МагъчIваялъе рес

Самуралъул лъедаса махIрумлъаразе зарал кколеб буго


МухIарамкенталда бачIин бакIари гуреб, гьелдаса хайир гьечIилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз. Самур гIурул лъим къо бахъанагIаг дагьлъун, магIишаталъеги гIадамазеги хIинкъи бугеб хIал бугила.

ЦерегIан къояз МухIарамкент мухъалда бачIин бакIарун лъугIун, хIасилал гьарун руго. Амма ракIалда букIараб бачIин кьолеб гьечIила ахазги ракьалъги. Гьелъ тIубараб республикаялъулго экономикаялде кьаби щвезе рес бугила. Гьедин лъазабулеб буго МухIарамкент мухъалъул бакIалъул гIадамаз.

БакIалъул гIадамазул рагIабазда рекъон бачIин щунгутIиялъе гIилла буго хурзал ахал лъалъазе лъим гьечIолъи. Кидагоги мукъсан букIараб Самур гIурул лъим тIубан мукъсанлъун бугилан абулеб буго гьез.

МухIарамкент мухъалъул тIалъиялъул баяназда рекъон кидагоги рукIун руго лазатбахъиял лъим сасаблъун мухъалда, Самур гIор кколила Дагъистаналъул гIор, гIицIго 37 километралъ гу­ро­ни гьеб чва­ху­леб гьечIила Азербайжа­налъул гIор­хъо­да­сан. Амма гьелъухъ хал­гьа­бичIого, лъел нахърател Азербай­жа­налъги Да­гъис­таналъги бащад хIал­­тIи­за­бу­лаанила.

Россиялъулгун гьабураб къо­тIи­ги хвезабун, лъел сверункъай гIа­тIид гьа­­­биялъул мурадалда гидро­узел цIи­­­гьабун къачIаялъе ахирисел со­­наз жигараб хIалтIи гьабун бугила Азер­­­байжаналъ. Гьеб киналъго Му­хIа­­рамкент рай­­о­­­­налъе гьабун бугин кIу­­­­дияб за­ра­линан бицана «Эркенлъи» радиоялъе МухIарамкент мухъалъул росдал магIишаталъул нухмалъиялъул вакил Ибрагьимов Насирица.

Самур гIурул лъим хIалтIизабулеб Самур абураб росдал жамагIаталъ лъазабулеб буго бачIин ракьалдаго бакъван лъугIанилан, гьелъие гIиллаги бугила риидалил моцIгун бащадаб гIанасеб мехалъ лъел къатIра букIинчIолъи гIурул бакъвараб мохъ гуреб. Росдал бетIер Рамазанов Мусабегица бицана жидеца президентасухъе кагъат хъвалеб бугин гьеб суал борхун. Дагъистаналъул бетIерасухъе хъвараб кагътил щибго хIасил ккечIолъиялъ. Гьадин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Рамазанов Мусабег: «Нижеца сверухъ ругел росабазул жамагIаталги ракIарун чанго нухалъ гьоркьоб лъуна гьеб суал, амма нижеда гьабун щиб бажарилеб? Россиялъ тIалаб гьабизе кколаан гьеб суалалъул. Нижер исана тIорщел бухIун лъугIана, гIиллаги гьелъие буго гIурул лъим тIубан тIагIун букIин. Азербайджаналъул рахъалъ гIицIго 32% гурого хIалтIизабизе бегьуларо гIурул лъел, хутIараб лъим ккола нижер. Амма кидагоги гьез гьеб гIемер хIалтIизабулааню Гьанже, дагьаб цебегIан, вертолетал тIад сверун бухъ-бухъун гIатIид гьабун буго гидроузел. Гьелъ лъим тIубан тIагIун букIуна. Нижеца хъвана кагътал ГIабдулатIиповасухъе, гьанже Путинихъеги хъвазе буго. ХIасил ккелилан хиялго хутIун гьечIо»

Интернет-жамгIияталъ гьединго гIемер бахIсал тIоритIана гьеб суалалда тIасан, масала «Горец» абурав чияс хъвалеб буго Дагъистаналъул тIалъиялъе Путинида берцин рихьаралдаса жидерго халкъалъул ургъелго гьечIин. Щайин Дагъистанияз Путиние Россиялъул БахIарчиясул цIар кьеялъе гъулбасал ракIарулеб бакIалда Самур гIурул лъим, къанун цIунун, Дагъистаналъе тIалаб гьабейилан ракIаруларел гьел гъулбасал абун.

ЖамгIияв хIаракатчи Руслан Гереевасул рагIабазда рекъон, гьеб лъим биччаларого I0 соналдаса цIикIкIун буго, гьеб сабаблъун кколеб бугила кIудияб зарал. Самур гIурул суал кколила халкъазда гьоркьосеб , амма гьелъул агъаз гьабулеб гьечIилан бицана гьес. Гьединго Гереевас бицана чанго батIиял экспертазул хал\гьабиязул хIасилазда рекъон, МухIарамкент мухъалда ракьазда гъоркь бакIарулеб бугила цIамгIаб лъим. ГIурул лъеца цебе гьеб билъун бачун унеб букIун батани, жакъа гьеб лъим кибего инчIого бугила ва гьелъ сверухъ кинабго тIабигIат хвезаби гуребги гIадамазеги зарал гьабизе рес бугилан.

Ахирисел лъазабиязда рекъон, Самур гIоралъул лъин бикьиялда сверун халкъазда гьоркьосеб комиссиялъул данделъи тIобитIизе буго 19 сентябралда. Гьелъул хIакъалъулъ «Кавказский узел» сайталъе лъазабун буго Россиялъул лъел сурсатазул федералияб агентлъиялъул вакилас.

XS
SM
MD
LG