МагъчIваялъе рес

Жидерго рукъазул анищазда руго бесдалал


ГьитIинаб къоялдаса нахъе бесдалазда дандчIвалел захIмалъаби балугълъиялде рахун, лъималазул рукъ нахъа тун хадубги лъугIулел гьечIо. ХIукуматалъ бесдалал рукъалдалъун хьезари тIадаблъун бихьизабун бугониги, соналдаса соналде рукъ щвезе иргаялда чIарал бесдалазул къадар цIикIкIунеб буго. Дагъистаналда 2015 соналде кIиазаргоялдаса цIикIкIун бесдалал руго рукъ щоларогон.

Эбел-эмен гьечIогон хутIарал ва эбел-инсуца инкар гьабун тарал лъимал рукъзабаздалъун хьезаризе бихьизабураб программаялда рекъон, 2013-2020 соназда 3 694 бесдалал жидерго рукъзабаздалъун хьезаризе кколел руго. Гьеб программаялда рекъон, 2020 соналлде рукъ щвезе чIарал бесдаазул иргаби лъугIизаризе кколел руго. Амма соналдаса соналде гьеб ахIвал-хIал квешаб рахъалдехун гурого хисулеб гьечIила, иргаялда ругелги тIаде цIикIкIунел ругилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул Счетная палатаялъул Аудиталъул бутIаялъ. 2014 соналда жаниб рукъзабаздалъун программаялда рекъон 1103 чи хьезавизе кколел рукIун ратани, рукъзал хIакъикъаталда щун ругила гIицIго 260 бесдалазе.

Дагъистаналъул Счетная палатаялъул вакил Темирлан Расуловас баян гьабухъе, 2014 соналъ рукъзал швезе иргаялда чIарал бесдалазул къадар цIикIкIун буго, гьебго заманаялъ, программаялда рекъон гьеб мурадалда харж гьабизе биччан буго 1млрд гъурщидаса цIикIкIараб гIарац. 2015 соналде иргаялда кIиазаридаса цIикIкIун чи вугила. Гьединал хIасилал ккеялъе гIилла бугин мина-рукъалъул ва ракьалъул багьа бахун букIин ва киналгIаги шартIазда данде кколел рукъзал къанагIат гурого щунгутIийилан лъазабулеб буго гьес.

Бесдалазе хIукуматалъ кьезе кколел рукъзал киналгIаги квегIенлъаби ругел ва рихьизарурал шартIазда рекъарал рукIине кколин, амма гIемерисезе гьел яги басриял риххун инел бакIазда, яги квегIенлъаби гьечIел бакIазда шолин абулеб буго Салаватова Гажарица. Гажар гIун йиго Избербаш шагьаралъул лъималазул рокъой. Училищеялъул общежитиялда гIумру гьабун лъабго сон байдал гьелъие кьун буго жиндирго рукъ. Амма гьеб рукъ бугеб мина цIакъ чIунтараб ва басрияблъун рикIкIараб батидал, гIолилалъе тIокIаб батIияб кьезе рес гьечIин абун буго.

Салаватова Гажар: «Дие рукъ кьураб минаялъул цояб къед буго биххун ине хIадурун. Гьеб бакIалъул экспертиза гьабизе чагIи рачIун рукIана, 75 проценталъ гIумру гьабиялъул шартIазда данде кколареблъун рикIкIана гьеб мина. Шагьаралъул администрациялда дида абуна гьеб гуреб батIияб бакI кьезе рес гьечIилан. Диваналъ рукъ гIумру гьабизе хIинкъи бугеблъун рикIкIана ва гьелъул багьаяб гIарац кьезе бихьизабуна, амма администрациялъ рагIи кьуна киназего, гьеб минаялъуса цIияб минаялде рахъинарун, лъикIал ва квегIенлъаби ругел рукъзал кьезе ругилан. Гьалеха лъагIалидасаги балагьун чIун руго, амма сихI гьечIо. Дида бичIуларо, кин хIукуматалъ кьезе тIадаблъун гьабурааб жо кьезе рес гьечIогон букIунебали, къануналда рекъон хIалтIулел гьечIоха гьел».

ГIолилалъ баян гьабуна цо рахъалъ жий гIарз гьабизе нечолин, щайин абуна жинда лъалел гIемер гьединалго бесдалал ругила хIалтIун щвараб жоги кьун рукъзал ккун гIумру гьабун, гьезие гьединабцин щолеб гьечIила рукъ.

2015 соналъул май моцIалда Дагъистаналъул прокуратураялъ тобитIараб халгьабиялъул хIасилалда тIатинабун буго МахIачхъалаялъул шагьаралъул администрациялъ шагьаралъул Булачил къватIалда бесдалал рукъзабаздалъун хьезариялъул программаялда рекъон 2014 соналъ 46 чиясе кьурал квартираби документазда бихьизабураб квадратура бугеб гьечIелъи. Гьелда тIадеги минаялъул тIох чвахулеб батун буго. Гьединго рукъзабахъ бухIараб лъим ва цогидаб квегIенлъи батун гьечIо. Прокуратураялъ администрациялде лъазаби битIун букIанин гьел киналгIаги хIужаби лъугIизаризе рукIине ва гIайибиял тамихIалде ахIизе, амма гьениб щибго хисун гьечIин абулеб буго «Новое дело» газеталъул журналист РахIимат Адамовалъ.

Гьелъ республикаялда ругел бесдалазда хурхун чанго журналистикияб цIех-рех тIобитIун буго. Гьезул цояб хурхараб букIанила бесдалал рукъзабаздалъун хьезариялда.

РахIимат Адамова: «Дихъе редакциялде вачIун вукIана гIолилав, жиндие кьезе кколеб рукъ щолеб гьечIилан абун. Цо идараялдаса цогидалде витIулев вукIана гьев хIакимзабаз. Ахир къадги, гьесие рукъ кьуна, амма гьеб гIумру жаниб гьабизе бегьулеб гIадаб бакIцин букIинчIо. Регьелалъул ва басралъиялъул бицинчIониги, гIадатиял квегIенлъабицин гьечIеб бакI. МахIачхъалаяда чанго рукIана гьединал лъугьа-бахъинал. Дербенталда гьедино такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана шагьаралъул администрациялда тIад, бесдалазе рукъзал росизе биччараб гIарац цогидал хIужабазда харж гьабун батиялда бан. Гъаякент мухъалъул бетIер Ильмутдин ХIамзаев туснахъ гьавиялъе гIиллаги букIана гьебго, бесдалал минабаздалъун хьезаризе биччараб гIарцулгун хIиллаби гьарун рати».

2013 соналъ Бесдалал рукъзабаздалъун хьезаризе биччараб гIарцуе хIиллаби гьарун ратиялда бан ккурав Ильмутин ХIамзаев чанго моцIидасан, Россиялъул конституция къабул гьабуралдаса 20 сон тIубаялда хурхун лъазабураб амнистиялда рекъон къватIиве виччан вуго.

2015 соналда жаниб программа гIумруялде бахъинабизе биччан буго 232 млн. гъурущ, гьеб гIарцуде гIицIго 282 бесдалал гурого хьезарун бажарулел гьечIо рукъзабаздалъун. ХутIарал тIасияб соналъги иргаялда хутIулел руго.

XS
SM
MD
LG