «Бищунго дандчIарал дозул анкьго-микьго чиги гьанивеги ахIун, гъозда бихьизабизе ккола нилъерго рукIа-рахъинги, гIадамалги, маданиятги. Бихьизабизе ккола нилъеца Россиялъул гIарац бикъулеб гьечIолъиги. Гьединго Россиялдаса рачIарал мугIалимзабазе Дагъистаналда монументал ран рукIинги. Гьеб мехалда пикру хисизе бегьула дозул. Гьебго жо гьабун букIана нижеца чIарадиселги лъарагIалги рагъизе ккараб мехалда.

Гьединго дица Кавказпресс сайталде кьун букIана дица Россиялда гьарурал гьикъа-бакъиязул хIасилал. КъанагIатги чияс Москваялда абун гьечIо жидеца дагъистаниязул хIурмат гьабулилан. Дагъистаниязул цониги чиясин абуни жал кавказияздехун квеш балагьулин абичIо. Нилъер гьаниб гьединаб жо гьечIо, доба буго».

Санкт-Петербургалда чIварав Мурад Агъамирзоевасул эбел-инсуца гIумру гьабулеб буго Дагъистаналъул Самур росулъ. Гьезул росуцояв Тимурица ЭР-ялъе бицана Агъамирзоевасул жаназа 20 февралалда бачIанин росулъе.
XS
SM
MD
LG